ЧIарадисезул гьунар — миллаталъул бечелъи

Республикаялъулго гьумер берцин гьабулеб буго нилъер маданияталъул гьунарчагIаз. ГIагараб ракьалда кьучIги лъун, гIатIилъухъе боржараб чIарадисезул хоралъ, чIагояб гьаракьалъ бакъан биччалел кочIохъабаз, фольклоралъул гIахьалчагIи церерахъиналъ бечед гьабула кигIан кIудиябги тадбир.

 

ЧIарадисезул хоралъул гьунар бихьизе рес щолеб буго республикаялъул батIи-батIиял районазул, шагьаразул гIадамазе. Гьаб гIагараб заманалда, жидерго концерта­лъул программагун чIарадисезул хор гIахьаллъана Избербашалда, Хьаргаби районалда, МахIачхъалаялда тIоритIарал тадбиразулъ.
Дагьалъ цебе Авар театралда букIараб магIарул мацIалъул фестивалалда гIахьаллъи гьабуна нилъер районалъул культураялъул ва искусствоялъул хIаракатчагIазул кIудияб къокъаялъ. Гьелдаса кIудияб ра­зилъиги загьир гьабуна фестиваль гIуцIараз, МагIарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ.
Автономиялъул рахъалдаса бар­калаялъул кагътал ва сайгъа­тал кьуна районалъул бетIер Му­хIидин МухIамадовасе, чIа­ра­дисезул хоралъе, ДРялъул мус­та­хIикъай артистка Жавгьарат ХIа­санхIусеновалъе. МагIарулазул авто­номиялъ щибаб лъагIалие кьолеб бищунго тIадегIанаб «Миллата­лъул чIухIи» шапакъаталъе исана мус­тахIикълъана ДРялъул Халкъия­б Собраниялъул депутат, меценат Му­хIамад СагIадулаев, тариха­лъул гIалимчи, публицист ШагIбан ХIа­пизов (Маркъо ШагIбанов)
Баркула къадруял ракьцоязда тIадегIанал шапакъатал.