Пикрабаз цIунула шигIру, шигIруялъ цIунула пикру

 

ШагIирасул «Рекалабаздаса»:
*
Дудаса тIокIазда хIалхъублъичIого, 
РухIдаллъизе кIвани, кIодолъила мун.
*
Малъулел гIемерлъун, кантIулел дагьлъун,
Киналго гIакъиллъун, гIадлу хун буго.
 

Миллаталъул аслу лъугIи – бищун кIудияб балагь
 
— Нилъер миллаталда рихьана кIудиял балагьал: рагъалги, унтабиги, ва цогидал къварилъабиги. БахIарчиял умумуз хIехьана ра-къиги, къечги, кIудиял къварилъабиги. Амма гьеб киналдасаго бергьине буго мацI лъугIи, тIагIин. МацI лъугIани, лъугIизе буго миллаталъул аслу, бакъвазе буго гьелъул кьучI, — гьадин байбихьана МухIамад ПатахIовас диргун гара-чIвари.
МухIамадил цIар лъала магIарул адабият бокьулел, гье-лъул унго-унгояб магIна лъалел магIарулазда. ГIемерал соназ гьев хIалтIана «ХIакъикъат» газеталдаги. ГьабсагIаталда хIалтIулев вуго магIарул мацIалда бахъулеб  «Гьудуллъи» журналалъул редакторлъун. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магIарул мацIалъул секциялъул нухмалъулевги ккола гьев.
— Рахьдал мацIал цIуниялъул суал гьанжеялдаса 40-50 соналъ цебего баккун букIана. Гьелъие нугIлъи гьабула ХIамзатил Расулица хъвараб «Авар мацI» кечIалъги. Бихьулищха, жакъа-ги гьелъул бицунел хутIунги руго нилъ. Гьеб суалалда тIад ракIунтарав хIакимги ватулев гьечIо. Рахьдал мацI лъайги гьеб мацIалда кIалъайги гьезул цо-цояз щаялиго къабихIаб ишлъун рикIкIунеб буго, — ян бицана шагIирас. — Камилаб интеллигенциялъулги къуватго гIолеб гьечIо гьеб цIуниялъе хIалтIаби гьаризе ва гIуцIизе.
Щивав чиясул рекIелъги бидулъги мацIалде бугеб рокьи бессун гьечIони, кинаб бугониги хIасил ккезе гьечIо гьабулеб хIалтIул. Щивасда бичIчIизе ккола рахьдал мацI гьечIого жив тIуваларевлъи. Масала, кигIан сурунха букIинеб магIарул чиясда зигара гIурус мацIалда гьабизе ккараб мехалда: — Примите соболезнования, яги эбел хварай магIарул яс «мама» абун гIодулей цебечIезабизе кIолеб гьечIо. Гьеле гьелде рачIинеги руго нилъ. ГьабсагIаталда гIемерисел гIолил васал уна мажгитазде, кIвар кьун гIенеккула гьенир гьарулел вагIзабазухъ. Щай гьенибги бицине бегьулареб рахьдал мацIалъул хIакъалъулъ. Учительзабаз эбел-инсуде, эбел-инсуца учительзабазде тIамун, мацIалъул иш тани, нахъа кватIизе руго…
МагIарулаз байбихьун буго диктант хъвазе. Гъоркьисаги гьеб хъвана МахIачхъалаялъул тарихалъул паркалда. Щай бегьилареб гьединго данделъизе ва сочинение хъвазеги. Гьелъ дагьабги борцинаан мацI лъаялъул даражаги. Дида ккола диктант хъвазе мацI лъалев чиясе гьедигIан захIматаб жо гьечIилан, сочинениялъ бихьизабизе буго кин нилъеда мацI лъалеб бугебали.
 
БолмацIалъ щула гьабула адабият
 
— Къварилъиялъулъги гIатIи-лъиялъулъги магIарулал цолъизаруна болмацIалъ. Гьеб щула гьабуна адабияталъ. Жакъаги къуват буго шагIирасул рагIул.
Нилъер адабияталда абадиялъго рукIине руго, масала, Кудалиса ХIасанил (исана гьев гьавуралдаса тIубала 305 сон), Къудукьа Мусаласул (исана 370 сон тIубала гьев гьавуралдаса), Инхоса ГIалихIажиясул (исана гьев гьавуралдаса тIубала 174 сон) асарал. Мисалал дагьалги рачине бегьула. Гьеле гьединаб кутакаб букIуна унго-унгояб рагIул къуват. Гьанже рачIаха дандекквезе жал шагIирзабиян ахIдолезулги гьезулги шигIру.
Цо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго дие: гьабсагIаталда нилъеда, хасго гIолилазда, лъала бидул тIадецуй борцинеги, уколал гьаризеги, капельницаби лъезеги, щиб унтуе щиб дару ре-къолебалиги. Дидаги лъала гьеб кинабго, бетIер унтани, диего къваригIунеб даруги лъала. Дунги тохтурищха кколев!?
Дидаги унго-унгояв тохтурасдаги гьоркьоб кигIан кIудияб батIалъи бугеб батаниги, гьеле гьединаб кIудияб батIалъи буго профессионалияб поэзиялдаги гьанжесел «шагIирзабазул» кучIдуздаги гьоркьоб. Жакъасел «шагIиразабазул» буго кIиго гъалатI: гьезда лъалеб гьечIо хъвадаризе. Гьеб тIоцебесеб. КIиабилеб босани, гьездаго лъалеб гьечIо жидедаго хъвадаризе лъангутIиги. Цоцазулги цогидазулги  мухъалги рикъулел руго цIоб тун.
Поэзиялъул буго цохIо жиндиего хасаб мацI. Гьелъ батIа гьабула гьеб прозаялдаса. Гьеб
балъголъиялда хадур гъечIони, шигIрабаз каранда цIа гьелегьинабуларо.
Нилъее, магIарулазе, ТIадегIа-насго кьураб пагьму буго кечI хъвай. Гьеб хъвачIев цониги магIарулавги ватиларо. Киналго кучIдузул гуро шигIру лъугьунеб. Цо-цоязда квешги букIина гьеб. Амма гьедингIаги абичIого тIубалеб хIалги гьечIо. Бокьун гьечIо дие миллияб адабият загIиплъизе, — ян абуна МухIамадица гара-чIвариялъул ахиралда.
 
МацIазда хурхарал къецаз мацIал церетIезарула
 
Рахьдал мацIазул къецаз мацI лъай цебетIезабулинги абуна шагIирас:
— Районазулги буго кIудияб кIвар мацI цIунун хутIиялъулъ. Щай бегьилареб, масала, кинаб районалда шагIир гьавун ватаниги, гьеб районалъ къецазда бергьаразе премия кьезе. Гьеб гьедигIан захIматаб иш гуро. Масала, гIолилазда ва цIалдохъабазда гьоркьоб.
Бищун лъикIаб сатирикияб асаралъул конкурсалда бергьаразе кьезе бегьула ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб премия, лъикIаб прозаялъухъ — Муса МухIамадовсул премия, шигIрияб асаралъухъ — ХIамзатил Расулил яги Фазу ГIалиевалъул цIаралда бугеб премия. Дида ракIалде ккола гьединал тадбираз гьезулъ мацIалде рокьи бижизабилилан.
Бицана МухIамадица ракIунтун сверухъ ругел ургъел-гьечIолъиялъ унтун ругезул хIакъалъулъги. Бихьулеб букIана рахIат гьечIел шагIирасул пикрабазул хIалуцинги, мацIалъул ва адабияталъул букIинеселъ гьесул рахIат хвезабун букIинги. Макъалаялъул ахиралдаги лъолел руго шагIирасул «рекалаби».
 
Цо-цо гIадамазул
гIумруго уна,
ГIаздада жидерго
цIарал хъвалаго.
***
БитIараб тIилалъул
рагIад гьетIани,
ГьетIараб тIилица
тIалъи босила.