ШартIал гIуцIун ругониги…

Рахьдал мацIазул халкъазда гьоркьосеб къоялъул хIурматалда, 19 февралалда ДРя-лъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналъул халкъазул мацIазулгун адабияталъул гIалимзабиги, республикаялъул вузазул преподавателалги, школазулгун школалда цебесеб лъай кьеялъул идарабазул педагогалги. 
Конференция нухда бачана ДНИИПалъул директорасул ишал тIуралей Меседу Шурпаевалъ. Гьелъ бицана 2019 соналда институталда гьарурал гIелмиял цIех-рехазулги, хIадурарал цIалулгун методикиял тIахьазулги, программабазулги хIакъалъулъ. «Дагъистаналда гIуцIун руго рахьдал мацIазда лъималазе лъай щвеялъул рахъалъ киналниги шартIал – къабул гьарун руго гьеб рахъ тартибалде бачунел къануназулгун нормативазул документалги. 2019 соналда ДНИИПалъул гIалимзабаз хIадурана ва «Просвещение» басмаханаялда къватIире риччана байбихьул школалъул цIалдохъабазе рахьдал мацIазулгун адабияталъул цIалул тIахьал. ХIадурун руго берцинхъваялъул ва хIалтIул тетрадалги, методикиял пособиялги», — ян бицана М. Шурпаевалъ.
Школазе рахьдал мацIазул учительзаби хIадуриялъул хIакъалъулъ бицана ДГУялъул филологияб факультеталъул профессор, филологиял гIелмабазул доктор Муса БахIамадовас. Гьес абуна соналдаса соналде дагьлъулеб бугин РДОялда цIализе рачIунел гIолилазул къадар ва рехсана гьелъие ругел гIиллабиги. Масала, учителасул махщалил къадру гьечIолъи; учительзабазул харжал мукъсанал рукIин ва цогидалги.
Гьединал гIиллаби сабаблъун, масала, гъоркьиса цониги абитуриент вачIун гьечIо лезги мацIалъул группаялде.
Рахьдал мацIалъул дарсал кьолаго дандчIвалел масъалабазулги хIалтIизарулел методикиял къагIидабазулги хIакъалъулъ бицана щибаб мацIалъул секциялъул дандеруссиналда. Конференциялъул хIасилалда къватIибе биччазе буго методикиял макъалабазул мажмугI.