МугIрул тун авлахъалде гочарал магIарулал

 МагIарул районаздаса гIатIиракьалде гочарал магIарулазул гIагараб мацIалде бугеб гIажаибго недегьаб рокьуца ракI бохизабуна Хасавюрт районалъул Кокрек росдал школалъул учительзабазул ва цIалдохъабазул церерахъиналдаса хадуб.
  
Гьенир данделъун рукIана магIарул мацIалъул гъасда цоги нухалда бакараб цIадухъ хинлъизе. АхIулаго магIарул кечIгун, кьабулаго къалигун, дандчIвай гьабуна гьез хIурматиял гьалбадерида. МагIарул мацIалъул байрамалде ахIун рукIана шагIир ТубхIат Зургьалова ва «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.
ЦIалдохъабаз ва учительзабаз ахIана ва рикIкIана магIарул шагIирзабазул кучIдул. Гьединго гьез кIвар кьуна исана юбиляраллъун кколел ТубхIат Зургьаловалъул ва Шамил МухIидиновасул махщелчилъиялде, бицана гьезул асаразул ва гIумруялъул хIакъалъулъ. ЦIалдохъабаз суалалги кьуна ТубхIатие. Гьелъги бицана магIарул адабияталъул хIакъалъулъ, жиндирго кучIдулги цIалана шагIиралъ байрамалъул гIахьалчагIазе. Гьединго магIарул мацIалъул тадбиралде рачIаразда байрам баркана школалъул директор Халид ГIумаровасги.
МагIарул мацIалъул байрам гIуцIизе квербакъарал учительзаби ПатIимат НигIматулаевалдаги, Сагибат БахIарчиевалдаги, Загьрат МухIамадовалдаги, Муи Юнусовалдаги, ПатIимат АбутIалибовалдаги, Наида Мехдиевалдаги нижецаги баркула рахьдал мацIазул байрам.