Диктант хъвазе данделъана

ЦерегIанго къоязда «Россия — дир тарих» абураб парк-музеялда тIобитIана ГIахьвахъ районалъул маданияталъул ва искусствоялъул къоял. Тарихияб музеялда гIуцIун букIана районалдаса рахъарал машгьурал художникал ГIабдулатIип Ашибовасул, ГIабдулмутIал НурмухIамадовасул, Чакар ТIалхIатовалъул, Камал Тархол хIалтIабазул выставка, тIабигIиял, тарихиял памятниказул суратазул, гIурус, авар, кIкIаралазул, гIахьвалазул ва багвалазул мацIазда къватIире риччарал тIахьазул ва цIалулгун методикияб литератураялъул выставкабиги.
 
Къокъабго цеберагIигун дандеруссин рагьана Россиялъул халкъазул маданияталъул ва гIадатазул районалъулаб централъул нухмалъулев Денга Махиевас.
Данделъиялда кIалъана ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамадзагьид Муслимов, «Россия – дир тарих» парк-музеялъул директорасул заместитель АхIмад Къурбанов, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул рахьдал мацIазул ассоциациялъул президент, РАНалъул член-корреспондент ХIажимет СафаргIалиев, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул управлениялъул начальник МухIамад Дайтбегов, Халкъияб Собраниялъул депутат ИсмагIил МухIамадшарипов, «КIаратIа» обществоялъул председатель ХIайбула ХIайбулаев, «Ашвадо» газеталъул бетIерав редактор Макъсуд ХIажиев.
Данделъаразе кIкIаралазул, гIахьвалазул мацIазда кучIдул цIалана КIаратIа росдал школалъул, Къамишхъутаналъул гимназиялъул цIалдохъабаз, КIаратIаса рагIул устар Гъазияв Гъазиевас, Кванкъеро росулъа шагIир, «ГIумруялъул лъалкIал» тIехьалъул автор НурмухIамад Расуловас.
МацIазул байрамалъул гIахьалчагIаз кIудияб асар гьабуна «ГIахьвахъ» фольклорияб коллективалъул церерахъиналъ. Гьелъул нухмалъулей ккола ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан Жарадат Анварбегова. «Россия – дир тарих» парк-музеялъул залалда гIахьвалаз ва кIкIаралаз жиде-жидер мацIазда хъвана гIаммаб диктантги. ГIахьвалазул мацIалда диктант тIобитIана ДГПУялъул кафедраялъул доцент, филологиял гIелмабазул кандидат Индира ГIабдулаевалъ ва ГIахьвахъ районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей, филологиял гIелмабазул кандидат Зайдат Шамхаловалъ, кIкIаралазул мацIалда – Каримат ГъалбацIовалъ.
Бищунго дагьал гъалатIал риччаразе комиссиялъ кьуна ХIурматалъул грамотаби ва сайгъатал.