ГодекIабазул дарсал

Цебе магIарухъ годекIаниб бижулаан кIудияб гIакъиллъи.Гьенир данделъарал гIолилазе цIикIкIараб гIелалъ кьолаан гIумруялъул дарсал. Гьанже къанагIатлъун руго магIарухъги годекIабахъ гIодор чIолезе кьолел гIумруялъул дарсал. Цо-цо мехалда ракIкъварилъизеги бачIуна, чIорогоял годекIабазда берчIвайдал. Амма нилъер щивасул рекIелъ рикIахъе хутIун руго гьенир рижарал дарсал. Гьел дарсазул тIираби щун руго жакъасеб гIолохъанаб гIелалъеги. Рокьула дие ракI-ракIалъ жакъасел гIолилал. ГIумруялде гьезул бугеб рокьухъги, кIудияздехун бугеб адаб-хъатиралъухъги гIелмуялдехун бугеб гIищкъуялъухъги. Цо-цояз абизеги бегьула гьеб гьедин гьечIин, жакъасел гIолилал гьединаб рецц-бакъалъе мустахIикъал гьечIилан. Валлагьги ругелха! Щибаб заманалъул щибаб гIелалда рукIана квешалги лъикIалги. Гьелъ гурелъулха борцунеб гьезул тарбия. Батиларо гьезулги кинабго щвалде щвараб.
Араб гIасруялъул дол хIабургъарал 90-абилел соназ цо-цояз абулеб рагIулаан гьанжесел гIолилазул ватIаналде рокьи гьечIилан. Гьоркьоб заман иналде, гьезул цо-цоял къанщана гIагараб Дагъистаналъе гIоло. Гьеб гурищ ватIан бокьи. ЧIухIизе бачIуна Россиялдаго бищунго гIолохъанав гIелмабазул доктор Дагъистаналдаса вукIиналдасаги. Дунялалдаго машгьурав ХIабиб НурмухIамадов речIчIизе вачIунелъул, гьесда цадахъ бачIуна Дагъистаналъул махI. Дагъистаналъухъ урхъарай гIолилалъул рагIабазда ахIулеб кечIгун гьев цеве вачIиндал, чIухIиги рохелги рещтIунарищ нилъер ракIазулъ. Гьеб гурищ ватIанги халкъги бокьи! Шагьаралъул маршруткаялда рекIун унелъулги, рихьула гIолилазги цо-цо чIахIиязе кьолел гIумруялъул дарсал. Масала, цо къоялъ радалго маршруткаялда рекIун хIалтIуде уней йикIана. Цо гIаданалъ, гьелдаса гъоркье лъугьунаго, шоферасухъе кьуна щунусго гъурущ. Жеги макьидаса берцинго вигьун вукIинчIеб къагIидаха, гьес ахIи-хIур бахъинабуна гьей цIикIкIарай гIаданалде, рогьиналде гьеб гIарац хисун жиндихъа бажаруларилан. Шоферги гьелъулго ригьалъул вукIана. Амма гьебсагIатго цо гIолилас бахъун кьуна чIужугIаданалъухъ гIарац. Ва хIеренго гьелдехунги вуссун абуна, гъоркье лъугьайилан, сундулго ургъел гьабугейилан. Шоферасул цIаралдасан гьелда тIасалъугьайиланги гьарана гьес. Цо къоялъги щвана дун тукаде. Гьенир даран гьабулел гIадамалги рукIана. Цо гIурус гIаданалъ жинцаго босараб цо жо нахъе кьолеб букIана, гIарац гIолеб гьечIиланги абун. Амма гьеб параялъ аскIой эхетун йикIарай цо гIолохъанай ясалъ гьей гIурусалъе босараб жо нахъе кьезе биччачIо, гIарац жинцаго кьуна гьелъухъ. Гьей гIаданалъул бадиса магIу гирун бачIана, баркала Дагъистаналъе гьадинал гIолилазухъиланги абун. Гьединал мисалал гIемер рачине бегьула. Гьединго рачине бегьула бахьикъосарал мисалалги.