Намусалдаса нафс бергьаразе дарс

МагIарулазе цIияб спектакль хIадурулеб буго Авартеатралъ.

Гьаб анкьил итниялъ букIана, сдача спектакля абун театралияб искусствоялъул гIадамаз абулеб, гьелъул цебелъей. ЛъарагIазул драматургас хъвараб «Намус» пьеса сценаялда лъун буго режиссер-постановщик ГIалисултан Батировас. ХъантIиялъ намусалдаса нафс бергьараб, ракIал рицалъараб нилъер заманалъул гIузраби рагьулел руго цIияб спектаклялъ.
Щиб жоха гьеб цебелъеяли ракIалдещвезабизин цоги нухалъ. Халкъалъе рагьилалде режиссерас жиндир хIалтIул хIасил бихьизабула, хасгьабун гIуцIараб худсоветалдагун коллективалда цебе, гьенирего ахIула театралияб искусствоялъул махщелчагIиги, гьелъие къимат кьезе лъалел гIадамалги. КигIан гIемераб заманалъ тIад хIалтIараб, цIикIкIун харжал гьарураб бугониги, спектаклялда гIумруги бихьуларо худсоветалъ гьеб къабул гьабичIони.
ГIиси-бикъинал гIунгутIабазде режиссерасулгун актеразул кIварги буссинабун, «Намус» спектаклялъе нух рагьана къимат кьолез. Гьенир гIахьаллъана пьесаялъул автор ва ЛъарагIазул театралъул махщелчагIи, режиссерас ахIун рачIарал магIарул театр бокьулел, бичIчIулел машгьурал гIадамал.
ГIемер кватIизе батиларо Батировас лъураб цIияб спектаклялъул премьераги.