МагIарул музыкалияб маданияталда шагIиралъул саринал

МагIарулазе йокьулей шагIир-забазул цояй йиго ТубхIат Зургьалова.

Гьелъул цIар ба-хъарабги гIола – магIарулазул гьурмазда гьими басандула. Къваридазе дунялги гIатIид гьабула гьелъ, гьезул рохелалда жиндирго сариназул маржаназул куназ талихIалъул тIугьдулги рекьула гьелъ. ТубхIатил лирикаялъулъ нилъеда батула цIакъго бацIцIадаб рокьул гIидра. Гьелъул ватIаналде бугеб гIищкъул ахIилъун ккола имам Шамилги, ХIажимурадги, АхIулгохIалъул бахIарчиял руччабиги, гIагараб Дагъистанги, магIаруллъиги, гьелда нур базабулел магIарулалги. ШагIиралъул шигIраби нилъгун руго.
МагIарул адабияталда буго ТубхIатил шигIрабазул улкаги, жиндирго хаслъигун, рокьигун, рохелгун, рогьелгун.
Дие ракIалдещвезабизе бокьун буго гьеб улкаялдаса шигIраби магIарул кочIол гъасде роржунел рукIинги. Ва цIидасанги рагIула нилъеда йокьулей шагIиралъул хIайранаб гьаракь…
МагIарул кочIолаб маданияталда хасаб бакI ккола ТубхIатил сариназ. Гьез цин рачуна гIищкъуялъул цIурал тIогьолал байдабазде, гьоболлъи бала рокьул куназ накъищал угьарал анищазухъ, заманалдасан гьел гьелчола ва цIакъго чIухIун бицуна магIарул росабазул къисаги, магIарулазул гIумруялъулги, ватIаналъулги, тарихалъулги хIакъалъулъ.
ТубхIат Зургьаловалъул кучI — дузе роржен кьуна МухIа-мадтIамир Синдикъовас, АхIмад Закариевас, Эльмира Аминовалъ, АхIсарат МухIамадовалъ, Аминат Махаевалъ, Апанди МухIамадовас, ХIажилав ХIажилаевас ва цогидалги магIарул кочIохъабаз.

«Къоязул маржанал гарбидаги ран…»

ТубхIатил буго гIажаибго недегьаб поэзия. Гьелда кIола лъималазул ракIал реэдизеги. Киназухъаго гуро гьеб бажарулеб, амма шагIиралъулъ буго цо балъголъи, лъимал асир гьарун бажарулеб. Гьей гIемер щола нижехъе школалде, лъималазулгун ва цIалдохъабазулгун дандчIваязде. Йокьулей шагIир ячIараб къо нижее байрамалде сверула.
Дагьаб цебегIан букIана, шагьаралъул школазда гьоркьоб тIобитIулеб, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул ва шагIирзабазул асарал кьочIое росарал къецал. Гьел, театралияб къагIидаялъ гIуцIарал къецазда гIахьаллъулелъул, нижер школалъул цIалдохъабаз бихьизабуна шагIиралъул «Дир гьайбатаб Алипба» тIехьалъул кьучIалда хъвараб спектакль ва мустахIикълъана лъабабилеб бакIалъе.
Гьединго кIудияб асар гьабуна дие «Маржанал» тIехьалдаса кучIдузги. Хасго «Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз» ва вацасул хIакъалъулъ хъвараб «Яцалъул саринал» кучIдуз.

Шамсигат Майндурова,
МахIачхъалаялъул №11 гимназиялъул авар мацIалъул ва адабияталъул учитель

Заманаги, дунги, дир Дагъистанги…
 
ТубхIат йиго жакъа шагьаралъул цIалдохъабазе йокьулей магIарул шагIир. Кида ва кие ахIаниги, гьелъ инкар гьабуларо. Кидаго урхъун рукIуна гьей йихьизе. ЦIалдохъабазда жалгоги ратула гьелъул шигIрабазулъ. Гъоркьиса шагьаразул школазда гьоркьоб тIобитIараб шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул кучIдуздаса гIуцIараб литературиябгун музыкалияб композиция бихьизабуна дир цIалдохъабаз, ва гьезие щвана тIоцебесеб бакI.
Дие кIудияб асар гьабуна шагIиралъул «ХIажимурад» кечIалдаса бахъараб видеоклипалъ. Гьелъ цоги нухалда нахъехун регана магIарул бахIарчияб тарихалъул тIанчал.
 

Эльмира Жамалова,
МахIачхъалаялъул №8 лицеялъул Дагъистаналъул адабияталъул учитель

Дир ТубхIат

— Салам, ТубхIат!
— ЙорчIами, хирияй.
ТубхIат, дур гьаракь рагIидал, дуниялго роцIунеб куцха дие. Гьале жакъаги гьуинал пикрабалъ мунгун йиго дун. Нахъехун регулел руго дирго гIумруялъул тIохьол тIанчал. Гьенир руго дур шигIрабаз хъварал гьурмалги. Гьенисан гьимулел руго дие дур саринал. Гьез ракIалдещвезабулеб буго гIолиллъиялъул гIидраги, гьенир тIегьазе къуват гIечIел гIишкъул тIугьдулги.
Миллаталъул ургъелазул угьиялъ рижизарурал гьал цоял сариназги гьурщулеб буго дур рекIел хIал. МагIарул руччабазул къисматги бе-кIкIана дуца цIалдолезул ракIазулъ, эбелалъухъ чIвараб дур чIегIераб кIазил махI абадиялъего бессун хутIана дир тIолабго чорхолъ.
ГIисинлъималазул кIалдиб гьоцIо хъвана дур «Дир гьайбатаб Алипбаялъ». ГIисинал гьудулзабазе дуца рагьана магIарулазул хIикмалъабазул цIураб дунял.
Миллаталъул гъасде дуца данде гьарурал гьезул лъай-хъвай ккана магIарул тарихалъулгун, маданияталъулгун, гIадатал-гIамалалгун.
Дуца магIарулазе бицана миллаталъул чIухIилъунги бухIилъунги кколев ХIажимурадил къиса.
Амма цо-цо мехалда ракIги къварилъула цо хасаб гугьаралъул кьер чIвараб дур берцинаб гьурмадасан, гIанабиги чурулаго, гьулчун бачIунеб магIил гIор бихьидал. Гьеб угьдулеб буго чIван лъолеб ритIухълъиялъухъ. Гьединго гьеб нажасалъ чанги лъукъана лъимадул гIадаб хIеренаб, недегьаб дур ракIги, чанги чIор речIчIана дур пикрабаздаги.
Амма дуе къуват кьуна гIагараб халкъалъул дуде бугеб гIажаибго гвангъараб рокьиялъ. Гьелъго
батила мун цIунарайги гIумруялъул гьураздасаги гIазу-цIералдасаги.
Гьелъул кумекалдалъун цIидасанги тIирщула дулъ роолги ихдалилги тIугьдул.
Мун йиго рохалил бакъалъ цIурай шагIир. Гьеб бакъул чIорал киналго магIарулазе рикьизе хIадур йиго мун. Гьезул щибалъулги буго цо хасаб кунчIи. Гьеб кунчIи рекIелъ ккун, щола дур саринал магIарулазул гъасде. Гьез бицуна миллаталде бугеб рокьул цIураб дур рекIел хIалги.
Дур юбилеялъул заманги гIагарлъулел гьал къояз гьаризеги бокьун буго дур гIумруялъе даимаб рогьелги, къисматалъе абадияб ихги, пикрабазе гьарзалъиги.

Шамай Хъазанбиева