Миллияб маданияталъул гъанситохъ

Санайилго гIадин, 2019 соналъги Дагъистаналъул адабияталда ва маданияталда хурхарал тадбирал гIезегIанго тIоритIана МахIачхъалаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда.

 

Рехсарал темабаздаса республикаялда бугеб рухIияб цебетIей яги масъалаби рагьула интеллигенциялъул вакилзаби, гьунар-мащалил къимат лъалел дагъистаниял ракIарарал данделъабазда. Гьел тадбирал лъикIаб даражаялда гIуцIиялде кIудияб кIварги кьола библиотекаялъул маданияб отделалъ.
Республикаялда гIумруялде бахъинабулеб бугеб «Республикаялъул чIухIи» проекталда рекъон, дандчIваял тIоритIана Авар театралъул художествияв нухмалъулев ХIайбула ГIабдулгъапуровасулгун, нейрохирурглъун Италиялда хIалтIулев нилъер ракьцояв Жалал СагIидбеговасулгун ва цогидал гьунар-цIар рагIарал магIарулазулгун.
ГIадатлъун лъугьун буго санайил ХIамзатил Расул ракIалдещвезавиги. Гьединго тIоритIана магIарул хъвадарухъабазул тIахьазул цереросиялги. Масала, магIарул цIалдолел данделъун рукIана МухIамад ГIисаевасул, Ибрагьим МухIамаднабиевасул, Баху-Меседо Расуловалъул кучIдузухъ гIенеккизе.
Араб соналда библиотекаялъул хIалтIухъаби гьоболлъухъ щвана «Ветеран» харабазул рокъоре, сапарал гьаруна мугIрузул районазде.
Библиотекаялъул культураялъул программабазул отделалъул щулияб бухьен буго республикаялъул жамгIияталъулгун ва щибаб миллаталъул вакилзабазулгун. ХIаракат бахъулеб буго гьеб жеги щулалъизабизе.
«Республикаялъул чIухIи» проекталда рекъон, нижер библиотекаялда букIана Дагъистаналъул культураялъул министрлъун хIалтIарав, гьабсагIаталда хIалхьиялда вугев ГIабдулатIип ХIажиевасулгун гIолилазул дандчIвай. Гьеб хурхинабун букIана исана гьев гьавуралдаса 85 сон тIубаялда. ДандчIваялъул аслияб мурадги букIана адабалъе мустахIикъав магIаруласулгун гIун бачIунеб гIелалъул лъай-хъвай гьаби.
Наслабазул бухьен – гьеле жакъасел нилъер ирсилазе хIажатаб жо.