Жергъен кIутIулаго, рагьараб гьунар

МагIарул щибаб росулъги ратула халкъиял кучIдул ахIизе гьунар бугел гIадамал. Гьезул щивасул буго цохIо жидеего хасаб къагIидаги. Гьединазул кучIдузухъ урхъун рукIуна нилъ. Жакъа дица бицина Хунзахъ районалъул ТIанусиса АхIсарат ХIайбулаевалъул хIакъалъулъ. 

 

МагIарул кечI бокьулезда гьеб цIар чанго соналъ цебе рагIана. Гьелъ халкъияб кечI ахIулелъул, унго-унголъунги беразда цебе кьурдулеб букIуна магIаруллъиялъул сипат.
Гьаюна АхIсарат кечI-бакъаналъе гьунар бугеб хъизамалда. Гьелъул эмен МухIамад вукIана, Хунзахъ тIалъиялда гуревги, Дагъистаналдаго машгьурав зурмихъан. Доб заманалда росулъ цониги бертин букIун батиларо, гьесул зурмихъе гIадамал кьурдичIеб. Гьединго гьунар букIана гьесул къали кьабизеги. Районалъул искусствабазул школалъул филиал рагьана ТIануси гьоркьохъеб школалдаги, МухIамадица лъималазда зурма пузеги къали кьабизеги малъизе букIине. Чанго соналъ хIалтIана гьев школалда. Гьеб кинабго махщел гьес ирсалъе кьуна АхIсаратихъеги. Гьей йикIана гьесул бищун пагьму бугей цIалдохъанги. Абизе ккола, АхIсаратил махщалилаб нух школалдасанго байбихьанилан. Гьений цIалулаго, гьелъ цадахъго лъугIизабуна районалда бугеб искусствабазул школаги. Лъана аргъан хъвазеги, къали кьабизеги, кечI ахIиялъул балъголъабиги. Гьелъ тIасабищана магIарул халкъияб кечI. АхIсаратица гIахьаллъи гьабула районалда ва республикаялда тIоритIулел миллияб кочIол фестивалазда ва цогидалги тадбиразда. Руго гьелъул республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул рахъалдасан щварал шапакъаталги. Гьаб заманалда росдае хIажатай гIадан йиго гьей. Гьелъ берцинго нухда рачуна музыкалиял тадбирал.
АхIсаратица кечI ахIула эстрадаялдаги аргъан хъванги. Хасго гьелъул кочIолаб дуниял гIадамазе рагьана магIарул жергъадаги кIутIун биччалеб бакъаналъ.
— Жакъасел гIолилазе цIакъ рокьула эстрадаялда ахIулел кучIдул. Гьединлъидал дицаги ахIула гьединал кучIдул. Амма киданиги хилиплъичIо магIарул кочIое. ХIаракат бахъула гьелъул хаслъи кибго цIунизе. МагIарул бакъназда ахIараб кочIоца гIадин, диегоги асар гьабуларо, — ян бицана АхIсаратица.
Гьелъул щулияб бухьен буго композиторал Каримула ГIабдулаевасулгун ва АхIмад ГIамирхановасулгун.
ГьабсагIаталда АхIсарат ХIайбулаева хIалтIулей йиго ТIануси гьоркьохъеб школалда музыкаялъул учительлъун ва росдал ясли-ахалда музыкалияй нухмалъулейлъун.
Гьелъул цIалдохъаби ва ясли-ахалъул гьитIичал гIахьаллъула районалда тIоритIулел музыкалиял тадбиразда, ккола цересел бакIал. Гьелъ аслияб кIвар кьола халкъияб кIалзул гьунаралде, рагьула лъималазе магIарул халкъалъул кочIол балъголъаби, кIвар кьола тадбирал магIарул мацIалда рачиналдеги.
АхIсарат ккола тIадегIанаб категориялъул учительги.
Хириял магIарулал, хъвай нижехъе нужерго гьунарчагIазул хIакъалъулъ, ракке нилъерго миллияб газеталде гьоболлъухъ гьезул бицинеги.