Рокьи гуреб тIегьачIо…

АсхIабгIали ХIасанов магIарулазда лъала шагIир, палугьан, кочIохъан хIисабалдаги Даку Асадулаевасул цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев хIисабалдаги.

Гьев ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. Гьес къватIибе биччана микьго тIехь. Дагьаб цебегIан къватIибе бачIараб иргадулаб тIехьалда цIар буго «Рокьул чирахъ» абун. ТIехь гIуцIун буго анлъго бутIаялдаса. ШагIирасул шигIрабазул аслиял темабилъун ккола ватIаналде рокьиги, умумузул бахIарчияб тарихги, жакъасеб къоялъул къисматги, заманаялъ зурулеб бугеб гIасруги.
Масала, имам Шамилил гьал жугьабаз дие гьабуна кIудияб асар. Авторасул гъира-шавкъалъ черхалда сиригицин базабулеб буго:
— Гьале дунги щвана
гIешдерил щобде,
Шамил, витIе дунги
Щулалъул гохIде.
Тушбаби гъуризе гъазаваталде,
Назму ахIулаго,
ина – кье хвалчен.
Гьединабго асар гьабуна дие авторас рехсараб щуго рокьиялъги: ТIадегIанав Аллагьасде, эбел-инсуде, ватIаналде, хъизамалде, лъималазде, лъикIабщиналде…
— Рокьи гуреб дир рекIелъ
киданиги тIегьачIо,
Гьениб жахIда-цциналъе
хIапа-роялъ кIал бачIо.
ЛъикIабщиналде рокьи
ралъад-гIанги буго дилъ,
Даимлъигун бащадаб буго
гьеб щуго рокьи.
Биччанте гьаб цIияб тIехьги рокьул чирахълъун гвангъизе щивав цIалдолесул ракIазулъ.