Машидат Гъайирбегова гьаюралдаса — 90 сон

Цо дур мегIерлъун те дун

 

МагIарул театралда данделъун рукIана шагIиралъул асарал рокьулел

МагIарул шигIрабазул иргадулаб байрам байбихьана Машидатил гIумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. ЦIидасанги гIагараб миллатгун кIалъана кIудияй шагIир. Гьенив кIалъазе вахъарав Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул сою­залъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас бицана ша­гIиралъул хIакъалъулъ. ТубхIат Зур­гьаловалъ ракIалдещвезаруна ша­гIиралъулгун рукIарал дандчIваял, цIалана Машидатил кучIдул. Гьединго шагIиралъул хIакъалъулъ кIа­лъаял гьаруна гьелъул хIакъа­лъулъ тIехь гIуцIарай Каримат ГъалбацIовалъ, шагIиралъул гIага­рав чи Денга Халидовас, районалъу­л бетIер МухIамадзагьид Муслимо­вас. Адабияталъул байрамалда жи­­­га­раб гIахьалчилъи гьабуна рес­­пуб­ликаялъул районазул школазул цIалдохъабаз. Гьез па­сихIго ри­кIкIана Машидатил кучI­дул. Балагьаразе кIудияб асар гьабуна Унсоколо районалъул Генуб рос­дал гьоркьохъеб школалъул цIал­дохъабазул церерахъиналъ. Гьез бихьизабуна Машидатица имам Ша­милил хIакъалъулъ хъвараб асаралъул кьучIалда гIуцIараб спектаклялъул бутIа — имамасул вас Жамалудинилгун дандчIвай.
МагIарул кочIохъабаз ахIана гье­лъул рагIабазда кучIдул. Байрам берцин гьабун букIана шагIиралъул рагIабазда ватIаналде букIине кколеб кIудияб рокьул хIакъалъулъ хъварал кучIдул ахIараб чIарадисезул бихьиназул хоралъ.
Гьал магIарул кьурабаз кьабун цIун буго дир ракI
Машидат. Гьадинаб цIар кьун буго шагIиралъул 90 сонилаб юбилеялде магIарул шагIир ТубхIат Зургьаловалъул редакциялда гъоркь къватIибе биччараб тIохьое. Материал данде гьабун, гьеб бахъун буго шагIиралъул гIагарай гIадан, шагIир, журналист, Дагъистаналъул мустахIикъай учитель Каримат ГъалбацIовалъ.
ТубхIатил цеберагIиялъ дида ра­кIалдещвезаруна Машидатихъе цIал­дохъабиги рачун унел рукIарал лахI­затал. Суратаздасан цIалдолезухъ яла­гьун йиго тIадегIанай магIарулай, магIаруллъиялъухъ рокьи ккарай, гIагараб халкъалдаги ватIаналдаги жидер мегIерлъун тейилан ахIи балей хутIарай шагIир.
Дун кисаян гьикъани,
Кверги борхун абила,
Лъол цIвабзазде гIагарал
МугIруздаса йигилан.
МугIрул щибан гьикъани,
КъосинчIого абила,
КъвакIиги гIаданлъиги
ГIемераб ракь бугилан.
Шамай Хъазанбиева