Макьие заман гIолареб хIалтIи

Учителасе — 6900 гъуруш, техничкаялъе  — 7800

 

Учителасе кьолеб харжалъул хIакъалъулъ газетаздагун электронияб сурсаталда бицунеб макъалаялда хадур загьир гьарун рукIуна батIи-батIиял пикраби. Цояз хъвала, гьанже гIадинаб хIакъираб хIалалда учитель киданиги вукIинчIин. Цогидаз, гьелъул гIаксалда, бицуна гьанжесел учительзабаз цIалдохъабазе камилаб лъай кьоларин ва гьел мустахIикъалги ругин хIакъир гьаризеян.

«Ургъизе тIамулел руго»

Учителасул харжалда тIасан бахIсал байбихьана улкаялъул президентасул «маялъул указаздаса» хадуб. Гьезда рекъон, учителасул харж бащалъизабизе кколаан регионалъул экономикаялда бугеб гьоркьохъеб харжалда. Дагъистаналъул учительзабазул харжал бищунго дагьал ругин абула. Щайгурелъул гьечIо республикаялда хIалтIулел заводалги фабрикабиги, ай гьечIо экономикаго. Амма ахирал соназда республикаялъул нухмалъиялъ гьоркьоса къотIичIого бицунеб буго экономикияб цебетIеялъул рахъалъ нилъ церехъабазул кьерде кканилан. ЦебетIеялда рекъараб букIине ккелаан жамгIияталъул хIалги, хIатта цIикIкIине ккелаан учительзабазул харжалги. Официалиял баяназда рекъон, гьел «цIикIкIунги» руго. ГьечIелани, улкаялъул президентасда бицинаанищха, «маялъул указал» тIуразарулел ругилан? Амма учителасе щолеб хIакъикъияб харжги официалиял баяназда бихьизабулеб гьелъул къадарги кинго рекъонкколаро.
«Учительская газеталъул» сайталда ругел батIи-батIиял регионаздаса педагогазул пикраби цIалараб мехалда, нилъер учительзабаздаса лъикIал харжал гьезиеги щолареблъи бихьулеб буго. Рехселин цо чанго мисал. Ульяновскалдаса педагогас хъвалеб буго: «Учителасе 33 азарго гъуруш щолин кьолел баяназда ракIрекъоларо. Дир буго тIадегIанаб категория. Кьола гIурус мацIалъул дарсал – дихъ буго 22,5 сагIат. Классалъул нухмалъи гьабуларо. Тетрадазул халгьабуралъухъ (щибаб къойил – 59 тетрадь) дие кьола 680 гъуруш. Дихъ ругел сагIтазулги тIаде кьолеб гъирабазабиялъул бутIаялъулги хIисаб гьабун, щола 14000 гъуруш. Кинабго тIатIала жубани, ккола 14680 гъуруш.
Ставкаялдаса цIикIкIун дарсалги, тIадегIанаб категорияги… Учителасул ставкаялъухъ кьола 6900 гъуруш. Техничкаялъе щола – 7800 гъуруш. Нужецаго пикру гьабе…»,-ян.
Саратов областалъул росдал школалъул учительги гIажаиблъизавун вуго официалиял баяназда рехсолел харжаз. «ЦIалана Саратов областалда учителасул харж бугин 23035 гъуруш. Нижее киданиги щвечIо гьедигIанасеб гIарац. Дир буго тIадегIанаб категория, буго дихъ 32 сагIатги. МоцIрое щола 18489 гъуруш. Гьебги – дие кьолеб гъирабазабиялъул бутIаги, цогидал тIадежураялги малъун. Гъоркьиса азарго гъурушалъ цIикIкIун щолаан. Цогидал учительзабазул харжал руго диралдасаги дагьал. Пашманлъула дун: хIалтIизе чи гьечIониги, дунги ине ккела школалдаса нахъе. Росабазул школал лъиениги хIажат гьечIо», – ян хъвалеб буго гьес.

Лъабгогун бащдаб ставкаялда…

Кин чIезабулеб учителасе моцIрол харж? Масала, кинаб бугониги идараялъул хIалтIухъанасул хIалтIул къо чIезабун букIуна, анкьил 40 сагIатги хIисабалде босун. Учителасе абуни, харж чIезабула 36 сагIатги кьочIое босун. Гьелда гьоркьосаги, педагогасул ставкаян абун, хIисабалде босула 18 сагIат. Гьелъухъ чIезабула харжги. ХутIарал сагIтазухъги аслияб хIалтIуде тIаде гьабураб ишалъухъги учителасе тIаде журала гъуршал. Гьедин учителасул харж бахуна пуланаб роценалде. Масала, Владимиралда ставкаялъухъ кьола 5080 гъуруш (официалияб баяналда рекъон – 23 азарго); Ульяновскалда – 6900 (официалияб баяналда рекъон – 26 азарго); Москва областалда – 15000 (официалияб баяналда рекъон – 67000), МахIачхъалаялда – 8102 гъуруш (официалияб баяналда рекъон – 29000).
РФялъул президентасул указаздаса хадуб школаздаги лъайкьеялъул цогидал идарабаздаги байбихьана улкаялъул нухмалъулесул буюрухъ тIубазабизе. Гьеб мурадалда, лъайкьеялъул идарабаздаса нахъе ритIана гIемерал педагогал. ЦIалдолезда ракIалда батила, нилъер росабазул школазда психолог-педагог абураб штат къокъ гьабураблъиги, социалияв педагог, пионервожатый ва цогидал хIалтIухъаби нахъе ритIараллъиги. Гьезие кьолел рукIарал харжал хутIизе кколаан школалъул бюджеталда ва, гьелги педагогазда гьоркьор рикьун, цIикIкIинабизе кколаан учителасул харжги. Харжал цIикIкIинареян лъазабун гурони, школалъул харжазул бюджет хисизабун букIинчIелъул, лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулезда батун букIана указал тIуразариялъе гьединаб нух. Амма, учительзабазул пикрабазулгун лъай-хъвай гьабураб мехалда, бихьулеб буго гьел хиса-басиязулги лъикIаб хIасил ккечIеблъи.
Харжаздаса разигьечIолъи загьир гьабулеб буго вузазулги, колледжазулги, школазулги педагогаз. Масала, педколледжалъул преподаватель Инессаца хъвалеб буго: «Педколледжалъул нухмалъиялда цебечIун буго моцIрол харжал цIикIкIинариялъул масъала. Гьезда батана гIакъилаб нух: ставкаялдаса дагьалъ цIикIкIун сагIтал ругел преподавателал гьез ритIулел руго цоги махщалие цIализе. Гьелъул мурадги буго, кIи-кIи ставка щивасухъ гIезаби. Масала, дун ккола филологиял гIелмабазул кандидат. Дида абулеб буго этнографиялъул яги ОБЖялъул специализациялъе цIалеян», — илан.
Учительзабазул масъалаялъул хIакъалъулъ бицана Россиялъул парламанталдаги. Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гIелмуялъулги комитеталъул председателасул заместитель Олег Смолиница парламенталъул данделъиялда абуна: «Улкаялъул 75 регионалда тIуразарулел гьечIо харжазул хIакъалъулъ президентасул указал. Учительзабазул харжазул кIудияб батIалъи буго регионазда: гьоркьохъеб хIисабалда, анкьида жаниб 28 сагIтихъ гьезие щола 20 азаргоялдаса 96 азаргоялде щвезегIан гъуруш. Дир пикруялда, чIезабизе ккола улкаялдаго гьоркьохъеб харж ва лъайкьеялъул хIакъалъулъ стратегиялда хъвазе ккола гьеб бугин цо ставкаялъухъан», — илан.
Гьеб пикру къабул гьабиялдаги божилъи гьечIо учительзабазул. Гьединлъидал учительлъун цIализе унел гIолилалги дагьлъулел руго. Диплом щварал гIолохъанал учительзаби школалде хIалтIизеги унарого руго. Школалде унел руго батIияб ишалде машгъуллъизе бажари гьечIелги, рескъотIиялде ккаралги, жидерго загIипаб лъай бугелги гIолохъанал махщелчагIи.
Гьелъие нугIлъи гьабула статистикиял баяназ. Масала, гьабсагIаталда МахIачхъалаялъул №26 школалда хIажат вуго байбихьул школалъул анцIгониги учитель. ЦIалун рахъарал учительзабазул лъаялде божилъи гьечIолъиялъ, хIалбихьи бугел цо-цо учительзабазухъе кьун буго кIи-кIи класс. Учитель тIубараб къоялъго хутIулев вуго школалда. Гьесул заман гIоларо кваназецин. Свакан, тату хварав учитель рокъове щвараб мехалдаги, хIухьбахъизе заман гьечIого, хIажатавлъун кколев вуго цIалдохъабазул тетрадазул халгьабизеги цIиял дарсазде хIадурлъизеги. Сордо-къоялъ хIалхьи гьечIеб хIалтIул хIасилги кинабха букIинеб…
Кавсарат Сулейманова