Фазу ГIалиева гьаюралдаса — 85 сон

ШагIир херлъуларо, шагIир холаро

МугIрузул каранда кунчIараб свин гьечIеб цIва

— Дагъистан ккола пагьму-гьунар бугел гIадамазул ракь. Гьанир рижарал ва гIурал гIалимзабаз, шагIирзабаз ва цогидалги машгьурал гIадамаз дунялалдаго рагIизабуна мугIрузул улка. Гьединазул цояй ккола Дагъистаналъул халкъияй шагIир, Андрей Первозванныясул орден щварай Фазу ГIалиева. Гьелъул шигIрабаз малъана ватIан бокьизе, гьелъ ахIана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъи цIунейилан. Гьелъул тIахьал руссинарун руго дунялалъул 70-ялдасаги цIикIкIун мацIалде. Фазудаса чIухIула Россия. Гьединаб машгьураб, хвел гьечIеб лъалкI тана гьелъ ракьалда. Гьей мустахIикъайги йикIана гьадинаб адаб-хIурматалъе, — ян.
ШагIиралъул гIумруялъул ва ада­бияб гьунаралъул хIакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовасги:
— Дагъистан чIаго бугебгIан мехалда, чIаго йикIине йиго Фазу. Гьелъул букIана лъиениги хасиятаб гьечIеб, жиндирго хасаб хатI. Гьеб хатIгун Фазу жакъа цIидасан тIадюссана нилъехъе, — ян абуна гьес ва цIалана Фазуде гьабураб кечIги.
Пашманлъиги рохелги жубараб кIалъай букIана Фазул вас Жамбулатил:
— Жакъа радал ниж, лъабавго вац, рахана эбелалъул хабаде. Ниж рукIана нижгойин цере ккаралилан. Амма эбелалъул хобги хабаде унеб нухги тIугьдузул цIун батана. Эбел хваралдаса нахъе дун гьаб паркалде щун вукIинчIо. Дида кIолеб букIинчIо эбел гьечIеб парк цебечIезабизе. Гьание унаан гьей щибаб къоялъ, гьанир рижана долъул бищунго лъикIал кучIдулги. Эбел нилъехъе тIадюссана — гьелъ дие цIидасанги паркалде нух рагьана,- ян абуна гьес.
Жамбулатица баркала кьуна памятник гьабиялъулъ гIахьаллъанщиназе: автор Александр Лохтачевасе, Санкт-Петербургалдаса скульптор Ярослав Барковасе, скульптор Ольга Зубковалъе ва цогидазе. Гьединго гьес ракIалдещвезабуна эбелалъе Россиялъул тIадегIанаб шапакъат кьолеб лахIзат. Гьес баркала загьир гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиние, эбелалъул гьунаралъе кьураб кIудияб къиматалъухъ.
«Москваялъул комсомолец» жур­на­лалъул редактор Иван Голуб­ни­чийица бицана советия­л шагIир­за­базда гьоркьоб Фазул букIараб хIур­маталъул, шагIиралъулгун жин­­дирго букIараб бухьеналъул хIакъалъулъ.
— Фазу ГIалиевалъул асараз дунялалъего бицана Дагъистаналъул гIемермиллатазулаб адабияталъул хIакъалъулъ, — ан абуна гьес.
Цинги халкъияй шагIиралъ къабул гьаруна гIагараб халкъалъ кьурал тIугьдул — гьале доб щивав шагIир урхъун вукIунеб лахIзат — гIадамаз жиндир шигIрабазе къимат кьолеб мех. ТIугьдузухъ ялагьидал, ракIалдещвана шагIиралъ жиндирго цо юбилеялда гьабун букIараб кIалъайги:
— Хабалалъе унелъул, дида кIодо­эбелалъ малъулаан хабада бижараб хер тIезе, хIатта тIад хIетIецин чIезе бегьуларин. Амма жакъа нужеда абизе бокьун буго — дида ракIчIун лъала дир хабада берцинал тIугьдул рижизе рукIин. Гьеб ккола ракьулъан нужехъе дица битIун бачIунеб бугеб рокьиги саламги. РетIе гьел тIугьдул. Нагагь гьел ретIичIого хутIани, дун пашманлъизе йиго.

ГIурус театралда

Гьелдаса хадуб ГIурус театралда тIобитIана шагIиралъе сайгъат гьабураб рохалилаб данделъи. Гьеб рагьулаго, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель Камил Давдиевас цIалана Россиялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенкол баркиялъулаб телеграммаги.
— РакI-ракIалъ баркула Дагъистаналъул халкъалда республикаялъе кIвар бугеб лъугьа-бахъин. Фазу ГIалиева ккола Россиялъул мадания­талъул ва адабияталъул кIудияб чIухIилъун. Фазул тIадегIанаб махщалил хвел гьечIеб ирслъун ккола гьелъ хъвараб нусгоялдасаги цIи­кIкIун тIехь. Гьел руссинарун руго батIи-батIиял мацIазде. Пачалихъалъ гьелъул асаразе кьуна тIадегIанаб къимат, — илан хъван буго телеграммаялда.
Фазу ГIалиевалъул хъвадарухъан­лъиялъул хIакъалъулъ бицана Да­гъистаналъул хIукуматалъул ви­це-премьер Анатолий Карибовас, шагIиралъул вас МухIамад Му­хIамадовас, Чачаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Канта Ибрагьимовас, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Людмила Авшалумовалъ, Хунзахъ районалъул бетIер СагIид Юсуповас ва цогидазги. Тадбиралда рихьизаруна шагIиралъул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунел видеороликалги концертги. Ко­чIо­хъабаз шагIиралъул рагIабазда ахIа­на кучIдулги.

ХадурагIи

МагIарул кIиго шагIирасе (ХIам­затил Расулиеги Фазу ГIалие­ва­лъеги) рарал памятниказ нугIлъи гьа­бизе буго нилъер миллаталъу­л тIадегIанлъиялъе. Гьел ккола гIагарал мугIрузул каранда кун­чIарал свин гьечIел цIваби. Гьел ру­го Россия жидедаса чIухIизе бугел Да­гъистаналъул шагIирзаби. Гьел ру­го ватIаналъул цIар дунялалда ра­гIизабурал Россиялъул шагIирзаби.
Шамай Хъазанбиева