МагIарухъе – музыкалияб сапаргун

 

«КочIолаб ЧIарада» бихьиназул хоралъул хIакъалъулъ лъаларевги, гьелъ асир гьаричIел магIарулалги ратиларо, хасго мугIрузул районазда.

 

Рорхатал мугIрузул ЧIарада районалда бижараб унго-унгояб магIарул кочIол гъасда чанги данделъана магIарулал. Хоралъул щибаб кечIалъ нилъее бицуна мугIрузул борхалъиялъулги, магIарулазул тIадегIанлъиялъулги, миллаталъул цIар цIвабзазда аскIоб хъварал бахIарчиял васал-ясазулги къиса. ГьабсагIаталдаги гьеб кечI гъугъала рокьул дандерижилъун гIагарал мугIрузда. Гьелъухъ гIенеккаразул ракIалги зобалазде цIаруцIуна. Гьелеха кочIол къуват – жиндихъ гIенеккаразда сири базаби. Гьенибго букIуна магIуги, гIоди-релъиги, рохел-пашманлъиги. Гьеб кинабго хаслъи цIунун хутIун буго жакъаги, гьадинаб хIабургъараб ва магIарул кочIол дунялалда инкъилаб гьабизе лъугьарал кочIохъабазухъ гIинги тIамичIого, чIарадисезул бихьиназул хоралъул гъасда.

 

 

МугIруз нухарегIана гьеб гIатIиракьалде. Ва жакъа гьелъул рещтIен буго МагIарул театралда. Амма жакъаги кечI кидаго кидаго мугIрулгун буго. Гьеб гIащикълъун букIуна миллаталъул гьаркьихъ, ва магIарухъ гIадин гьеб кибниги рагIуларо. Гьеб чIалгIун букIуна чIухIарал цIумазул рорженалъухъги, хIанчIазул чIирчIириялъухъги, гIисинал лъаразул сариназухъги.

 

 

Жидерго гIищкъудал гIагараб ракьалъе бицине иргадулаб нухалда ЧIарада районалда щвана чIарадисезул хор. Гьезда гьоркьор рукIана миллияб кочIолаб маданияталъул чIухIилъун кколел Россиялъул мустахIикъав артист ТIагьир Къурачев, Дагъистаналъул халкъиял артистал ГIабдулла МухIамадмирзаев ва Абакар ГIумархIажиев. Гьел цере рахъана ЦIуриб росдал гIадамазда цере.

 

 

КIудияб рохеллъун чIарадисезе букIана Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудинова гьоболлъухъ ячIинги.

Гьеб букIана Хадижатил кочIоца ЧIараде гьабураб тIоцебесеб роржен.

 

 

МагIарулазда магIарул кочIол сордо баркана районалъул бетIер МухIидин МухIамадовас, лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил Мустафаевас.

Гьалбадерие музыкалияб салам кьуна магIарулазул кочIол борхалъилъун жакъаги кколел ЧIарадаса Шагьав ГIабдурахIмановасги Абакар Жамалудиновасги.

Тадбиралъул ахиралда чIарадисезе баркала кьуна хоралъул нухмалъулев, ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан МуртазагIали ГIалиевас.