МагIарулал годекIанир

 23 ноябралда МахIачхъалаялда, тарихалъулаб паркалда цIидасанги данделъун рукIана магIарулал жидерго гъасда бакараб цIадухъе.

 

Гьаб нухалдаги гьоркьоб лъун букIана рахьдал мацIалъул суал. Нахъеги магIарул мацIалъул угьи-зигараялъухъ гIенеккизе данделъун рукIана гIалимзаби, магIарул мацIалъул учительзаби, шагIирзаби, хъвадарухъаби, гIолилал ва рахьдал мацIалъул унтиялъ унтизарурал магIарулал.

 

 

Тадбир рагьана ва нухда бачана «Аварал» гIуцIиялъул гIахьалчагIи Даниял МухIамадовас ва Атикат МухIамадовалъ.

ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул студент МухIамад Манаповас рикIкIараб Расул ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб кечIалъ тадбиралъул гIахьалчагIазе кIудияб асар гьабуна.

 

 

МагIарул миллат буго гIемермацIазулаб миллат 

 

 

Гьедин абуна магIарул мацIалъул хIакъалъулъ ДНЦялъул гIелмияв хIалтIухъан, профессор МухIамад МухIамадовас.

Унго-унголъунги, абизе бегьула щибаб районалъул жиндирго мацIги, хIатта росабазулгицин. Гьел киналго цолъизарулел руго болмацIалъ. Гьеле гьелъиеги хоб бухъулеб буго жакъа нилъеца.

Жиндирго кIалъаялда МухIамадица къокъго бицана магIарул мацIалъул тарихалъул хIакъалъулъ. Гьединго гьес кIвар кьуна магIарул алфавитазда ругел гIунгутIабаздеги.       Масала, «кIкI» хIарп хъвазе къваригIунеб буго ункъо гIаламат. Рес букIана цо гIаламаталъ гьеб бихьизабизе. Абулеб буго гьанже хисизабизе кколин магIарул алфавитилан. Амма жив гьелде дандечIарав вугилан абуна гIалимчияс.

 

 

— Гьадингоги загIипго гурони бицунеб гьечIеб мацIги, ругел хIарпалгицин лъазаризе бокьичIез цIияб хъвай-хъвагIайищ лъазбизе бугеб, — илан абуна гьес.

 

 

Миллаталъул буго кIиго кваркьи – мацIги адабиятги 

 

 

МагIарул шагIир ТубхIат Зургьаловалъул кIалъаялъ гIемераб жоялда тIад ургъизе тIамуна.

 

 

— ХIакъикъияб гьунаралъе къимат халкъалъ кьола. Жакъа адабияталда бугеб хIал чорок гьабулеб буго мустахIикъазда цадахъго мустахIикъал гурезеги кьолел шапакъатазги, лъиениги, хIатта жидеегогицин къваригIинчIел, жидерго гIарцухъ жалго бетIергьанал басмаханабазда рахъулел риццатал тIахьазул авторазги. Соцалияб гьиназда кочIохъего гурони кIалъалев чиги гьечIо. Гьезие гьабулеб чIобогояб рецц-бакъалъ щибгIаги асар рекIееги гьабулеб гьечIо. Гьединал кучIдулги, гьездаго релълъарал тIахьалги наслабазе ратуларо. Хас гьабун лъималазе хъварал асаралги къанагIалъулел руго.

 

79128671 410768893164929 3791734331639070720 n

 

Рахьдал мацIаздаса инкар гьабизе тIамулел руго

 

 

Хунзахъа тарихалъул учитель ГIалибег Хъазанбиевас бицана авар мацIалъул архаизмабазул хIакъалъулъ. Гьединго гьес гьел рагIаби гъорлъ ругел литературиял асараздаса мисалалги рачана.

 

 

— Жакъа нилъ тIамулел руго рахьдал мацIаздаса инкар гьабизе. Киса-кирего — гIурус мацIалъул хъвай-хъвагIаял. Масала, АхIулгохIалда хъван буго «Ахульго» абун. МагIарул мацIалда хъван букIарабаниги, гьеб киназдаго бичIчIизе букIана.

МагIарухъги бицунеб буго гIурус мацI. Гьеб квеш бугин абулеб гьечIо. Амма нилъерго гъасда нилъерго мацI цIакъ рекъон ккола, — ян абуна гьес.

Тадбиралъул гIахьалчагIи гъираялда гIенеккана гIадатияв учителасухъ, рухIдаллъана гьес мацIалъул гьабулеб адабалъул ва гьесда магIарул мацIалъул гьелгощинал архаизмаби лъале ратиялда.

Нилъее, магIарул миллаталъеги, лъикIаб букIинаан, гьединал, магIарул мацIалда ракI унтарал гIадамал нилъеда гъоркьор ругелгIан мехалъ, гьездаги гьикъун, магIарул мацIалъул архаизмабазул словарь хIадур гьабизе. БачIина заман, гъикъизе чигицин ватизе гьечIев. Цинги кIватIун букIина.

 

 

Рахьдал мацIалъул кьалбал къотIулел руго 

 

 

Республикаялъул магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIидиновалъ бицана росабазул ва шагьаразул школазда магIарул мацIалъул дарсал кьеялъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.

Хасго гьелъ кIвар кьуна шагьаралъул школазде, ракIунутун бицана рахьдал мацIазе рихьизарулал сагIтазда сверухъ школалъул директорзабаз гьабулеб бугелъул.

 

78176146 410769139831571 3296040804409147392 n

 

— Лъималазда рахьдал мацI лъангутIиялъе кумек гьабулеб буго эбел-инсуцаги. Гьез гурищ гIарзаби хъвалел ругел жидер лъималазе рахьдал мацI къваригIун гьечIилан. ТIадеялъул 20 апрелалда щуго сон тIубала ассоциация гIуцIаралдаса. Гьеб заманалда кIудияб хIалтIи гьабуна гIуцIиялъ. Учительзабазул кумекалдалъун къватIире риччана цIалул ва алъул методикиял тIахьал. МагIарул мацIалъул учительзаби кидаго тIадруссуна бер гьенлъгун а призалъул бакIалгн москваялда тIоритIуле къецаздасаги.

ГьабсагIаталда хIалтIулел руго авар мацIалъул курсал рагьиялда тIадги. Жакъа къоялда цIакъ къваригIун руго авар мацIалда мультфильмалги, гьединго онлайн-дарсалги.

ЦIакъго лъикIабги букIинаан, нилъго бетIергьанаб этнокультурияб центрги букIарабани, ян бицана гьелъги.

 

 

ЦIалдолезе рокьулеллъун рукIине хIаракат бахъила 

 

78392750 410770523164766 4027402837892792320 n

 

«ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас бицана газеталъул хIалтIухъабазда цере чIарал миллаталъего кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ. Гьев хIалтIулев вукIана Болъихъ районалъул газеталъул редакторлъун. Гьелде щвезегIанги къогогIан соналъ хIалтIун вукIана «ХIакъикъат» газеталдаги.

— Нижеца, газеталъул коллективалъ, хIаракат бахъила цIалдолезе рокьулеллъун рукIине, гьединго газеталъе гьабулеб подпискаги цIикIкIинабизе. Гьеб кинабго нижехъа бажаризе буго, нужги нижгун цадахъ хIалтIани, — ян абуна гьес.

 

 

Нижеца цолъизарулел руго магIарулал 

 

 

«Аварал» жамгIияб гIуцIиялъул вакил, гьабсагIаталда Санкт — Петербургалда гIумру гьабун вугев Расул ГIабдулхаликъовас гьаруна апрелалда хъван букIараб магIарул диктанталъул хIасилал. Бищунго тIадегIанал хIасилал ккун руго 50 сонил ригьалдаса арал магIарулазул. ГIаммаб къагIидаялда гьезие щун буго 4,7 балл, 4,2 баллалде рахун руго 40 сонил ригьалда ругел магIарулал. Бищун дагьаб балл щун буго гIолилазе(1,6 балл)

 

77137423 410769346498217 4544779705085067264 n

 

— Бихьулеб буго гIолилазда мацI загIипго гурони лъалеб гьечIеблъи. Гьеб нижеда заманалда бичIчIана, нижеца хIаракат бахъизе буго гIолилазда мацI лъаялъе ва лъазабиялъе киналго шартIал чIезаризе.

 

 

ХIадурулеб буго магIарул онлайн-словарь, рагьун буго цIияб сайт. Гьенире ракккани, нужеда лъазе руго магIарул мацIалъул балъголъаби, ян абуна Расулица.

Гьединго гьес бицана тIадеялъул гьирзе ругел хIалтIабазулги. Масала, 4 апрелалда тIобитIизе буго магIарул мацIалда кIиабилеб кIудияб диктанат. ТIобитIизе буго магIарулазул форум, рагьизе руго магIарул мацIалъул онлайн-курсал. ЦIидасанги дандчIвазе руго магIарул годекIанир.

 

 

Тадбиралда хасаб нур базабуна цIалдохъабазул церерахъиназги. МагIарулазул миллиб парталги ретIун, ТубхIат зургьаловалъул ва МухIамад гIумаровасул кучIдул рикIкIана Гъуниб ва ЧIарада районалдаса лъималаз.

Тадбиралъул ахиралда гьелъул гIахьалчагIазе ва магIарул годекIан гIуцIизе квербакъарав Сайгидпаша ГIумахановасе баркала загьир гьабуна «Аварал» гIуцIиялъул нухмалъулев Арсен МухIамадовас.