Кавказалъ асир гьаруразухъ гьоболлъухъ

 

27 ноябралда Махъачхъалаялда, Поэзиялъул театралда данделъун рукIана Кавказалъ асир гьарурал Москваялдаса гьалбадерида дандчIвай гьабизе.

 

Тадбиралда гIахьаллъизе ва жидерго Кавказалдеги, Дагъистаналдеги, дагъистанияздеги бугеб адабалъулги рокьулги хIакъалъулъ бицине рачIун рукIана «Дир Планета» телеканалалъул вакилзаби. Гьезда гьоркьов вукIана «Кавказалъул асир» абураб проекталда рекъон, «Дагъистан. Гъамсукь» документалияб фильмалъул автор Андрей Понкратовги.

 

 

Жакъа къоялде гьез бахъун буго Северияб Кавказалъул республикабазул хIакъалъулъ анлъго фильм. «Дир Планета» телеканалалдасан гьел рихьизаризе руго цIияб соналъул гIодоркъояздаса хадуб.

 

 

— Гьале Дагъистаналъул тахшагьар. Гьенисан байбихьулеб буго киноялъул авторас жиндирго сапар. Цинги – Сулахъалъул къварилъи, ЧIикIаб ГЭС, ТIелекь росу, Гъуниб ва ахиралдаги — араб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназде щвезегIан жаниб гIумру гьалдолеб букIараб, гьанже чIваданалде сверун бугеб Гъамсукь росу.

 

 

Гьеб сапаралъ рекIее кIудияб асар гьабулеб буго авторасе. МагIаруласул миллияб парталги ретIун, гьес нахъа толел руго  мугIрузул сухъмахъалги, Сарры-кумалъул салул авлахъалги, тIагIамалда кваналел руго магIарул хинкIалги, пурщабиги, бакъварабгун цIияб гьанги.

 

 

МагIарул тIимугъги ретIун, гьев щвана тIелкьадерил годекIанивеги, гара-чIварана «институтал цIалун лъугIичIониги, цIвабзазул мацI лъалел» магIарулалгун. Гьесда лъана магIарул тIимугъ гьабиялъул балъголъабиги, ва ахиралда гьесие кьуна сайгъаталъе буртинаги. Гьелъул магIна букIана магIарулазги мугIрузги къабул гьабунин гьесул рокьийилан абураб.

Гъамсукь росулъе щведал, рекIел чIваби тIелеб гIадаб сариналда гъоркь, рихьизаруна чIваданазул сипатазда ругел минабиги, кидаялиго тIабигIаталъ кьураб жиндир берцинлъиялдаса хIалхьоларого ругел цIумазул жакъасеб рорженги, росу сверун ругел мугIрузул тIогьазда гьабулеб тIавапалъул нурги…

 

 

Тадбиралда гIахьаллъарал республикаялъул Туризмалъул, Культураялъул министерствабазул вакилзабаз баркала загьир гьабуна Москваялдаса гьалбадерие Дагъистаналъул хIакъалъулъ бахъараб киноялъухъ.

Гьелдаса хадур гьел гара-чIварана дандчIваялде рачIарал дагъистаниялгун.

 

 

— БитIун бицани, нижеда ракI-ракIалъ абизе кIола гIадамал хиралъиялъги гьалбадерие гьабулеб адабалъулги рахъалъ Дагъистан дунялалдаго тIоцебесеб бакIалда бугин. Гьанир руго лъикIал гIадаталги, гьелдаго цадахъ цIакъго тIадегIанал гIадамалги. Гьобол-гьудул хиралъиялъ батила нужер гьаниб бизнес гьабизе квалквалги букIунеб. Щайин абуни, лъихъаниги сундухъниги гIарац босиларилан лъугьунел руго нуж, — илан абуна гьез.

Гьеб букIана дагъистаниязе гьалбадерица кьураб цIакъго кIудияб къимат.

 

 

Гьезда гьикъана Дагъистаналда щиб бокьичIебиланги. Нечадго гIадин гьадин абуна Андрей Понкратовас:

 

 

— Кинабго лъикI буго. ТIабигIатги ТIадегIанас нужее нужго гIадаб, бищунго лъикIаб, берцинаб кьун буго. Амма ракIбакъвала, киса-кибего щущан бугеб рищни-къул бихьидал,- илан.

 

 

КидалгIагидай нилъ кантIилел!?