ЧIвадназулъ — умумузул лъалкI

Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб ДРялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана «Басриял росаби – тIагIунеб маданият» абураб суратазул выставка

 

Выставка гIуцIана «Дагъистаналъул росу» абураб этнографиялъул комплексалъги, Миллияб библиотекаялъги, Республикаялъул культурияб нахърател цIуниялъул агентствоялъги, РАНалъул ДНЦялъул МацIалъулги, адабияталъулги, искусствоялъул институталъги.
Библиотекаялда цебелъун буго 65 росдал тарихияб сурат. Гьезда рихьула гIадамалги гочинарун хутIарал рес­публикаялъул росабиги. Выставка букIине буго 17 декабралде щвезегIан.
Выставка рагьиялъул тадбиралда гIа­хьаллъана республикаялъул минис­терствабазулги ведомствабазулги вакилзаби. «Дагъистаналъул росу» этнокомплексалъул директорасул заместитель Татьяна Петениналъ баркала кьуна гьал­бадерие. Гьелъ абуна гьединаб чанго выставка гIуцIизе ракIалда бугин. Ма­сала, хIадурулеб буго «МугIрузул лъи­мал» абураб выставка. Гьелда кIвар­буссинабизе буго гIадамазде.
«НекIсиял росабазулгун лъай-хъвай гьаби ккола выставкаялъул аслияб мурад. Гьениб букIана щвараб гIор гIадин чвахулеб гIумру. БатIи-батIиял гIиллабазда бан, гIадамалги гочун, бесдалго хутIарал росаби дагь-дагьккун ракьалдасаго тIагIунел руго. Цадахъго тIагIунел руго миллаталъул мадания­талъул гъаталги. Суратазда рихьулел росабазул бакIалда жакъа хутIун руго чIваднал. Гьелги щущан унел руго. Нилъ махIрумлъулел руго архитектураялъулги, гамачI бикIиялъулги, рукъа­лъул къайи-алаталъулги, хобалазул заназулги памятниказул бечелъиялдаса», – ян бицана Петениналъ.
Республикаялъул культурияб нахърател цIуниялъул агентствоялъул нух­малъулесул ишал тIуралев Заур Кагьримановас абуна, гьединал выставкаби гIемер тIоритIиялде хьул бугин. «Нилъер республика ккола къанагIатаб бакI. Культурияб нахъраталил объектал гIемерал Россиялъул регионазда гьоркьобе уна Дагъистанги. Гьаниб буго 6,5 азарго гьединаб бакI. гьезда гьоркьоса 2000 ккола федералияб кIваралъулаблъун. Россиялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, гьел бакIал росун руго информациялъул цогояб реестралде. ГIемерисел нилъер росаби рикIкIуна тарихияллъун. Гьел цIунизе хIаракат гьабизе тIадаб буго нилъеда», – ян бицана Кагьримановас.