ЧIухIун абулаан жий артистка йигилан

Театралъул меседилаб фонд

(ГIайшат Къурбанова гьаюралдаса 100 сон тIубаялде)

 

«Поэт» абураб поэмаялда МухIамад АхIмадовас хъвалеб буго: «РакIалдещвеял рекIел хъаравулзаби руго, кидаго рорчIуда рукIунел, рикIкIада хутIараб гIумруялъ рекIеда кIутIулелъул кIанцIун тIаде рахъунел», — абун. Гьедин, дир пикрабазулъги чIаголъулей йиго ГIайшат, цебетIамулеб буго дунгун цадахъ хIалтIараб гуребги, дол рикIкIадал лъеберабилел соназ гьей театралде ячIараб мехги.

 

 

— Гьеб букIана, — ян ракIалдещвезабулеб буго ГIайшатица цересел соназда газеталда бахъараб макъалаялда, — 1939-абилеб соналъул 6 март. Дун тIоцее цее яхъана Хунзахъ росулъ. Ва гьале, гьалщинал соназдасан чIухIун абулеб буго, дун артистка йигинги. Театр буго дир рокьи, дир талихI, дир гIумру.

«Жеги театр Хунзахъ бугеб заманалдаго, артисткаялъ хIалаан спектаклязда аслиял ролал. Гьанжеги ракIалда йиго ЦIадаса ХIамзатил «Айдемир ва Умайгьанаталда» ГIайшатица хIараб Умайгьанатил роль. Гьелъул Умайгьанат йикIана халатал, чIегIерал гъалазул, чергесаб логол, рагьараб гьумералъул гIун ячIуней цIалдохъан. Бесдал эбелалда цее, зазда чIараб хIинчI гIадин, йигей гьелъул пашманлъиялъги, Асмал кверзукь вугев инсул бербалагьиялъги гьелъул хIаялъухъ балагьаразул берал риччичIого хутIулароан», — абун хъвалеб буго МахIмуд ГIабдулхаликъовас.

 

 

Жеги ратила гьелъ бергьенлъиялда хIарай, жиндирго ракьцояй Ругъжаса ГIанхил Маринил эбелалъул образ бихьарал. Гьей ГIаша-кIодо, ХIажи Заловасул «ХIасратай кочIохъаналда» Маринил гьитIинай яс ПатIиматги каранде къан, кIалги букъун хабалъ зонода юхьун йигей жиндирго Маринихъги ялагьун наибасда кIал гьикъулей йихьидал, балагьаразул хIалхьолеб букIараб куцилан ракIалдещвезабула цадахъ хIалтIараз жакъаги.

Гьединго гьез бицуна М. Къурбановасул «Малла Насрудин» спектаклялда ГIайшат йикIанила рекIедаса арай, гванзай къоролай Заза-Бикалъунги. Гьелъул ролалда ГIайшат цее яхъиндал балагьараз гьелъие хъатцин кьабулеб букIана. Гьелъул кьуркьудиялъги, кIичIардиялъги, гьоркьо-гьоркьоб бачIинчIониги гьабулеб релъиялъги, чIухIи ва гIамалкIодолъиялъги сценаялда хинлъи гьабулаан.

 

 

Щибаб рагIиялъе кьолеб магIна, тIамураб гали, чорхол рагъа-рачари, битIулеб квер, босулеб гали — кинабго магIна-гIиналде бачун, азарго нухалъ хIалбихьун ва данде кколебщинаб тIаса бищунлъидалха гIуцIулеб сценаялъулаб образ. К. Треневасул «Любовь Яроваялда» Дунькал образ, азербайжаназул драматург С. Ахундовасул пьесаялда рекъон лъураб спектаклялда Хажар Ханумил, А. Пушкинил «Полтаваялда» Матрена Ивановнаялъул, Б. Лавреневасул «Америкаялъул гьаракьалда» Дорожил ва ахирги, Зайирбег ГIалихановасул «МугIрузул ГIали» спектаклялда эбелалъул образ гIуцIун хадуй, гьелъ Дагъистаналъул халкъазул искусство цебетIезабиги хIисабалде босун, Дагъистаналъул Верховный Советалъул президиумалъул указалдалъун ГIайшатие кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъай артистка» абураб цIар. Гьединго, магIарул театралъ 20 сон тIубаялда бан щвана ХIурматалъулаб грамотаги.

 

 

1943 соналъул март моцIалда театр гочана Буйнакск шагьаралде. Цо-цояз хIинкъун лъаларо яги рекIее гIечIогойищали тавакал тIамуларо Шурагьире рачIине. Театр рехун тезе къотIи гьечIел Зайнаб Набиева, ГIайшат Къурбанова, Басир Инусилов, ХIажи Асадулаев, Муса ГIабасов, МухIамад-дибир МухIамадов, МахIмуд ГIабдулхаликъов жидерго ретIел-хьит, квен-тIех жанир лъурал сумкабиги мугъзада рекъезарун, радал Хунзахъа Буйнакскиялде сапаралъ рахъана гIазул цIурал мугIруздасан ва сухъмахънухаздасан.

 

 

ЗахIматал рагъул сонал. Квач-цIорой ва ракъи-къеч. Амма, абуларищха, бокьун босараб гьир бакIаб букIунарин. Артистаз бицунаан рукъ гьечIел, гIолохъанал жидее кIудияб кумек гьабулаанин сундулго рахъалъ гъизараб чуризеги, чIалхараб букъизеги, хIатта квен-тIехалъецин Зайнабицаги ГIайшатицаги. Гьайгьай, дагь-дагьккун гьал ругьунлъана шагьаралъул гIумруялде. Шагьаралда жеги гIатIидаб рес щола творчествоялъеги. Театралде хIалтIизе рачIуна Ума НурмухIамадова, ПатIимат Хизроева, Написат ГIисакъова, ГIалисхIаб МухIамадов, Тажудин ГIабасов, Якъуб Сулейманов.  

Гьебго соналъ художествияб рахъалъе бетIерлъи гьабизе вачIуна Москваялъул пачалихъалъулаб театралияб искусствоялъул институт лъугIарав режиссер А. Артемьев. Театралда творчествоялъул рахъалъ кинабго бараб букIуна режиссерасда. Гьединав лъай бугев, пикру гъваридав режиссергун хIалтIи рахIатаб нигIматлъун лъугьана ГIайшатиеги. Гьелъие рес щола Антон Чеховасул, В. Суходольскиясул, Ф. Кноррел ва цогидалги драматургазул пьесабазул ролазда тIад хIалтIизе.

 

 

Артистал, хIадурарал ролалгун, рега-рахъун шагьаралдаго чIоларо. Гьел мугIрузул сухъмахъаздасан росулъа-росулъе лъелго хьвадулаго, щибаб къоялъ I5-20 километр нухлул нахъаги тун, хIамузда лъун декорациялгун унаан. Чан нухалъ цIад бан хадуб, гIор-лъар бахунаго, гьелъ хIамул хъамун, тIад букIараб къайи-цIа бортун тIагIараб, гьебги камун къаси гIадамазда цере рахъине ккарал. Цониги спектаклялда бихьизе гьечIо тIекълъи, хIалихьалъи, цIогь, чIвай-хъвей беццулеб. ЛъикIлъиялде гIадамал кантIизари — гьеле театралъул аслияб масъала. Гьединлъидалги батила Къурбанова ГIайшат йикIана ракI бацIцIадай, гьереси-рекIкI бокьуларей ва сихIирлъи рихарай гIадан. Аваданаб гIамалалъул гIаданги йикIана. Гьелъги батила, ахираб заманалда гьелъухъе кьолаан хIазе кепал гIамал-хасиятазул ролал. Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» спектаклялда ГIашура, ЦIадаса ХIамзатил «Балагьалъул гъамасалда» Бахтика, Г. Хугаевасул «Эбел росасе кьолей йиго» спектаклялда Меседо.

 

 

1960 соналда ГIайшат Къурбановалъе кьола «Дагъистан АССралъул халкъияй артистка» абураб цIар. Гьеб заманалда гьей унго-унголъунги лъугьуна халкъалда лъикI лъалей, гьезие йихьизе йокьулей артисткалъун. Амма гьелъул бакъва-кIасараб черхалъулъ букIана добго чIаголъи, добго кIвахI лъалареб, чIухIи ва пахрулъи гьечIеб хьвада-чIвади.

 

 

I979 соналъул 30 сентябралда «Коммунизмалъул нур» газеталда Герейхан Зулумовас ГIайшат Къурбановалъулгун гьабурал гара-чIвариялда руго гьадинал рагIаби:

  

 

— Дур бищун бокьулеб роль?

— Островскиясул «ГIайиб гьечIого гIайибиял» абураб спектаклялда Галчихал роль. Дида ракIалда буго, гьеб спектакль нижеца хIана битIахъе КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда, Буйнакскиялда. Залалда гIодор чIун рукIана лъукъарал солдатал. Дида рихьана гьезул бадиса бачIунел магIил гарал. Гьеле гьеб мехалда бичIчIана дида искусствоялъул къуват.

 

 

— Кинал режиссералгун бищунго бокьулеб хIалтIизе?

— ЦIакъ гъираялда ва кеп щун хIалтIула дун нижер бетIерав режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуровгун. ЦIакъ гIемер лъуна гьес лъикIа-лъикIал спектаклял.

 

  

Гьелъул магIна кколаро ниж гьоцIоги нахги гIадин рукIанин абураб. Дунги тIалабчилъиялъе гIорхъи гьечIев вукIуна репетициязда. ГIайшатги жиндирабго ккун цо кьуричIого ругъеждерил кьварараб гIамалгун чIолаан. КIиязего ритIухълъи бокьиялъ ахир-къадги рекъолаан.

 

 

«Артисткаялъул хIаялъулъ, жиндирго гIумруялда гIадин, кидаго цадахъ букIана рохелги пашманлъиги. ГIезегIан гIакъуба бихьун гIезаруна гьелъ васал Шарапудинги МухIамадги. Абизе бегьула гьел кIиялго артистазда гьоркьор гIун рачIанилан.

Нагагьаб балагьалъ ГIайшатидаса ятIалъана цо йикIарай яс, кIиго вацасул яц, гьитIинай ПатIимат. Камуна цIикIкIарав вац Тидурилав. Амма ГIайшат къуркьичIо, артисткаялъул сабру гIуна кинабго хIехьезеги, хIалтIулъ ракIчIун гали цебе тIамизеги», — ян хъвана МахIмуд ГIабдулхаликъовас.

 

 

ГIайшат Къурбановалъ къотIизе толаро творчествоялъул хIалтIи, цоялдаса хадуб цоял хIала захIматал ролал. МухIамад Сулимановасул «МугIрузул хъалаялда» Райгьанатил, Расул ХIамзатовасул асараздасан гIуцIараб композиция «МагIаруласул рагIиялда» ПатIиматил роль, ВахIидил «Лъутарав бахIарав» спектаклялда Хъаничал. Советияб театралияб искусствоялъе гьабураб хъулухъалъе гIоло Къурбанова ГIайшатие I970 соналъул 23 ноябралда кьуна «РСФСРалъул мустахIикъай артистка» абураб цIар.

ГIайшат Къурбанова хварал къояз дица «ХIакъикъаталда» хъван букIана гьадин: «Къана ГIайшатилги гIумрудул пардав», — илан. ГIумрудул къоязул пардав къаниги, даим рагьараблъун хутIизе буго гьей ракIалдещвеялъул кIиабилеб гIумрудул пардав.