МагIарул театралда – ЦIияб сон

 

 Гьазул цIаралги цIвабилъун кунчIана

 

20 ноябралда МахIачхъалаялда, МагIарул театралъ рагьана жиндирго 85-абилеб сезон. Гьеб букIана миллияб театралъ цохIо жиндиего хасаб цIияб соналъе гьабулеб дандчIвай.

 

ТIолабго миллаталъулго байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана СагIудиязул ГIарабиялъул Жидда шагьаралда вугев Россиялъул генералияв консул Багьавудин ГIалиев, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов, Басир Инусиловасул яс Шумайсат Инусилова, Муса ГIабасовасул васал ХIажи ва Шарапудин ГIабасовал ва цогидалги магIарулал.

 

IMG 9516

Театралъул гъасда бакараб магIарулазул цIадухъеги, гьенибго жанахIалъуб рагьараб магIарул годекIанире рачIарал магIарулазе театралъул актераз бицана миллияб театралияб маданияталъул чIухIилъун кколел, гьениб жидеего хасал, кIочонарел лъалкIалги тун, хвел гьечIеб даимлъиялде арал актеразул хIакъалъулъ.

Тадбир рагьана ва нухда бачана театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас. Гьес цоги нухалда ракIалдещвезабуна театралъул тарих. Гьелъул цIадул тIоцересел хIенхIал кунчIараб Хунзахъ районалъул бетIерги гIахьаллъана байрамалда.

 

 

1935 сон. Хунзахъ росу. ГIабдурахIман Магаев.

Гьес кьучI лъураб театралъ нахъа тана 85 сонилаб сухъмахъ. Унго-унголъунги гьенир кунчIанщинал цIваби. Гьезул щибалъул буго жидерго къисаги къисматги. Гьеб сордоялъ магIарулазул рокьул гъасда бакараб цIадухъ гьоболлъи бана гьез. Гьале гьел магIарулазул чIухIилъун кколел, гьеб сордоялъ ракIалдещвезарурал артистал – юбиляразул цIарал:

 

ДАССРалъул халкъияв артист ГIабдурахIман Магаев, Россиялъул халкъияй артистка Зайнаб Набиева, РСФСРалъул мустахIикъай артистка ПатIимат Къурбанова, РСФСРалъул мустахIикъав артист Басир Инусилов, РСФСРалъул мустахIикъай артистка ГIайшат Мамаева

(Нижеца гьезул щивасул хIакъалъулъ хъван букIана газеталдаги).

Гьезул театралияб нухалъул хIакъалъулъ байрамалъул гIахьалчагIазе бицана жакъа театралда хIалтIулел ругел гIолохъанал артистал МухIамад Дудуевас, Асият ГIабдулатIиповалъ, Разият Дибировалъ, театралъул художествияв нухмалъулев ХIайбула ГIабдулгъапуровас ва цогидазги. Байрамалъе хасаб гугьаралъул берцинлъи кьун букIана дол кIудиял артистазул лъимал, жегиги театралъе гьаитIичаллъун хутIун ругел Шумайсатил, ХIажил ва Шарапудинил кIалъаяз.

Шумайсатица бицана, инсуца ГIалил роль хIалеб мехалда (Р. ХIамзатов «МагIарулай) жиндирго рекIел букIараб хIалалъул хIакъалъулъ.

— ГьитIинай дунги цо-цо мехалда унаан спектаклязде инсуда цадахъ. Бищун цее гIодойги чIун, чIухIун йикIунаан дун, инсухъги ялагьун. Цо заманалдасан вугоха эмен цо гIаданалде ахIдолев «Дир ханжар, Хадижат», — илан. Гьей гIаданалъ ханжар бачIинги дун сценаялде, дадахъа ханжар бахъизе, кIанцIиги цадахъ ккана, — ян бицана гьелъ, эмен ракIалдещвезавулаго гирун рачIунел магIил гаралги рацIцIунаго.

Гьединалго ракIалдещвеял рукIана Муса ГIабасовасул васазулги.

Гьеле гьединаб къуват буго театралъул – гIумруялъул чIвабзаз рачунел гIажаибал сариназухъ гIенеккизе гIадамал данде гьаризе кIола гьелда. Гьеб сордоялъги, артистал ракIалдещвезарулелъул, берда цебе рещтIунеб букIана гьезул рахIат гьечIеб, хIалхьи лъалареб гIумруги, нахъасаго бахъулареб гIадамазул кIалги. Хасго захIмат букIана руччабазе. Гьебги ракIалдещвезабуна ХIайбула ГIабдулгъапуровас.

 

 

— Чан нухалъ лъугьарал артисткабазул тухумалъул бихьинал гьезие гIадлу гьабизе, хIатта чIвазегийиланцин, амма бергьана театралде бугеб рокьи. Ва гьезда жидерго талихI батана магIарул театралда, — ян абуна гьес.

 

 

Унго-унгояб магIарул кечI-бакъанги рагIана гьениб.

МагIарул халкъиял бакъназда кучIдул ахIана театралъул артистаз.

Байрамалде рачIунел магIарулазда дандчIвай гьабулеб букIана магIарул зурмида рачунел хIикматал сариназ. Сверухълъиялдаго бан бугеб гьелъ цебечIезабулеб букIана магIаруллъи.

Исанасеб сон театралъул бугелъул, магIарулазда ва театралъул коллективалда байрам баркизе ва театралъул гIаламат МухIамадрасул МухIамадрасуловасухъе кьезе Дербенталдаса вачIун вукIана Лезги театралъул вакилги.

МагIарул театралъги гьеб гIаламат кьезе буго республикаялъул Операялъул ва балеталъул театралъухъе.

Гьединаб адаб-хIурматалда цоги нухалда ракIалдещвезаруна театралъул «Меседилаб фондалда» жидерго хатIалъ жидерго къиса хъварал артистал.

 

 

АхIун бахъинчIеб кечI къваридго буго 

 

 

Театралъ жиндирго ЦIияб соналде дандчIвай гьабуна «АхIун бахъинчIеб кечI» абураб спектаклялдалъун.

Нахъеги судана согIал ругънал, доб гIасияб рагъул сипаталъ цIидасан ханлъи гьабуна спекталялъул ралагьаразул пикрабазда. Жиб рак\алдещведал, тIолабго черхалда гъаргъар балеб сурукъаб куцалъул рагъда чIваразухъ цIидасанги гIодана жеги гьезухъ угьдулеб бугеб кечI.

 

 

МагIарулъи. Хунзахъ росу. Театралда рухI лъурав ГIабдурахIман Магаевги театралъул артисталги хIадурлъулел руго цIиял спектаклязде. Ролал. Ролал. Ролал…

Амма гьел талихIал лахIзатаз гьезул цонигиясда бичIчIулеб букIун батиларо жидеца хIазе бугеб аслияб роль гIумруялъул нуцIида кIетIелеб букIин.

Театр рагьаралдаса гьелъулгун кIудияб гьудуллъи ккарав ЦIадаса гIакъил ХIамзат кIудил гIумруялъул дарсаз гьалагаб цIа бакана мугIрузул цIумазул борхалъиялда жидеца магIарул намус лъурал гIолилазда.

ТIабигIаталъги ТIадегIанасги унго-унголъунги ЦIадаса ХIамзатида релълъараб сипат кьурав Россиялъул мустахIикъав артист ХIлсен Казиевас роль хIалелъул, цересаго унел рукIинчIо халкъияв шагIирасул гIумруялъул дарсал. Живго ХIамзат сценаялда бугеб гIадаб асар гьабулеб букIана магIарулазе.

АхIулелъубго хутIана кечI. ТIуралъубго тана магIарул тIармил чIва. Театралъул 13 артист ан,а тушманалдаса ВатIан эркен гьабизе.

Гьезул сураталги. Гьез, чIагояз гIадин, бицунеб букIана жидерго, чIваразул, хIакъалъулъ къиса:

 

 

— Дун вуго МухIамад-ХIажи

— Дун – Сурхай.

— Дунги — ГIумаров МухIамад…

 

 

Гьедин бицунеб букIана ВатIаналъул васаз жидерго къиса.

Ва цIидасанги – цIа боркьараб рагъул кор. Гьеб коронир чIурх\анана гIолилазул хIасратги, гIищкъуги, анишалги.

Амма абадиялъе хутIана гьезул бахIарчилъи. ГIелаз гIелазухъе кьун, цIунун буго гьеб жакъаги.

Гьеб бахIарчилъигун цадахъ дандчIвай гьабизе буго нилъеца КIудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тIубаялде.

 

 

ГIодона гьеб сордоялъги ахIун бахъинчIеб кечI.

Амма гьеб ахIулеб буго бахIарчиял умумузул жакъасел ирсилаз.

Жакъаги къварид буго ахIун бахъинчIеб кечI. Амма гьелъул буго цIакъго тIадегIанаб роржен.

Нух битIаги гьелъие ва, гьелъул куркьбаздаги рекIун, тирулеб бугеб даимаб бахIарчилъиялъе.

Гьедин байбихьана магIарул театралъ 85-абилеб театралияб сезон.

 

IMG 9525

 

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъги баркула магIарул миллияб гъанситолъунги, гьелъул гIумруялъул матIулъунги, магIарулазул годекIанлъунги кколеб театралъул коллективалда гьеб рохалилаб лъугьа-бахъин.

 

 

Нух битIаги дуе, гIагараб театр.