«Мун йиго дир эбел»

 

МагIарул театралда цIияб спектакль

1980-абилел соназул ахиралда бихьун букIана дида «Мун йиго дир эбел» абураб спектакль. Дол соназда гьеб лъун букIана ДРялъул халкъияв артист СалихI Имангъоловас. Гьанже гьеб цIигьабуна РФялъул мустахIикъав артист МухIамад НурмухIамадовасул хIаракаталдалъун.

 

 

Къокъго бицани, аслияб масъала букIана ритIухълъи цIуни. Цо хъизамалда гIолей кIиго яс: цояй – рукъалъул тIалабалда, цогидай – ихтилат-кепалда. Рукъалъул тIалаб гьабулей Зарипатида (ДРялъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаева) ракIгъеялда гIумру тIамулей Диляраца (ДРялъул мустахIикъай артистка Амантула Къебедова) абула, мун киданиги росасеги инарин, къватIулъан гьабураб дир лъимер дуца хьихьеян абун. Щай Зарипат гьелъул рагIабазда божарай? Лъаларо. Амма яцалъул рогьо бахчизе хIаракат бахъана гьелъ ва, чияр росулъеги гочун, жиндирго вас гIадин хьихьана Мирзахан (арт. МухIамад Дудуев). Эбелалъулаб хIеренлъиялъги хIасратаб рокьуцаги веэдун гIола Мирзахан. Амма гьесие кидаго камун вукIуна эмен. ГIелцоялгун васандулагоги, дагIба-къец ккараб мехалдаги гьесда кидаго рогьо бала къватIулъажоян абун. Гьеб сабаблъун чанцIулго вагъизеги ккана гьев.

 

 

Огь, нилъ чIухIулеб куц, нилъер лъимадуе бергьенлъи щвараб мехалда! Мирзаханил азбаралдаги «байрам» рещтIинчIого букIинищха! Маян абун, гьесие бергьана лоторея. Гьебмехалда ракIалдещола гьев чохьол эбелалдаги дунялалдаса кеп босулаго гIумру унев инсудаги. 16 соналъ васасул хабарго цIехечIей Диляра ячIуна, хирияв васасухъ урхъиялъул бицине, гьев жиндаго аскIове вачине хьулалда. Лъимаде йикIаго, Диляра рехунтарав Керимил (ДРялъул мустахIикъав артист ГIабдухаликъ ГIабдухаликъов) рекIелъцин кунчIана киданиги жиндие загьирлъичIеб инсулаб рокьул цIадул хIенехI. Гьев расги нечоларо Зарипатил азбаралде вачIинеги гьелъул мулкалдаса пайда босиялда тIад ургъизеги. Бихха-хочула Мирзаханил гIакълуги: кIиго баба, кIиго дада… шагьаралда минагун машина. «Гьанже лъицаниги абиларо дида къватIулъажоян абун» — гьеле гьесул рохалие аслияб гIилла. Амма Зарипатицаги росдал маххул къебед Абакар-дацицаги (МухIамад НурмухIамадов) кьураб тарбия гIадада ккечIо. Кумекалъе ятана Мирзаханил гьудул Гулзараги (арт. Аминат Булачева).

 

 

Эбеллъун йикIине мустахIикъай гIадан тIатинайизе гьес хIалтIизабулеб къагIидаялдасаги бихьула тарбиящвеялъул хIасил. «Кьабе дида гьаб цIал!» — ан тIалаб гьабула гьес цин чохьол эбелалда, хадуб инсуда, хадубги эменлъи гьабизе разилъарав эбелалъул рос Имамудинида (ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан НурмухIамад НурмухIамадов) ва живго хьихьарай эбел Зарипатида. Кинай эбел унго-унгояйлъун рикIкIарай Мирзаханица ва кьабанищ гьесда цIал? Дица гьелъие жаваб кьеларо. Амма рехсела спектакль ракIалда ч1еялъе цоги гIилла. Тарбиякьеялъул бицунеб асаралда чарагьечIого букIине ккола школалъул яги учителасул сипат. Гьаб спектаклялдаги буго гьеб. Амма дица гьеб дол соназдаго рикIкIана г1аксияб сипатлъун.

 

 

Йохъ, учительница гьединайлъун йикIине бегьуларо! Мирзаханил классалъул нухмалъулей Самеда йокьичIо дие. Артистка Разият Дибировалъухъа бажарана гьелъул хъачIлъи, согIлъи, бесдаласда яги янгъизасда гурхIунгутIи загьир гьабизе. Спектаклялъухъ балагьараб мехалда бичIчIулеб буго гьелъул хъизам гьечIолъи, лъимер гьечIого херлъизехъин йигеблъи. Зарипатил эбелалъулаб талихIалда ракIчIегIерлъун, лъикIаб тарбияги кьун, росуго чIухIарав вас гIезавун гьелъухъа бажариялъ мекъи ккезаюн йиго гьей «учительницаян» абизецин бачIунарей спектаклялъул багьадур. Учителасул махщалие цIалулей йикIарай дие дол соназда гьеб сипат лъугьана унго-унгояб дарслъунги, рокьукъаб хасияталъул мисаллъунги.

 

 

Дунялалда тIад чан чи ватаниги, гьедигIанасеб буго цоцада гьоркьоб бат1алъиги. Рокьуда аскIоб ццим, ритIухълъиялда хьолбохъ – гьереси, ракълил лъалкIда хадуб чIараб питнагун кьал – гьеб буго гIумру, лъикIлъиялъулги квешлъиялъулги кидагосеб къец. МагIарул маданияталъул кIалгIаялъухъ гьоболлъи барасе рес буго, хIакъикъиял лъугьа-бахъиназулги гIадамазул гьоркьорлъабазулги мисалаздаса пайдаги босун, жиндирго ракIалъ къабул гьабулеб нух тIасабищизе. Театралъ, ай сценаялда ролал хIалел актераз, гIицIго бихьизабизе буго лъикIлъиялъулги квешлъиялъулги нухаз нилъ рачине ругеб борхалъи яги гъваридаб кIкIалал тIину.