«Нуж хIалтIизе ккола, дир кочIол мухъал…»

 

Унго-унголъунги, сунцадай жакъа борцунеб магIарул кочIол роцен?

 

Цо-цояз лъагIалида жаниб лъаб-лъаб нухалда кьолел концертаздай, гьенир ахIулел цо-цо чIорогоял кучIдузе чIвалеб хъатил гъугъаялъдай, яги бертабазулъ букIунеб сухIматалъдай, ялъуни…

Гуро. МугIрузгицин бутIрулги къулулеб, гьезул чундулгицин соролеб гьаракьги биччан, тIолабго магIаруллъиялда рокьул дандерижилъун ахIулеб кочIол цIакъго тIадегIанаб багьа букIуна.

 

 

ГIенеккея цо лахIзаталъ:

 

 

— Борхатаб магIарде тIадеги яхун,

ТIогьоде бикьила духъ ккараб рокьи…

 

 

Огьо-гьой! Гьеб рокьул бацIцIалъи. ЧIужугIаданалъул намусалъул борхалъи. Дандекквезегицин кIвезехъин гьечIо гьеб кечI цо-цо жакъасел рокьул кучIдузда.

Жакъасеб магIарул кочIол дунялалда бугеб ахIвал-хIалалъулги, кочIохъабазулги, магIарул кочIол борхалъиялъулги хIакъалъулъ гара-чIвари ккана дир Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар ГIумархIажиевасулгун.

Гьесул кечI кидаго бокьана дие. Гьелъ бицуна нилъее магIарул миллаталъул тарихалъулги, бахIарчилъиялъулги, тIадегIанлъи-борхалъиялъулги хIакъалъулъ. Гьес кечI ахIулелъул, берда цере тIиритIула тIогьода босараб росдал сипатги, лъимерлъиялда кунчIи базабурал росдал къватIалги, гьениб лъугьунеб-бахъиналъул нугIзаллъун кколел росдаде тIаде къуларал мугIрулги. Гьелъулъ буго Абакарил кочIол къуватги – гьелъухъ гIенеккарасул рекIел тIиндеги лъугьун, гьелъул кIутIиги хIалуцинабун, нилъер пикрабазулъгицин ханлъи гьабун бажари. Абакарил кочIол щибаб рагIи «хIалтIула». Гьеб хIалтIулеб гьечIони, кочIолъ кепги рещтIунаро.

 

 

ГIагараб ТIидиб росдал школалда цIалулеб мехалдаго, гIахьаллъулаан Абакар магIарул кочIол конкурсазда. Кидаго кколаан цересел бакIалги. Росулъ гьавурав, росулъ гIун вачIнев вугев магIаруласул рекIелъ даимго рукъ ккуна унго-унгояб магIарул кечIалъ. Гьелъулъ батана гьесда жиндирго талихIалъул цо бутIаги. Гьеб кечIалъ, кверги ккун, нухарегIана вукIинесев халкъияв кочIохъан балъголъабазул цIураб магIарул кочIол дунялалде. Жакъа гьесда кIвана гьелъул тIогьазде вахине. Ва гьеб хIиматаб дунялалдаги буго Абакарил кочIол хасаб улка. Гьениб буго багьадурлъиги, бахIарчилъиги, рокьиги, ццинги, магIуги, релъиги.

 

 

КIудияб искусствоялде тIамураб тIоцересел галабазул бицунелъул, Абакарица ракIалдещвезабуна:

 

 

— Дун цIалулев вукIана анкьабилеб классалда. Росулъе, дунги цIехон, рачIун рукIана «Тайна синих гор» («ХъахIилал мугIрузул балъголъи») кино бахъулел режиссеразул къокъа. Гьезда абун буго Советский районалъул (гьанжесеб Шамил район) ТIидиб росулъ вугин гьеб киноялда кечI ахIизе бугев васасе дандекколеб гьаракьилан. Гьединаб букIана искусствоялъул дунялалде тIоцеве дун лъугьунеб лахIзат.  

 

 

Абакар ГIумархIажиевас лъугIизабуна ДГПИялъул музыкалияб факультет. Гьелдаса хадуб хъулухъ гьабуна армиялда, Грузиялда. Гьенибги гьес гьудуллъи къотIизе течIо магIарул кочIолгун. Гуржияз кIудияб адаб гьабулаан гьес магIарул ва гIурус мацIазда ахIулел кучIдузул.

 

 

1990 сон. Гьелдаса нахъе щуго соналъ Абакар ГIумархIажиев хIалтIана Казбек районалда. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб «Салатавия» кочIол ансамбль машгьураб букIана Дагъистаналда. Дагь-дагьккун тIадегIанлъиялде боржунеб букIана Абакарил кечI.

29 сон барав гIолиласе кьола «Дагъистаналъул мустахIикъав артист» абураб тIадегIанаб цIар.

 

 

ГьабсагIаталда Абакар ГIумархIажиев хIалтIулев вуго МагIарул театралда музыкалияб бутIаялъул нухмалъулевлъун. Гьес бакънал хъвала сценаялда лъолел спекталязе. Гьезда гьоркьор руго «Аманат», «АхIун бахъинчIеб кечI», «Булбулалъул кечI» ва цогидалги.  Гьединго гьев ккола театралда бугеб чIарадисезул хоралъул гIахьалчиги.

 

 

Абакарица дие рекIехъе рикIкIана Расул ХIамзатовасул, ЖабрагIил ХIасановасул, МухIамад Гунашевасул, Залму Батировалъул ва цогидалги магIарул шагIирзабазул кучIдул.

 

 

— Дие рекIее гIураб кечI дица лъазабула, цинги ахIула. КигIан хIаракат бахъаниги, ракIалдаги чIоларо гьелъие къабуллъичIеб кечI, — ан абуна Абакарица.

 

 

Гьабгощинаб кечI рикIкIараб мехалда, цониги ахIизе бегьиларищан дица абидал, Абакарица ахIана жиндирго бакъаналда М. Гунашевасул рагIабазда «Цо берцинай гIадан херлъулеб мехалъ» абураб кечI.

БотIрол расазда гIумруялъул савуялъ хIасраталъул накъищал угьулеб гьаб заманалда, дир рекIее гьелъ пашманлъиги рохелги жубараб асар гьабуна. Лъедолей, гьелчолей йикIана къисматалъул карачелабазулъ, цин рагIалде рехун, цин жиндирго хIориний гьукъизаюн. АхIана Абакарица цогидал кучIдулги.

АхIана бахIарчилъиялъул, яхI-намусалъул, магIарул миллаталъул борхалъиялъул хIакъалъулъ. Гьебгощинаб кочIода аскIоб рокьул кочIое бакIгойищ гьечIебилан, дица абидал, Абакарица жаваб кьуна бугизего кIиго рокьул кечI бугин жиндир кучIдузул гъасдайилан ва ахIун биччана:

 

 

— КIиго берцинаб бер цохIо надалда,

ЦохIо дур кьунсрузул кьури гIолев дун.

Нусго хIанчIилаб кечI гьеб дур мацIалда,

ЦохIо дур рагIиялъ гIадаллъулев дун.

 

 

Бихьулищха, бегьулеб букIун буго гьадинабги, чIужугIадан мугIрузулаб борхалъиялда лъолеб, рокьул кечI ахIизеги.

МагIарул театралъул артистка, Дагъистаналъул халкъияй артистка Зайнаб ХIамзатовалъ Абакарил бакъаналда «Ахилчи» абураб кечI ахIулеб рагIидал, магIу кквезе кIолев чиго вукIун ватиларо театралъул залалда т1обит1араб цо тадбиралда.

Бакъназулъги букIунеб буго инсан асир гьавизе кIолеб къуват. Гьединал руго абакарил бакъналги. Гьезулъ руго гIодиги, рекIел къварилъи-рохелги, хIанчIазул чIириги, лъаразул чилиги, тIабигIаталъул рииги, гIумруялъул их-хаселги, умумузул бахIарчилъги.

 

 

Гьез цин тIолабго черхалда гъаргъар базабула, цо заманалдаса рекIеда гIумруялъ чIвазабураб цIер биинабула.

Абакарил кучIдулги бакъналги цадахъ хIалтIулел руго.

Гьединаб гIажаибго бацIцIадаб кочIолаб дунялалда магIарулазе жинцаго рагьараб жиндирго улкаялда жиндирго кечI-бакъангун, пахруял ва чIухIарал цIумазул тIадегIанаб рорженалда аскIов вуго жакъа Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар ГIумархIажиевги. Гьеб цIаралъе гьев мустахIикълъана 2018 соналъул 4 апрелалда.

 

 

Гьединго Абакар хIалтIулев вуго Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралдаги.

Гьев гIахьаллъана Г. ХIасановасул «Хочбар», М. ХIусейновасул «Шарвили», М. Кажлаевасул «Валида» ва цогидалги операбазда

 

 

Гьалеха гьаданаб буго магIарул кочIол багьаги роценги. КочIохъ гIенеккаразда жалгоги жидерго къисматги кучIдузулъ батулеб бугони, гьеле унго-унгояб магIарул кечI.

Артистасул рахIат хвезабун буго, жакъасеб магIарул кочIол гъасда «цIикулел» ругел цIвабзазул кунчIи бихьун.

Амма гьединазул кечI гIемераб заманалъ «хIалтIуларо».

ГIумруялъул карачелабазде данде лъедон бажаричIеб гьеб нухдаго хутIула. Унго-унгояб магIарул кочIол хIикматаб гъасда Абакарица бакараб ва гвангъун, гьелегьун рекIун бугеб хIасраталъул цIа даимаб букIиналда дир ракIчIола.