ГIагараб театралъе кьураб гIумру

МухIамад НурмухIамадовасул цIваялъул кунчIиялъухъе гьоболлъухъ ахIун рукIана

 

Киноялда букIа, театралда букIа, батIалъи гьечIо, лъикIал гурел ролал хIалев артистасдехун цо кинабалиго рокьукълъи бижун бачIуна. Гьеле гьединавлъун вукIана диеги МагIарул театралъул артист МухIамад НурмухIамадов. МахIмуд ГIабдулхаликъов цеве вачIиндал, киналго релъулаан, ХIосен Казиевасда берчIвайдалги, разилъула. Амма МухIамадица роль хIалелъул, спектакль лъугIизегIан гьесде хьандолелги камулароан. РакIалда буго, цо спектаклялда немцасул роль хIалеб букIана гьес. Спектакль лъугIун хадубги, чанго къоялъ нахъе унеб букIинчIо гьесда бахъараб ццин. Гьев дие вукIана ццидалав ва квешав артистлъун. Гьеб гурищ доб ТIадегIанас кьураб кIудияб пагьму-гьунар — гIадамазда рихинеб хIалалда жиндирго роль хIан бажари.
Амма гIумруялда батIияв вукIун вугоха халкъияв артист.
МугIрузда лъадарараб унго-унгояб кьварараб хасияталъул, гьединабго кIалъаялъул, гьурмада бессараб гIажаибго гIадамазул ракIазулъе рещтIунеб гьимиялъул, жиндирго цIваялъул тIадегIанлъиялда аскIоб жиндиргоги цIар хъварав, тIадегIанаб махщалил актер МухIамад НурмухIамадов.
15 ноябралда гьеб цIваялъул кунчIиялъухъе гьоболлъухъ ахIун рукIана МагIарул театралде артистасул творчество бокьулелщинал дагъистаниял. КIодо гьарулел рукIана МухIамад НурмухIамадовасул гIумруялъул 70 сон тIубай ва гIагараб театралъе кьураб 45 сон. Юбилярасда баркизе рачIун рукIана гьесул гIагарлъиги, ракьцоялги, классцоял гьалмагъзабиги, гьудул­забиги. Дандеруссиналда гьединго гIахьаллъана шагIирзабиги, хъва­дарухъабиги, гIалимзабиги. Тад­бир байбихьана МухIамадица ро­цIараб, мугIрузул иццалгIан ба­цIцIадаб гьаркьидалъун ахIулеб ко­чIодалъун. Цере рачIунел рукIана гIа­жаибго берцинаб магIаруллъиги, гье­ниб кунчIараб МухIамадил цIваялъ босараб борхалъиги, гьеб борхалъиялда мустахIикъаб бакI ккурав артистасул къисматалъул свералабиги. Юбилеялъулаб сценариялда гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеороликалъги бицунеб букIана артистасул гIумруялъул нухазулги, лъалкIазулги, сухъмахъазулги, гьесул пикраби-анищазулги, наслабазе толеб бугеб бечедаб рухIияб ирсалъулги хIакъалъулъ.
Баркиял…, баркиял…, баркиял.
КIалъазе рахъараз гьеб сордоялъ магIарулазе рагьулел рукIана миллияб театралияб маданияталда меседил хIарпаз жиндирго цIар хъварав МухIамад НурмухIамадовасул махщалил балъголъаби. Абула, махщалил рорхалъабазе гIорхъи букIунарилан. Кинав артистасулха рукIунарел гьел рорхалъаби мукIур гьаризе анищалги. МухIамадил гIумруялъул тIохьол тIанчал нахъехун регулаго, бихьулеб буго гьев гьеб борхалъуде бугеб нухдаса цониги нухалда хъущтIичIевлъи ва таричIевлъи. Тадбир нухда бачана ГIурус театралъул актер, республикаялъул мустахIикъав артист Владимир Мещериница. Байрам берцин гьабун букIана МухIамадил ракьцоял, ЧIарада районалдаса эстрадаялъул кочIохъабазул церерахъиналъ.
Регизин цIидасанги нахъехун актерасул гIумруялъул ва махщелчилъиялъул тIохьол тIанчал
МухIамад НурмухIамадов гьавуна 1947 соналда ЧIарада районалъул Хьинуб росулъ. ГьитIинго бижана гьесулъ актерлъиялъул махщалиде кIудияб рокьи. ГIолиллъуда гьеб къасд дагьабги щулалъана. Ва даим ритIухъавлъун хутIана лъимерлъиялъул анищазе.
1967 соналда МухIамад цIализе лъугьана Киевалъул театралияб институталде. Ва 1972 соналда хIалтIизе вачIана МагIарул театралде.
Ролал, ролал… Чанго батIияб сипаталда кIалъана актер сценаялдасан магIарулалгун. Бицана гьес халкъалъе миллаталъул каранда жавгьараллъун кенчIарал бахIарзазул хIакъалъулъ. Гьабуна гьес хитIаб кIудияв Шамилил цIаралдасан дагъистанияздезун гIагарал мугIрузул эркенлъи цIунейилан. Даимаб суаллъун хутIун бугеб ришватчилъиялъул ва гIарцуца хIакимзаби «ричун» росиялъул къваридаб къисаялъул хIакъалъулъ бицана гьес, Н. Гоголил «Ревизор» асаралдаса гIуцIараб спектаклялда роль хIалагоги. Вихьана магIарулазда актер «Отелло», «Камалил Башир» (ГIабасил МухIамад), «МугIрузул ГIали» (Зайирбег ГIалиханов), «КIодоласул ригьин» (ЦIадаса ХIамзат), «Аршин мал алан» (У. ХIажибегов), «Рокьул контора» (ХI. Казиев), «МахIмуд ва Муи» (ГIабасил МухIамад) ва цогидалги спектаклязда. Театралъе кьураб 45 соналда жаниб нусгоялдасаги цIикIкIун багьадурасул сипаталда цеве вахъана МухIамад.
МагIарул театралияб махщел цебетIезабиялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъухъ гьев мустахIикълъана тIадегIанал шапакъатазе.
1997 соналда гьесие кьуна «Да­гъис­таналъул халкъияв артист» абу­раб цIар. Къоял рахъанагIан, санал анагIан, цIубан, тIегьан бачIунеб актерасул гьунаралъ мутIигI гьаризе байбихьана театралияб махщелалъул рорхалъаби.
2006 соналда МухIамад Нур­му­хIамадовасе кьуна «Россиялъул мустахIикъав артист» абураб цIар. Щвана гьесие гьединго республикаялъул хIукуматалъул ва Культураялъул министерствоялъул ра­хъалдасан ХIурматалъул грамотабигидипломал.
Амма бищунго къиматаб шапакъатлъун гьесие хутIизе буго гIагараб халкъалъул рокьиги хъатил гъугъайги.
Гьеб сордоялъги чIвана артистасе хъат. Гьеб хъатил гьаркьица МухIамадил гIумруялда 45 соналъ угьана тIадегIанаб пагьмуялъул накъишал. МагIарулазда гьеб сордоялъги вихьана КIодолавги (ЦI. ХIамзат), ГIалиги (Р.ХIамзатов), мугIрузул ГIалиги (З. ГIалиханов).
МагIарул театралъул актераз баркана МухIамадида нахъа тараб гьайбатаб нухлул сухъмахъал ва шагьраби. РекIел гъварилъудасан бачIунеб хIасратаб рокьиялъ ахIулеб букIана гьез вокьулев артистасде КIодочилан. Гьедин абулеб буго гьез МухIамадида.
Жакъа гьев театралдаги ккола цIикIкIараб гIелалъул артистазул цояв. Гьес гIолохъанал артистазда лъалареб малъула, бажарулареб роль хIалеб куц бихьизабула. Ролал хIазе гуребги бажарула артистасухъа. Гьесда тIадкъан буго музыка хъвалеб студиялъул ишги. Гьес махщалида хIалтIизабула музыкалияб аппаратура. Бакънал хъвазеги махщел буго МухIамадил. Умумузулго аби гьечIищха, цо жоялъе гьунар бугев чи сундулъго гьунар бугев вукIунилан. Гьеле гьединав анкьгьунарлъун рикIкIуна аскIор хIалтIулезги МухIамад. ЛъугIана юбилеялъулаб сордо. ЦIидасанги байбихьана артистасул театралияб гIумру. ЦIиял ролал. ЦIиял зрителал. Ва жиндирго гIумруялъулъги гIагараб театралъул сценаялдаги талихI батарав Россиялъул мустахIикъав артист МухIамад НурмухIамадовги.

Шамай Хъазанбиева