Сонал. Нухал. Анищал

Халкъияв артист ракIалдещвезавиялъул сордо

 

Абадиялъ Баширлъун
Халкъалъул рекIелъ вугев,
Гелбахъазул ракIазулъ
Даим СалихI вуго мун
(зонода гьабураб хъвай-хъвагIай)
СалихI Имангъолов. Гьев ма­гIарулазе даи­малъего хутIана Камалил Баширил роль хIалев бер­цинав артистлъун. Советияб заманалда МагIарул театралда ма­гIа­рулазе бищунго вокьулев артистазул цояв вукIана гьев. МахIмуд ГIаб­дулхаликъовасдаги ХIосен Казиевасдаги цадахъ рехсолааан гьесул цIар. Школалда цIалулел дир гIе­лалъул лъималазгицин гьикъулаан, МагIарул театр районалде бачIун бу­гин рагIидал, Камалил Баширги гье­чIевищилан. Дов даим халкъгун ху­тIана.
СалихI Имангъолов гьавуна 1947 соналда Гъизилюрт районалъул ТIасияб Чирюрт росулъ. 1964 соналда анцIила анкьго сон барав гIолилав цIализе лъугьана Ш. Руставелил цIаралда бугеб Тбилисиялъул пачалихъияб театралияб институталде. Вузалъул преподавателаз гьесде кьолаан кIудияб кIвар. Гьезда бихьана СалихIил пагьму-гьунар. Студентлъун вугеб заманалдаго гьес ролал хIана дунялалъулго адабияталъул классиказул асаразул кьучIазда лъурал спектаклязда. Масала, «Жорж Данден» (Мольер), оперетта «Сильва» (И. Кальман), «Аршин мал алан» (У. ХIажибегов) ва цогидалги. Бицана артистас магIарулазе Камалил Баширилги, ТIагьирилги («ТIагьир ва Зугьра»), Хочбарилги («Хочбарги ханзабиги» Р.ХIамзатов), къваридал къисаби. Гьев сценаялде вачIиндал, гIажаибаб чIаголъи лъугьунаан залалда. Гьев вукIана халкъалъ ракI-ракIалъ къабул гьавурав артист. СалихI Имангъоловас ролал хIалел спектаклязде гIадамал унаан хъизамалгун цадахъ. Гьевгун цадахъ рохулаан, гIодулаан. Актерлъиялдаго цадахъ гьесул кIудияб махщел букIана режиссерлъиялъеги.
1977 соналда гьев витIула Москваялде Луначарскиясул цIаралда бугеб тIадегIанаб пачалихъияб институталда цIализе. 1980 соналда режиссеразул факультетги лъугIизабун, гьев тIадвуссана гIагараб театралде. Гьес лъурал спектаклял ратIарахъизе лъалаан магIарулаздаги.
Заманалдасан СалихI рикIкIана миллиял театразул бищун лъикIав режиссерлъун. Гьел спектаклял хутIана МагIарул театралъул хазиналъун, ва гьанжеги гIемер тIадруссана театралъул артистал гьес лъурал спектаклязде. СалихI Имангъоловас режиссерлъи гьабуна МагIарул театралда гуребги, гьес чанго спектакль лъуна ЛъарагI ва Тумазул театраздаги. Театралияб искусство цебетIезабиялъулъ лъураб бутIаялъухъ СалихI Имангъолов мустахIикълъана ДАССР­алъул, РСФСРалъул, комсомолалъул ЦКялъул ХIурматалъул грамотабазе.
1975 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъав артист» абураб тIадегIанаб цIар. 2002 соналда гьев мустахIикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цIаралъе.
Жакъа къоялдаги чIаго вуго СалихI Имангъолов магIарулазе. Гьев гьезул рекIелъ хутIана Камалил Баширлъун.
МахIачхъала шагьар. Ралъдал рагIал. Гьенисан бихьулеб тIабигIаталъ куркьбал гъурав гIолилав. АхIулеб буго кечI ма­гIа­рул­лъиялъул хIакъалъулъ…
ГIолохъанав СалихIил пагьму-гьунаралъул бицунеб ва гьес кечI ахIулеб видеоялдасан байбихьана 9 ноябралда МахIачхъалаялда, Поэзиялъул театралда тIобитIараб гьев ракIалдещвезавиялъул сордо. Исана гьев гьавуралдаса тIубана 70 сон. Дандеруссиналде рачIун рукIана Гелбахъалдаса артистасул гIагарлъи, МагIарул, ЛъарагI ва Тумазул театразул артистал, хъвадарухъаби, шагIирзаби, журналистал ва СалихI даимго ракIазулъ хутIарал магIарулал.
Тадбир нухда бачана МагIарул театралъул режиссер ГIалисултан Батировас. МагIуги, релъиги, пашманлъиги, рохелги жубараб гьеб сордоялъ цадахъ хIалтIаразги, гIагарлъиялъги, гьудул-гьамагъзабазги артистасул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьенире рачIаразе цIакъго асар гьабилеб хIалалда. Россиялъул мустахIикъав артист ХIосен Казиевас рекIелъ къварилъигун бицана СалихIил пагьму-гьунаралъул, роль хIазе ва гIадамазул ракIазулъе лъугьине гьесул букIараб махщелалъул. Гьединалго кIалъаял гьаруна МагIарул, ЛъарагI, Тумазул театразул актераз, ва цогидазги. СалихIил театралияб гIумруялъул хIакъалъулъ бицана гьесул гIагарав чи ГIалисултан Батировас, театралъул директорлъун доб заманалда хIалтIулев вукIарав ХIабиб ХIажиевас. КIалъаял…, кIалъаял. РакIалдещвеял…, ракIалдещвеял. Гьел гIемер рукIана гьеб сордоялъ.
Миллиял театразул артистаз рихьизаруна СалихI Имангъоловас лъурал спектакляздаса бутIаби. ЛъарагI театралъул режиссерас абуна СалихIица театралда лъурал спектаклял къогоялдасаги цIикIкIун соналъ рихьизарулел ругилан. Гьединго бицана Тумазул театралъул режиссерасги.
ЛъугIана СалихI Имангъолов цоги нухалда ракIалдещвезавиялъул сордо. МагIа­рулазул ракIазулъ даим чIаго вукIина Баширлъун гьезие хутIарав халкъияв артист.