Миллаталда кунчIараб жавгьар

Рахьдал мацIазул ва маданияталъул байрам

 

Араб анкьалда ДГУялъул филологияб факультеталда тIобитIана Дагъистаналъул маданияталъе ва миллиял мацIазе сайгъат гьабураб байрам. Данделъабазул зал цIун букIана рахьдал мацIги миллияб маданиятги бокьулел гьеб факультеталъул студентазулги преподавателазулги. ГIагараб каламги, миллияб маданията­лъул гъасда бакараб цIаги, цIадухъе ракIарарал миллияб партал ретIарал гIолилалги, кечI-бакъанги, кьурди-хъатги — гьеб киналъго цебечIезабулеб букIана гIадатаб росдал хIайранаб сипат. Гьале росдал годекIан, гьенир гIодор чIарал гIакъилал херал. Чан гIакъиллъиха бижараб мугIрул годекIабахъ! Дагьабго добегIан — ицц, лъел цIезе руккел гьабун гьенире унел гIолил ясал. АскIойго — гIумруялъул хIалбихьи бугей херай магIарулай. Гьелъ ясазе кьолел рукIана гIумруялъул дарсал. РакIалдещвезабуна, масала, къвалги(квар) бан, гIеретI баччулеб букIараб куц. Бицана цIураб лъел гIеретIгун сапаралъ гIагарлъиялъ нухарегIулеб гIадаталъул хIакъалъулъ. МагIарухъ гьанжеги цIунун хутIун буго гьеб берцинаб гIадат. Нагагь, гIеретIги чIобого бугони, данде сапаралъ унев чиги кколев вугони, тIадруссун уна, гьев чи цевеса инегIан. Гьале умумуз щар чIвалеб букIараб бархъалисезул дадги аскIобго лъимер тIад бущараб киниги. ЧIвалеб щарги, кIибикIулеб киниги, гIисинккун ахIулеб кинидахъ кечIги — гьеб киналъго чIаго гьабун букIана магIарул майдан. Лъана ясазда тIидул ва куракул карщал гьариялъул балъголъаби, мугь балеб куц, гьенибго хIалбихьана тIохол гьарурал къаязул. Бицана ясазе тIи балеб куцалъул хIакъалъулъги. Цого хIарччиниса квана ражигун ва бакъвараб бакьгун магIарул хинкIалги. Гьале гьалда абулебги батила богIол рокьийилан. Цадахъ квараб гьелда тIагIамги батIияб букIунеб буго. Киназго хIалбихьана магIарул хурдузул чаялъулги. Цо заманалдасан бахъана пандрил гьаракьги, зурма-къолол гьаркьихъе тIаде щвана бахIарай. БахIаралъе ккуна нухги, ахIана бахIарал кIодогьарурал кучIдулги. БахIаразул кIалдиб гьоцIоги хъвана. Гьалеха дой, гьумерги гормендоялъ бахчарай, умумузул парталги ретIарай нечарай бахIарай. БахIаразе гьарулел гьара-рахьиялги, малъа-хъваялги, цо-цо хьамиялги рагIана гьеб къоялъ гIолилазда. БукIинчIо байрамалда студентал ва преподавателал абураб гIорхъичIвай. Киналго цолъун лъугьараб гьудуллъиялъ асир гьарун рукIана байрам гIуцIаралги гьелда гIахьаллъулелги.
Щибаб миллаталъул вакилзабаз рихьизаруна жидеего хасал гIадатал. Миллияб кванил махIазги гьелъул тIагIамалъги гIажаибаб нур базабун букIана гьудуллъиялде сверараб гьеб байрамалда. Гьеб къоялъ гIажаибго берцин рагIулеб букIана гIагараб калам.
Щибаб миллаталъул майданалде гьоболлъухъ щвана цогидал миллатал. Рагьана цоцазе богогьанлъиялъул балъголъаби. ГьолочIвараб гIатIги гьелъул хинкIалги гьарулеб куца­лъул цогидазе бицана магIарул майданалдаса гIахьалчагIаз. Ва ахиралда гьабуна киналго гIахьаллъараб миллияб кьурди.
ЧIахъаги нилъер рахьдал мацI!