«Пехлеваналъ» Москва асир гьабуна

Дагъистаналда букIине ккола цирк

 

Максим Галкиница бачунеб «Киназдасаго цIакъав» передачаялда Дагъистаналъул «Пехлеван» циркалъул студиялъул гIисинал палугьабазул церерахъиналъ балагьарал рази гьаруна. Гьезул хIакъалъулъ рагIидал, гьел маялъул ахиралда гьеб шоуялда гIахьаллъизе ахIун рукIана. Останкино студиялда гIисинал палугьабазул церерахъиналъул видеоролик бахъун хадуб, коллектив къабул гьабуна РФялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул кидагосеб вакиллъиялъ. ДРялъул вакиласул ишал тIуралей Изумруд МухIудиновалъ абуна: «Кибго гьечIо гьазул гIадаб палугьабазул школа. Жидерго гьунаралдалъун гьаз Дагъистаналъул цIар дунялалдаго рагIизабуна», — ян. Гьениб лъималазе сайгъаталги кьуна.
ДРялъул культураялъу­л муста­хIикъав хIалтIухъан АсхIабгIали ХIа­сановас бицана циркалъул сту­дия 2004 соналъул апрелалдаса нахъе хIалтIулеб бугилан. Коллек­тивалда рукIанила палугьабиги, акро­баталги, акробатал-комикалги, акробат-кьурдухъанги ва зурми­хъангун къолохъанги. Жакъа гьес нух­малъи гьабулеб буго кIиго коллективалъе: палугьабазул «Пехлеван» студиялъеги «Дагъистаналъул цIумал» абулеб лъималазул школа-искусствоялъеги. «Киназдасаго цIакъав» шоуялда лъабго метралъул борхалъиялдасан цIараб кварида лъималаз рихьизаруна гIадатиял гурел гьунарал. «Пехлеваналъул» коллектив ккола Рабадан Абакаровасул ва Ярагъи ХIажикъурбановасул цIа­ралда тIоритIулел «Пагьламан» абулел республикаялъул палугьабазул конкурсазул кидаго бергьенлъи босулеб, «Бегущая по волнам» абулеб лъималазул ва гIолилазул анкьабилеб халкъазда гьоркьосеб фестиваль-конкурсалда Гран-при босараб (2004 сон, Москва), «Звезды Кавказа светят в Москве» (2012 сон), «Весна Победы» (2012 сон, Москва), «Русские сезоны в Париже – Хрустальная пирамида» (2013 сон, Париж) абулел фестивалазда Гран-при босараб коллектив. «Киназдасаго цIакъав» шоуялда, квариде рахиналда цебе, гIисинал артистал МухIамад Къурбановас, Сабрина Къурбановалъ, Сапият МухIамадовалъ, Марям СайгидахIмадовалъ, Жавгьарат СайгидахIмадовалъ программа бачунев Максим Галкинида бицана жидерго коллективалъул ва палугьанлъиялъе ругьунлъизе жалго иналъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ.
Шоуялъул хIасил гьабулаго, Максим Галкиница абуна: «Бихьаниги божизе захIмат буго! Кинал хIалчIахъадалха нуж ругел! Дун чIухIула Дагъистаналдаса! Киндай буго нужедаса Дагъистан чIухIун!», — ан. Щивав артистасе гьес кьуна «Киназдасаго цIакъав» абулеб медальги, гьуинлъабазул цIурал сумкабиги, расанкIабиги.
Галкинилгун букIараб къокъаб­го гара-чIвариялда АсхIабгIали ХIа­сановас бицана жинца куцалел лъи­­малаз къватIисел пачалихъаз­да тIоритIулел къецазда кидаго тIо­цересел бакIал росулинги.
ГIолохъанал палугьабазин абуни нижеда бицана Москваялъу­л бер­цин­лъиялъул, Галкинилгун бу­кIа­раб дандчIваялъул ва жидерго церерахъиналъул хIакъалъулъ. Ма­хIачхъала шагьаралъул № 35 школа­лъул цIалдохъан, анцIго сон барай МухIамадова Сапиятица абуна квариде рахин жидее бугила гIадатияб иш, амма москваялъулаз гьеб цIакъ кIудияб гьунарлъун рикIкIанила, гIемер рецциялъ жал нечезарунила. Анлъго сон барав Къурбанов МухIамад чIухIун вугоан Галкиница квер бачиналдаса, хIикмалъизавун вугоан Москва шагьаралъул берцинлъиялъ.
Анкьабилеб классалъу­л цIалдо­хъан, 12 сон барай Сайгид­ахIма­дова Жавгьаратица абуна лъабабилеб сон бугила жиндир циркалъул студиялде хьвадулелдаса. ЦIакъ бокьулила квариде яхине ва балагьарал рохизаризе. МахIачхъала шагьаралъул № 42 школалъул лъабабилеб классалъул цIалдохъан, ичIго сон барай СайгидахIмадова Марямица бицана, «Дагъистаналъе рецц!» абун балагьараз цадахъ ахIулеб мехалда, жиндир рохалие гIурхъиго букIинчIила.
Нижергун букIараб гара-чIва­ри­ялда АсхIабгIали ХIасановас абуна: «Парижалда тIобитIараб фести­валь-конкурсалда, жюриялъул пред­­се­датель Фридрик Аудигонд хIик­малъизавуна нилъер палугьабазул гьунаралъ. КIинусго коллектив гIахьаллъараб гьеб фестивалалда гьес конкурсги гала-концертги нижедасан байбихьизе тIамуна. Гьес абуна гьадинал лъимал рижулеб ва бокьараб мехалда гьезул гьунаралъухъ балагьизе рес бугеб нужер халкъ талихIаб батилин. Турказул хъвадарухъан Назим ХIикметица хъван букIана Дагъистаналъул халкъалъул букIине кколила кидаго хIалтIулеб цирк ва лъикIаб букIинаанила гье­лъул кьучIалда республикаялда ТIол­го­союзалъул палугьабазул школа гIуцIани. Гьебго пикру такрар гьабун букIана машгьурав иллюзионист Эмил Киоцаги. Республикаялда нилъерго цирк гIуцIизе кколин ахIи балеб буго дица 1995 соналдаса нахъе. Опералъул театр рагьилалде цебе гьаниб цирк букIине кколаан. Нилъер гIадал чотIахъабиги, къуватал гIолохъабиги, палугьабиги, гьунарчагIиги кирго гьечIо. Пайда щиб, хIакимзабазе цирк къваригIун гьечIо, чIахIиял байрамазда церерахъине хIажалъидал гурони ниж гьездаги рихьуларо», -ян.
Циркалъул школалде росулел лъи­малазул хIакъалъулъ бицунаго, АсхIабгIалица абуна, школазде ун, ралагьулила гьунар бугел лъимал. Щиб-щибниги жоялде руссун течIого, эбел-инсулги рес бугила лъимер жидер школалде кьезе.
«ДагъОгниялда буго, лъимала­зул циркалъул школа. МахIач­хъа­­­­лаялда букIине ккола чIа­хIи­я­­­­зулги гIисиназулги цадахъаб, ки­­­­даго хIалтIулеб цирк. Рамазан ГIаб­­­дулатIиповас абун букIана цирк ра­гьиялъе кумек гьабилилан, Ва­силье­васдасагIаги гьелъие ку­мек щвелеб ба­тила. Палугьан­лъи­­ялъе дица ругьун гьавуна 500-ялдасаги цIикIкIун гIо­лилав. Рес­публикаялда цирк бу­кIарабани, гьезие хIалтIизе бакI бу­кIинаан, Да­гъистаналъул цIарги гьез дунялалдаго рагIизабилаан», — ан абуна А. ХIа­сановас.
Гара-чIвариялъул ахиралда АсхIаб­­гIалица гьарана шоуялде иналъе жидее кумек гьабурал Ма­хIачхъала шагьаралъул маххул нухлул вокзалалъул начальник Рамазан Юсуповасе, вокзалалъул кIудияй ка­ссир Зарипат Мирзоевалъе, лъималазе миллиял костюмал хIадурарай ХIу­рият Малаевалъе ва гIарцулаб кумек гьабурав МахIачхъалаялъул Ле­нинский районалъул налогазул инспекциялъул начальник Заур Мур­тазагIалиевасе жидер рахъалдасан кIудияб баркала кьейиланги.
Нури Нуриев