Театр – гIумруялъул матIу

Булбулалъул кочIол хIасратал саринал

 

Араб анкьалда МагIарул театралъул артистаз бихьизабуна И. Юзеевасул пьесаялда рекъон лъураб «Булбулалъул кечI» абураб спектакль. СалихI Имангъоловасго лъун букIараб гьелда кIиабилеб рухI гъуна ХIайбула ГIабдулгъапуровас.

ЦIидасанги сценаялдасан гIоли-лазда кIалъана билулеб бугеб намус, гьеб хIинкъулеб букIана насихIатал гьаризегицин. ГIумруялъул бецIаб бокIнилъ кьеризабун бугеб загIипаб гьеб къабул гьабизе щивго хIадур вукIинчIо. Амма спектакль байбихьаралдаса лъугIизегIан гIодулеб намусалъул гьаракь сородулеб букIана. БухIулеб бугеб гьелъул махI чIвараб кинигин, кватIараб кантIиялъ ахиралда тIуркIизаруна больницаялда унтун регун ругел гIолилал. Гьезул палатаялъуве вачIуна ункъабилев унтаравги — ХIамзалов (Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиев).
Къваридаб каламги, пашманаб балагьиги, ургъел гьечIолъиялъ унтараб сверухълъиги, тIабигIаталдехун бугеб хашаб бербалагьиги – гьеб киналъго ракI унтизабурав КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарчи ХIамзаловасул рекIел угьиялъухъ гIинтIамидал, гIодулеб букIана яхI. Гьесда цадахъ палатаялъур регун рукIарал унтарал рукIана цIакъго согIал гIоркьилал. ХIамзаловас гьезие бицунеб букIана кIудияб гIелалъул адаб гьабизе, аралъул къимат гьабизе, тIабигIат цIунизе ккеялъулги хIакъалъулъ.
ХIамзаловас унтаразул цояв гIолиласда ракIалдещвезабулеб букIана эбелалъухъе щвезе ине заман кидаго букIине кколин лъималазулилан. Рохьихъан ХIамзалов гIорцIулев вукIинчIо булбулалъул хIасратаб кочIол берцинлъиялъул хIакъалъулъ бицун. Кинха гьеб бичIчIилеб букIараб яхIалда кьаву чIван бугел гIолилазда (артистал – ХI. Хасаев, С. Батиров, М. ГIабдулатIипов).
Гьенибго бихьизабуна гIолилазул цо рихьарабго кколеб рокьиги ХIамзаласулги гьесул Шамалалъулги даимаб рокьиги (Шамалай – Дагъистаналъул мустахIикъай артистка ПатIимат Казиева).
Ахиралда херав чIалгIарал гIоркьилаз гIарза хъвала жидеда аскIоса гьев нахъе вачейилан. Цинги, къвалакь къандалъоги ккун, херав живго уна нахъе. Ва гьеб лахIзаталъ цояв гIолилав-унтарав кантIула. Намусалъ гIадалъ хъат кьабарав гьев ви-гьана ва цогидаздаги бичIчIизабула жидецаго херасул гьабичIеб адаб. Ва гьел цадахъ уна ХIамзалов тIадвуссинавизе. Амма кватIун ккана – гьебсагIаталда тохтурас лъазабула херав хванилан. Амма хвезе гьечIо булбулалъул даимлъиялде араб кечI. Биччанте гьеб кочIол абадиял сариназ чIаго гьабизе чIунтулеб гIумруги гIолилазул къасдалги. Биччанте булбулалъул роцIараб гьаракьгун цадахъ гьезухъе тIадбуссине эбел-инсуде бугеб гIищкъуги, лъималазде бугеб рокьиги, рокьул цIурал ракIазулъан цIидасанги гьимизе билизехъин бугеб намус. ГIицIго гьелъулъ буго инсанияталъул хвасарлъи.
Дида гьенибго ракIалдещвана театралъул артистка Майсарат ГIабдулмажидовалъ бицарабги.
— «Я къвал бала, я къоно чIвала» спектаклялдаса хадуб чанги лъимал ана магIарухъ хутIарал эбел-эмен жидедаго аскIоре шагьаралде рачине. Гьеб рагIараб мехалда, цо дун йохун йикIараб куцха. Гьеле гьелъулъ буго театралъул къуват», — илан абуна гьелъ.
Щиб лъалеб, гьаб спектаклялдаса хадубги цо-цониги гIолилал кантIизеги бегьула.
Гьединго спектаклялда ролал хIана М. НурмухIамадовас (тохтур), Майсарат ГIабдулмажидовалъ (санитарка), Разият Дибировалъ (медсестра).