Дун – мугIрул яс, бусурманчIужу, россиялъулай

Гьанжесел руччабаз умумузул рукIа-рахъиналдаса мисал босулебани…

 

18 октябралда Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIана «Дун – мугIрул яс, бусурманчIужу, россиялъулай» абураб руччабазул культурияб тадбир.

ДРялъул муфтияталъ, ДРялъул хIукуматалъул диниял идарабазул бухьеназул комитеталъ ва «Аманат» медиа-студиялъ цадахъ тIобитIараб гьеб мажлисалда гIахьаллъана батIи-батIияб ригьалъул руччабиги студенталги. Гьениб ракIалдещвезабуна умумузул рукIа-рахъин, бицана цебе руччабазе бетIербахъи гьабизе букIараб захIмалъиялъул. «Рисалат» студиялъ бихьизабуна бусурбабазул ретIа-къаялъул гьайбатлъи.
ДРялъул муфтияталъул вакил ГIайшат НурмухIамадовалъ ра­кIалде­­щвезаруна Шамил имамасул заманалда рукIарал бахIарчиял ва къадруял руччаби. Доб заманалда диналде руччабаз кьолеб букIараб кIварги, бихьиназдехун букIараб яхI-намусалъул цIураб бербалагьиги, лъималазе кьолеб букIараб тарбияги, тушманасулгун кьалулъ бихьиназдаса къечIого гьабулеб букIараб бахIарчияб гIахьаллъиги ракIалдещвезабуна руччабазул мажлисалъул гIахьалчагIазда ГIайшат НурмухIамадовалъ.
«ТIасияб Гъунир тушманас сверун ккураб бакIалда Шамил имамас абун буго: «Жакъа дида цадахъ 60 гIашилтIисей йикIарайани…», — ян. Гьединал бахIарчиял ва намус тIадегIанал руччабазул ирсилалин абизе нечараб къагIидаялъ хьвадулел руго жакъа нилъер цо-цо руччаби. Бокьилаан гьездаги исламалъ чIужугIаданалъул гьабулеб къиматалъул ракIалдещвезабизе ва гIолеб гIелалъеги нилъерго къадруял умумузул гIумруялдаса мисал босун тарбия кьезе гIураб лъай букIине», — ян абуна муфтияталъул вакилалъ.
ПатIимат СултIанмухIамадова