ЦIияб тIехьалъул хIакъалъулъ

Дир меседил кини, чиллайдул гьулак…

 

ЦIумазул тарихалъ куцана дир рухI…

Дун тIад кIибикIараб меседил кини,
Керен цIун буго дир дур берцинлъиялъ.
Лъимерлъи гьелчараб чиллайдул гьулак,
Чорхолъ буго жеги дуца лъураб жан.
Залму Батирова

Гьале жакъаги бегулеб халкъияй шагIиралъул иргадулаб тIохьол иргадулал тIанчал. ЦIаланагIан цIализе рокьулел гьелъул шигIрабаздаса чIвалеб буго росдал махI — киниги, кечIги, росуги, мугIрулги, магIаруллъиги…
«Асарал» абураб цIаралда гъоркь гьанжегIагар къва­тIибе бачIараб тIехьалда руго шагIиралъул цIиял асаралги, нилъеда церехун рагIун рукIаралги, руго поэмабиги. БатIи-батIияб тематика. Дие бицен гьабизе бокьун буго росдал пикрабазулъ тIегьан рачIарал шагIиралъул шигIрабазул.
Росдал сариназ асир гьаюрай дида цебе бачIунеб буго хунздерил тIалъи:
Дир жавгьарул хъала, хъахIганчIил росу,
Ссияб тарихалъул къисабазул тIехь.
Сверухъе дуниял пасалъаниги,
Пасалъизе чIечIел чIухIарал васал.

Намус тун, бечелъи черхалъ цIехечIел
ЦIумазул тарихалъ куцана дир рухI,
Цциналъ хIалуцине хIухьел гьабуни,
Дозул сабруялъ дун кьурана гIодой…

Дур мугIрухъ, дур гIорахъ, дур кIкIалабазухъ
Данде цIан месед кье – кьезе гьечIеб мун
ТIокIкIарал иццазул узданал лъарахъ
Гьекъелареб барти дур тушбабаца…
(«Дир меседил кини…»)
ГIагараб росуги, росдал гIадамалги, гIадамазул гIаданлъиги гIадатлъиги, гIумру тIад бижараб магIарул киниги, кинидахъ ахIулел хIасратал кучIдулги — гьеле шагIиралъул тIехьалда дие гIагараблъун лъугьараб тема. Дица хIаракат бахъула щивав шагIирасе гIагараб­лъун лъугьараб сипаталде кIвар кьезе. Масала, церехун цIаларал Залмул асаразулъ бугеб гIанса хIанчIил сипаталъ асир гьаюн йиикIана дун. Гьаб нухалдайин абуни, цебесаго унеб гьечIо гIагараб тIалъиялъул сипатги жинда жаниб магIарул гIумру гьелчолеб бугеб киниги.
Цо лахIзаталъ цебечIезабе магIарул сардил хIикмалъи:
Гогьал чвахелабаз зикруги бачун,
Кьижараб сордогIан берцинаб жо щиб?
Гьелдасаги берцин бихьула дида:
Эбелалъ гьуинаб бакъанги бачун,
Кинида кьижараб гьитIинаб лъимер.
Гьелъул надалдасан карун гирулеб
ЖавгьаргIан бацIцIадаб цо гIетIул горо.
(«Берцинлъи»)

Унго-унголъунги магIаруллъиялда гIумру киниялдасан байбихьулебги батила.
Киниги, эбелги, лъимерги – нилъер щивасул къисматалъул кунчIи, гIажаибаб берцинлъи:
Дуца шигIру хъвазе поэт тIамуна,
Дуца гьунаразе васал куцана.
Азарго берцинаб цIар дуда буго:
Эбел!. ЧIужугIадан! Меседил горо…

Эбел, ЧIужугIадан йикIинчIейани,
Берцинлъи хвелаан дуниялалъул.
Бергьенлъи, Эркенлъи, ГIакъиллъи гIадал
РагIаби ракьалда рижилароан.

КIудияб байбихьи берцинлъиялъул,
РакI биунеб рокьи эбеллъиялъул,
Лъимаде, росасде, дуниялалде
Дуе, ЧIужугIадан, Аллагьас кьуна.

Жиб-жиб галиялда меседги бекьун,
Гьеб рокьиялъ дур цIар цIунун хутIана.
Гьеб рокьиялъ течIо мун дунялалда,
Аллагьасе гуреб, бетIер къулизе.

(«ЧIужугIадан»)
ШагIиралъ рекIелъ кIудияб чIухIигун ахIулеб буго росулъа ясалъул сариназе даимго хилиплъизе гьечIилан:
Дун йиго инсуца чIараб гъотIол яс,
Дов гьечIонаниги, гьелъий чучулей.
РакI-ракIалъ гьелъие хъулухъ гьабулей,
ХъачIаб рохтиялда хурхун къвал балей.

Дун йиго эбелалъ квераз бессараб
Гьанже басралъараб салмагалъул яс,
Дида долъул квераз лъураб накъищалъ
Долъул пикрабазул канлъи бихьула.

Дун йиго борхатаб кьурулъ бижараб
КIудияб гъветIалъул гьитIинаб гIаркьел.
Гьезда рещтIун хIанчIаз ахIулел кучIдул
Дарманлъун кьун руго дие гIумруялъ…
(«Дун йиго…»)
ЦIаланагIан цIализе рокьулел, гIумруялъулги гIаданлъиялъулги аслулъунцин рикIкIине бегьулел шагIиралъул асаразухъ цоги нухалда гIинтIамулеб буго. МагIарул мацIги, мугIрул чIужугIаданалъул тIадегIанаб цIарги, гIумру берцинлъиялъе гвангъараб къисматалъул бакъги, бакъуе гьимарал шагIиралъул анищалги, анищазда хIур хъвазе течIел пикрабазул цIурмалги, гьезул гьаркьазухъе мугIрул кьурабазда рокьул дандерижилъун ахIдолеб намусалъул гьаракьги:
Дун хирияб ракьалда гучаб гъветI гIадин гIуна,
МугIрул гьаваги босун, ракьул нигIматги бихьун.
Дун бакъуца хинлъана, гьеб хинлъи дие гIуна
Дун хасало цIорона, цIорол гIанси лъугьинчIо.

ГIадатги гIаданлъиги умумузул цIунана,
Ккараб тохлъи батани, тIасалъугьа, гIадамал.
Дун бертабалъ йохана, магIирокъой гIодана,
Дие лъилниги магIу чияраблъун букIинчIо.

МагIарулайлъун хвела, хирияб мацI нужей тун.
Гьеб кIочене биччарал дир зонохъе рачIунге.
Умумузул нух цIунун, магIарулайлъун юкъе,
МагIарул ганчIил зани васаз къаданибги чIван…
(«Дун хведал»)
Залму Батировалъул асаразулъ хасаб бакI ккола гьимиялъги рокьиялъги. Гьез чIаго гьарула гIадамазул чIунтарал ракIалги, речIарал пикрабиги, хьулазул хьухьаз хьухьазабураб гIумруги. Рокьуе къуличIеб къисматги цониги батиларо ракьалда:
Гьимиялъул берцинлъи рагIабаз кин бицинеб?
Гьеб кунчIулеб лахIзаталъ рухIалъе щолеб лазат!
ГьитIинабгин кIудияб кIиго рохел жубала,
КIудияб талихIалъул борхалъуде рахуна.

Гьиме, бищун захIматаб хIал рекIелъ бугеб мехалъ,
Джоконда кинигин каранда магIнаги лъун.
Релъе, ракI-ракIалъ релъе,
билъе цIам цIорораб лъелъ,
Биччай чурун чороклъи чвахиялъ хъамун ине…
(«Гьими»)
ГIемер хъвана Залмуца чIужугIадан кIодо гьаюрал кучIдул. Гьелъ бетIер къулана къварилъиялда къуркьизаризе кIвечIел гьезие. Гьезул захIмалъабазда цее накалдаги чIана гьей. ШагIиралъ, ахIун биччан гьаракьгун, дунялалъего бицана Шамилил ШугIайнатилги, АхIулгохIалъул бахIарчиял руччабазулги, талихIаб гIумруялде данде гьелчолел къисматазул гIадатиял магIарул руччабазул хIакъалъулъги. Гьелъул шигIрабазул улкаялда гвангъана Дагъистаналъул руччабазул батIи-батIиял сипатал:
КигIан захIматаб къо тIаде кканиги,
Гьез хIухьел угьичIо, хIал лъалеб куцалъ.
Баччизе гIумрудул бакIлъи кканиги,
Аллагьасул хъваян гьабуна сабру.

Гьикъе гьезул гIумру гьадал мугIрузда,
Ункъабго къедалда гьезул рукъалъул.
Гьезул гъасда бакун бугеб цIаялда,
ЦIадуде тIинкIулел магIил гаразда.

Гьезул сабруялъе, гьезул яхIалъе
Бан гьечIо лъицаго жеги памятник.
Гьезул бажариги, гьезул намусги
БихьичIеб ххвел гьабун, тоге, бихьинал!
(«Дагъистаналъул руччаби»)
Бихьулеб буго шагIиралъул рахIатхвейги. Гьелъ гьикъулеб буго нилъедаги ва цадахъго жиндагоги. Даим жаваб гьечIеб даимаб суал:
Щай намусгьечIолъи тIегьалеб бугеб
ТIегьдаса буссунги, пихъ балеб бугеб?
РухIалдаса буго горде бахъулеб,
ЯхIалдаса буго тIажу бахъулеб.

Намус хIатIикь буго, яхI къотIноб буго.
Къиралзаби гIадин хьвадулел руго.
Мунагьазул гьирал гьодидаги тун,
РацIцIадаллъун хIазе хIадурун руго…
(«Неча»)
Нилъер щивасул гIумруялъул рукIуна хаселги, ихги, рииги, хаслихълъиги. Хасалил гIазу-цIералъги цIорозаричIо шагIиралъул шигIрабазул гьаракь, ихдал тIегь балелъул, къиматалъеги гьимана гьел, роол бухIигун цIалдолезул ракIазулъеги лъугьана гьел. Жакъа шагIиралъул цо-цо шигIрабазда чIвалеб буго хасалихълъиялъул махIги:
Цебе-цебе гIумру, хаду-хадуй дун,
Ниж къисматалдаса руго тIурулел.
Гьаб тIабигIаталъул гьурмада цебе
Цо талихIаб шагьра буго цIехолеб.

Кьо гьечIел гIоралги керчал рохьалги.
Бихьуда-тIерхьуда бугебщинаб жо.
Зазил сухъмахъалги, хъирул къаналги,
Къоял рахъанагIан руго гIемерлъун…
(«Гьари»)
Пашманал пикрабаз кодой йосарай шагIиралъ ба­ччун бугеб ургъалабазул цIураб таргьа гьурщулеб буго цIалдолезе. Цадахъго гьелги тIамулел руго ургъизе:
Анагури, гьудул, цогиги рии.
БачIараб лъалалде гьалъул гIедегIи.
Нилъ кир унел ругел гьадин гIедегIун,
ЛъугIулареб хелдей гьал хиялазул.

Ургъелазул гьобо хенолеб буго,
Хиялазул гьирал понцIолел руго,
Доб гьабизе бугин, гьаб бокьун бугин,
ХIалхьи лъалареб ракI хелделеб буго.

РачIа, гIодорги чIун, каранде къазе
Божилъидал цIурал арал лахIзатал.
ЛъугIи гьечIеб хIалтIуй мутIигIлъичIого,
РухIияб рокъойги къиризе нуцIа…
(«Ана гури…»)
Ва макъалаялъул ахиралдаги шагIиралъул цIаралдасан бицине бокьун буго, хIурматиял цIалдолел, нужее магIаруллъиялъул берцинлъиялъул хIакъалъулъ. ГIенекке цо лахIзаталъ. РагIулеб гьечIищ гьелъул лъарал-гIоразул нилъехъ гIашикълъараб хъуди:
Зобал хъвалхьун хьвадулел хьухьазул читIир гьечIо,
ЧIалгIун гIинда далараб шагьаралъул хъуй гьечIо.
БацIцIадаб, роцIараб зоб, зодихъ кенчIолел цIваби,
ЦIалеб хIухьлал бацIцIалъи —
цо магIарухъ бугеб лъикI.

Лугбал чIурканал ясал, чIван ругел гормендаби,
Данде ккарав чиясе батулеб бугеб салам.
Рокьи берцинаб буго, намусалъулъ жемараб,
Макьу гьуинаб буго, сихIкъотIиялъ квал бараб.
Къаси букIа, къад букIа – цо магIарухъ бугеб лъикI.

Рагьда ахIулеб какил камилаб бакъан рокъоб,
ВагIзаялъул гIакъиллъи, лъикIалде чи вачунеб.
ГIаданлъиялъул дару, унти хехго сахлъулеб,
Сабаб гьудуллъиялъул, ургъел хехго бигьунеб.
Кинаса бицаниги – цо магIарухъ бугеб лъикI!
(«Цо магIарухъ бугеб лъикI»)
ХIурматиял магIарулал! Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъул цIияб тIехьалда нужеда ратила нужер ракIазе жеги чанго батIияб асар гьабулел асарал. Гьенир руго ункъо поэмаги, къокъал кучIдулги, сонетал-балладабиги, магIарул мацIалде шагIиралъ руссинарурал М. Лермонтовасул, Н. Некрасовасул ва Г. Гейнил кучIдулги. ТIехьалъе цеберагIи хъван буго профессор М. И. МухIамадовас.
Шамай Хъазанбиева