Искусство

Театралъул эмен

 

ГIабдурахIман Магаев гьавуралдаса — 110 сон

ХIайбула ГIабдулгъапуров, МагIарул театралъул художествияв нухмалъулев: «Росулъе театр бачIунеб рагIула!» Гьеб каламалдаса вохуларев чи жакъа магIарул росулъ ватизе захIмат буго. МагIарулазе гIорхъи гьечIого бокьула ЦI. ХIамзатил цIаралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул театр. Къойидаса къойиде камиллъулеб ва цIубалеб буго театралъул коллективалъул творчествоялъулаб махщел. Амма киназдаго гуро лъалеб магIарулазда гьоркьоб театралияб культура цебетIезабиялъе цIакъ гIемераб хIалтIи гьабураб ва гьабулеб бугеб гьеб коллективалъе тIоцебе кьучI лъица лъурабали. Гьев ккола ГIабдурахIман Магаев.
Цо нухалда Буйнакскалъул педагогикияб техникумалъул цIалдохъан ГIабдурахIманил берречIчIана «Къаси бихьизабулеб бу­го «Надиршагь» абураб пьеса» абураб лъа­забиялда. ГIабдурахIмание цIакъ бокьа­на пьесаялъухъ валагьизе, ва гьелъ гьесие кIудияб асарги гьабуна. ГIемер мехалъ гьес­да церечIун рукIана пьесаялъул героязул образал. Мекъи букIинаро 16 сон барав гIоли­ласулъ театралдехун гьеб сордоялъ унго-унгояб рокьи бижанилан абуни.
ГIемер кватIичIого ГIабдурахIманида рагIана Буйнакскалда театралияб студия рагьулеб бугилан, ва педагоглъиялъул техникумалъул цIалдохъан гьениве цIализе лъугьана. 1927 соналда студия театралияб техникумалде сверизабуна ва гьеб МахIач­хъалаялде бачана. Гьениб ГIабдурахIманил лъикIаб лъай-хъвай ккана Б. Мурадовалъулгун, ГI. Къурумовасулгун, ХI. МухIамадовалъулгун ва цогидазулгун. Театралияб лъай гъваридаблъун букIине ккани, хIалбихьи къваригIунеблъи бичIчIарав ГIабдурахIман хIалтIана МахIачхъалаялъул III Интернационалалъул цIаралда бугеб фабрикаялъул клубалда букIараб драмаялъул кружокалъул актерлъун.
1930 сон. Магаевас, актер-режиссерлъиялъул дипломги щун, техникум лъугIизабуна. Ва бачIинахъего ЛъарагIазул театралде хIалтIизе лъугьана.
ГIабдурахIмание кутакалда бокьун букIана магIарул театр рагьизе ва гьале гьесул анищ тIубана – 1935 соналда ВКП (б) ялъул обкомалъ ГIабдурахIманида тIадкъана магIарул театр гIуцIизе. Магаев ана жиндирго гIагараб Хунзахъе ва гьес байбихьана, театр гIуцIизелъун, гIолохъанал гьунарчагIи тIасарищизе. Бигьаго букIинчIо диналъул кверщаликь ругел магIарулазда советияб искусствоялъул магIна бичIчIизабизе.
«Театралъул цIар бахъарабго, — ян бицуна ГIабдурахIманица, — цо-цо херал чагIи битIахъе тIад речIчIизе рахъунаан. Гьез дида дандчIвай гьабуна, театр гIуцIизе гурев, диналда данде команда гIуцIизе вачIарав чиясда гIадин».
Амма цIиялъ басриялда тIад бергьенлъи босичIого течIо. КучIдул, кьурдаби, аваданлъи бокьулел магIарулал, сундухъниги ралагьичIого, театралда хIалтIизе рачIана. Гьединаллъун рукIана З. Набиева, ГI. ГIалибегова, ГI. Къурбанова, Н. ГьитIинова, Г. ГьитIинова, Д. Халилбегов, ГI. Сулейманов, И. Макъсудов, И. ГIумаров ва цогидалги. ЦIияб, жеги хIалбихьи гьечIеб коллективалъ лъураб тIоцебесеб пьесаялъул букIана Б. Малачихановасул «МестIер» абураб. Гьеб букIана цIияб коллективалъул творчествоялъулаб экзаменлъун. Халкъалъ гьеб лъикI къабул гьабиялда бараб букIана театралъул хадусеб бергьенлъиги. ГIолохъанал актераз ролал лъикI хIана ва гьелъ квербакъи гьабуна театралъул коллективалдехун гIадамазул рокьи ва божилъи бижизабизе.
Театралъ лъураб кIиабилеб спектакль букIана «ГIандиса ГIиса» абураб. Гьеб пьесагун коллектив щола ГIандибеги. Артистаз жиндир хъубал пишаби къватIирчIвазарурав гьереси-шайих росу тун лъутун уна.
Театралъ лъола цIи-цIиял пьесаби: Хунзахъа учитель Хъайитмазовасул «Му­хIа­мадил гIумру», Загьид ХIажиевасул «ХIас­къил ва Шамил», ЦIадаса ХIамзатил «Хи­рачил лъимал», «ТIанус годекIанир» абурал ва гь. ц.
1939 соналда театралъ лъуна Треневасул «Любовь Яровая» абураб пьеса. Гьениб коммунист Кошкинил роль хIана ГIабдурахIман Магаевас. Гьеб сон ГIабдурахIмание букIана чIахIиял творчествоялъул бергьенлъабазулаблъун. Гьесие кьуна Дагъистаналъул мустахIикъав артист абураб цIар.
МагIарулазда Магаев лъалаан махщел бугев актер хIисабалда. Гьев гьезда вихьана ЦI. ХIамзатил «Базалав» абураб пьесаялда Тидуриласул ролалдаги, Н. Славинскиясул «Хочбар» абураб пьесаялда магIарулазул бахIарчи Хочбарил ролалдаги, ГI. Къурбановасул «ЦIадулъ росарал мугIрул» абураб пьесаялда херав ХIасанил ролалдаги.
ГIемерал ролал хIана ГIабдурахIман Магаевас. ГIемерал ракIалдаса унарел образал гIуцIана гьес сценаялда. МагIарулаз кIудияб хIурматалда рехсола гьесул цIар. Дагъистаналъул халкъияв артист ГIабдурахIман Магаев гIумруялдаса ватIалъана 1987 соналъул 6 июналда.

ГIабдурахIманил хIакъалъулъ калам

МахIмуд ГIабдулхаликъов, РСФСРа­лъул халкъияв артист:
— Дица абила ГIабдурахIман Магаев Авартеатралъул тарихалъул тIоцебесеб гьумер вугилан. Авар театр гIуцIулел тIоцересел соназ щибаб магIарул росулъе щвараб мехалъ, ГIабдурахIманица хал-шал гьабун, гьунар бугел гIолохъаби тIасарищулаан, гьезул искусствоялдехун рокьи бижизабулаан.
Гьедин, анцIила ункъо сон бараб мехалъ, ГIабдурахIманица дунги вачана театралъул коллективалде гъорлъе. Гьес жиндир заманалда кьураб гIакълуялъ, хинаб рагIуца щивав артист жиндирго букIинеселда божизавулаан, дандчIварал захIмалъаби къезаризе квербакъулаан.
Сидрат Мажидова, Россиялъул халкъияй артистка:
— ГIабдурахIман Магаев вуго тIоцебе театр гIуцIарав ва жиндирго гъажабазда гIемер гIатIилъи-къварилъи баччун, гIун бачIунеб гIел куцарав актер. Киназего гуро гьединаб талихI кьолеб. Гьес гIолохъанаб гIелалъухъе кьуна жиндирго сценаялъул байрахъ. Гьев вуго театралъул дада.
МухIамад ГIумаров, Дагъистаналъул мустахIикъав артист:
— 1936 сон ккана дир къисмат, дир букIинесеб гIумру бихьизабураблъун. Гьеб соналъ ГьоцIалъе бачIун букIана ГIабдурахIман Магаевас нухмалъи гьабулеб театралъул коллектив. Дун вукIана ичIго-анцIго сон барав гьитIинав чи. ГIабдурахIмание рекIее гIуна кьурдизе дир букIараб гьунар, ва гьес дун цадахъ вачана. Гьес дун жиндаго цеве чода рекIинавулаан ва киназдаго жиндир вас вугилан абулаан. ХIакъикъаталдаги гьес дие гьабуна эменлъиги эбеллъиги, гьев вукIана гIумруялъго дир учительлъун.
ХIамзатов Хочо, журналист:
— ГIабдурахIман Магаев дида лъала цIак­ъ гIадатияв, сабурав чи хIисабалда. Сце­наялъулаб махщалил бицани, къиматаб рахълъун ккола гьев жиндирго героясул обра­залдехун унго-унгояб къагIидаялъ, к­Iвар кьун балагьи. Дида Магаев вихьана анцI-анцI ролазда, амма гьав героясул образ гьесда бичIчIун гьечIин, гьаб ролалдехун гьев тIаса-масаго валагьун вугилан абизе кIоларо.