ГIолилазул форум

ГIолохъанлъи абула… 

 

Исана 13-абилеб нухалда тIобитIулеб буго студентазулгун дандчIвай

Хунзахъ районалъул нухмалъулел иргадулаб нухалдаги дандчIвана тахшагьаралъул вузазда цIалулел ругел студенталгун ва гIолилалгун. Гьудуллъиялъул рокъоре гIолилазда жакъасеб гIумруялъулги, цебе букIаралъулги, гьезда церечIарал кIвар бугел ишазулги хIакъалъулъ бицине рачIаразда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиев, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик Шамил ГIалиев, медицинаялъул гIелмабазул доктор, профессор Сайгид ГIалиев, ДГПУялъул профессор Султано ГIумарова, батIи-батIиял соназ районалъе нухмалъи гьабурал ХIажияв Дарбишев ва МухIамад ГIисаев, гьабсагIаталда райо­на­лъул бетIерлъун вугев Нур­мухIамад Зайдиев ва цогидалги.
Гьудуллъиялъул рокъоб гIуцIун букIана районалъул тарихалъул бицунел суратазул выставка. Гьенибго рагьун букIана магIарул майданги – квен-тIехги, мугIрузда свериги бахъун рачIарал зурма-къалиги, гьезул бакъназухъе кьурдулел магIарулалги, дагьабги добегIан – наслабазул тIей гьечIеб бухьеналъул бицунеб сипат. Умумузул гIумруялъул дарсазухъ гIинтIамурал гIолилал рихьидал, цебечIолеб букIана магIарул росдал годекIан.
Форум байбихьана Хунзахъ районалъул тарихалъул хIакъа­лъулъ бицунеб видеофильмалдаса: республикаялда ва гьеб бахун къватIирехунги машгьурал гIалимзабиги, шагIирзабиги, спортсменалги, Сарир пачалихъги, ханзабиги…
Гьелъухъ ралагьарал гIолилазда бичIчIулеб букIана жидеда церечIарал масъалаби цIакъго захIматал рукIин. Кидаго, сундулъго ва киса-кибего цебесеб кьерда букIараб ва бугеб районалъул къадруги цIарги дагьабги тIадегIанаблъун гьабизе тIадаб бугелъулха жакъасел гIолилазда.
КIалъазе рахъараз гIолилазе гьаруна малъа-хъваял ва бицана, районалъул байрахъ борхалъиялдаго хутIизе ккани, цIалдезе, цIалдезе ва нахъеги цIалдезе кколеблъи…
Дандеруссиналда кIодо гьаруна цIалул отличникал ва спортсменал. Гьезие кьуна сайгъатал ва дипломал.
ГIолилазда районалъул нухмалъиялъулгун букIараб 13-абилеб дандчIвай баркизе рачIун рукIана Дагъистаналъул эстрадаялъул машгьурал кочIохъабиги. Гьединго байрамалъе цо хасаб берцинлъи кьун букIана района­лъул культураялъул рукъалъул ва лъималазул искусствоялъул школазул гьунарчагIаз.
МагIарухъа бачIараб боркьараб саламлъун букIана росдал годекIанги, годекIанир рижун рачIунел гIакъилал харбалги, харбазухъ гIенеккарал гIолилалги рихьизарураб инсценировкаги.
ЛъугIана кIудияб хьулгун ва божилъигун батIияб, захIматаб ва хIалуцараб, дунялалде гIолилал регIулеб чIахIияб гIелалъул иргадулаб данделъи.
Биччанте гIолилазеги гьеб дандеруссин чIахIияз кьураб гIумруялъул иргадулаб дарслъун букIине ва хутIизе.
Шамай Хъазанбиева