ШигIрабазул гъасда

Анищалгун рокьи магIарухъ буго

МагIарулазда Къурбан КIулизанов лъала кочIохъан хIисабалда. Гьаб нухалдайин абуни, МахIачхъалаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялде данделъун рукIана Къурбанил шигIрабазул гъасде. Данделъун рукIана шигIрабазухъги цIалдолез гьезие кьолеб къиматалъухъги гIенеккизе гьесул гьудул-гьалмагъзабиги, магIарул адабиятгун маданият бокьулел миллатцоялги, студенталги, журналисталги, шагIирзабиги.
Къаси кьижаниги, къад вахъаниги,
Сапаралъ аниги, тIадвуссаниги,
Дунял сверулаго, сонал аниги,
Анищалгун рокьи магIарухъ буго.
Гьале шагIирасул гьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб рокьул бицунеб кечI. Гьеб цIаларабго, цебе бачIуна магIаруллъиялъул хIасратаб сурат: зодоре цIаруцIунел чIегIерал накIкIул куркьбал гъурал мугIрулги, мугIруздасаги тIадегIанлъиялда ругел магIарулалги, гIадатаб магIарул росуги, росабаз хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее кьурал кьурабиги:
Гьаниб борхалъуда роол гIужалда,
ГIаздал халгIат буго ретIун мугIруца.
Гванзал кьурабазда, КьилимагIарда
ЧIегIер накIкIул куркьбал гъун ругин ккола.
Гьезукьан речIчIулел бакъул чIораца
ХалгIат хъахIал мугIрул гIодизарула.
ГIазул магIу къулчIун, гIурччинхарилъа
ГIисинал тIугьдуца тIелхал рагьула…
Къурбан КIулизанов ккола лъабго тIохьол авторги. Гьесул гьунаралъул аслияблъун ккола ватIан бокьиялъул ва гьудуллъиялъул тема. Хъвала гьес гIагараб росдал, районалъул ва гьел машгьур гьарурал гIадамазул хIакъалъулъ. АхIана гьес Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул хIакъалъулъги. Гьеб темаялдаго цадахъ рекIел бухIигун ва ахIигун шагIирас бицунеб буго магIаруласул яхI-намусалъулги:
ГIасрудул даруялъ дур наслабазул
ГIузраби сахлъаги, хирияб росу,
Хваразул, чIваразул цIарал кIоченчIеб
Дур бидулъ яхIалда хIур бетугеги…
Нилъеда жакъа магIарул кочIолъ сценаялдаса рагIулеб цIекIлъи гъорлъ бугел кучIдул гьечIо Къурбанил. Унго-унгояв магIаруласул яхI-намус, гIагараб ватIан, халкъазул гьудуллъи, мугIрузул иццалгIан бацIцIадаб рокьи — гьеле шагIирасул шигIрабазул къин гьечIеб чили.
Къурбанида байрам баркана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовасги, шагIирзаби МухIамад ПатахIовасги, ТубхIат Зургьаловалъги, даргиязул хъвадарухъан МухIамадрасул МухIамадрасуловасги цогидазги. МагIарул театралъул артистал МухIамад ГIабдулатIиповасги Разият Дибировалъги рикIкIана Къурбанил кучIдул. Жиндирго кучIдул цIалана Къурбаницаги.
ЦIоралъул мугIрузул гIорхъода бугеб,
Рохьосан къокъунеб къваридаб нухккун,
Бакъул чIораз кьолеб салам босизе,
Росдал кулабазда рещтIунаан дун.
Гагудал берцинаб гьаркьие жаваб
Гьуинго кьолаан кьурул сверабаз.
Дица ракIгъеялъе ахIарал кучIдул
Такрар гьарулаан дандерижиялъ.
МахIачхъалаялъул администрациялъул Херазул советалъул председатель ГIумар Беговас Къурбание кьуна «Къадру ва рецц» абураб медальги.
Унго, сверараб куц, расги лъачIого,
Эркенаб гIумрудул ихдалил завал.
ТалихIал рукIинин рикIкIарал сонал,
ГIаксалда ккарал куц дир анищалгун…
Гьедин ахIулеб букIана гьеб къоялъ шагIирасул ракIалъ.

ШагIирасул асаразул аслияб тема ккола ватIан бокьиги гьудуллъиги