Искусство

Къиматаб жавгьарлъун кенчIолеб гьунар

МагIарул музыкалияб маданияталда гвангъарал лъалкIал

МагIарул жакъасеб музыкалияб маданияталда бугеб хIабургъараб ахIвал-хIал кIочон тезабизе гьоркьо-гьоркьор редакциялде гьоболлъухъе ахIула унго-унголъунги миллаталъул мацIги цIарги къиматаб жавгьар гIадин кенчIезабулел кочIохъабиги, артисталги, шагIирзабиги, мугIалимзабиги, жамгIиял хIаракатчагIиги. Цинги цо лахIзаталъ кIочон тола миллияб маданияталде квер хьвагIаралги, сценаялда гьединазул цо-цояз бихьизабулеб «культураги», киданиги халкъалъ къабул гьаризе гьечIел рагIаби гьелъухъе кьезе лъугьарал «ахIтIохъабиги».
Гьал къояздайин абуни редакциялде гьоболлъухъе ахIун вукIана Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамад ГIабасов.

ХIасратал кучIдузул
дандерижилъун

МухIамадил буго ТIадегIанас кьураб цIакъго къиматаб пагьму-гьунар. Гьесул буго къанагIатаб берцинлъиялъул, гIенеккаразул ракIал рохелалъги пашманлъиялъги гIеккезарун бажарулеб гьаракь. КочIохъанас гьаракь биччайдал, нилъер беразда цебе тIобитIула тIолабго магIаруллъи. Цин — гIазул цIурал мугIрулги гьезул борхалъиялъухъ балагьун хIалхьоларел цIумалги, цIумазул борхалъиялда жидер цIарал хъварал миллаталъул бахIарзалги, гьез цIигьабураб магIарулазул тарихги. Цинги — ихдалил тIугьдузул махIалъ босараб тIалъиги, тIугьдулгIан берцинал мусудулги, гьезул ракIал асир гьаризе гьесадулел гIолохъабазул рокьул чIвабзазул бакъналги. Гьеб киналъулго нилъее МухIамадица бицуна жиндирго кучIдуздалъун.
Гьедин букIана Дагъистаналъул
тарихалда вахIшиял лъалкIал тарал араб гIасруялъул 90-абилел соназдаги. МухIамад тIадвуссана магIарул бахIарчияб тарихалде, ай гIемерал соназ жиндир цIар бахъизецин гьукъун вукIарав имам Шамилихъе. Гьелго соназ къватIибе бачIун букIана ХIамзатил Расулил «Концерт» абураб тIехьги. Ва гьениб букIана кIудияв имамасе сайгъат гьабураб кечIги. МухIамад ГIабасовас ахIараб гьеб кечIалъ нух рагьана имам Шамилил гьунаразухъе. Гьелъул магIна ккола магIарул тарихги тарих гвангъизабурал гIадамалги цIакъго хириял ругин гьесиеян абураб. Гьеб бихьулеб букIана, гьесулгун гара-чIвари гьабулагоги.
КIудияб гъира-шавкъалда бицунеб букIана МухIамадица магIарулазул хIакъалъулъ, дунялалъулго тарихалда гьез тарал ва толел ругел лъалкIазул хIакъалъулъ. Жиндирго хIакъалъулъ бицине регIулевги вукIинчIо гьев, миллаталъул борхалъиялъул ва тIадегIанлъиялъул бицунаго…

Дагъистаниязе гIагараблъун
лъугьараб театр

Исана къого сон тIубана Дагъистаналда Операялъул ва балеталъул театр гIуцIаралдаса. Гьелдаса нахъе театралда хIалтIулев вуго МухIамадги.
Опера ва балет ккола магIарул
маданияталъе хасиятаб гуреб
искусствоялъул бутIа. Амма Му-хIамадихъаги гьесул коллектива-лъухъаги бажарана гьеб къагIидаги дагъистаниязе гIагараблъун лъугьинабизе.
— ХIакъикъаталдаги операгун балет нилъер маданияталда букIинчIо. Амма гьанже ракI бохула, театралде рачIунел гIадамазул цIикIкIараб къадар бихьидал. Гьенире рачIуна студенталги, цIалдохъабиги, цогидал миллиял театразул артисталги, гIадатиял дагъистаниялги. Гьезда гьоркьор руго магIарулалги. Гьезда бичIчIулеб буго бечедаб магIарул тарихалъул хIакъалъулъ кьурдабаздалъун бицине бегьулеблъиги. Масала, «Имам Шамил» балета-лъухъ халгьабизе рачIун рукIараз кьабгIун цIун букIана зал. Гьениб бицунебги букIана Кавказалъул рагъулги, имам Шамилилги, гьесие ритIухъаб халкъалъул гьунаралъулги хIакъалъулъ. ЧIвалеб хъатил гъугъай магIарухъегицин рагIулеб букIун батила. Амма дие цIакъ бокьилаан, гIолилал гьеб искусствоялъухъе тIадруссани ва гьеб бичIчIизе хIаракат бахъани. Гьеб буго инсанасул рухIияб дуняла-
лъул бицунеб унго-унгояб искусство. Масала, гIолилаз гьединго хIаракат бахъизе ккола симфоникияб музыкаялъухъ гIенеккизе ва бичIчIизе. РакI-ракIалъ гьеб къабул гьабулеб бугони, гьениб нилъеда рагIула ва бихьула нилъерго гIумру, рокьи, рокьукълъи, талихI, талихIкъин. Дагь-дагьккун ругьунлъула гIумру бокьизе ва гье-лъул адаб гьабизе. Гьеле унго-унгояб искусство. Гьанже рачIаха данде-кквезе сценаялда рагIулел чIорогоял кучIдулги гьеб искусствоги.
Бищунго мекъи ккараб жо буго кочIохъ гIенеккизе лъангутIи. КигIан пашманаб кечI ахIулеб бугониги, «гьай-гьуй» лъугIулеб гьечIо сценаялдаса. Гьелъ кочIол тIагIамги хвезабулеб буго. Дир кечI бокьулез абула концертал щай кьоларелилан. «Гьай-гьуялъул» кучIдул гьечIо дир репертуаралда. Гьединазде гурони гIадамалги рачIунел гьечIо, — ян бицана МухIамадица.
Гьесул кIиявго васги, Белек ва Салман, хIалтIулел руго Операялъул ва балеталъул театралда.
— Гьезда, гьи-тIинаб мехалда гьикъулаан, кIудиял гIедал щаллъун ра-хъине ругелилан. Гьез кидаго жавабги кьолаан «дадалъун» хIалтIизе ругин жалилан. ГьитIинго гьудуллъи ккуна гьез музыкалиял тIагIелазулгун, — ан тIадеги жубана гьес.

Махщелчилъиялъул тIогьазда

МухIамад ГIабасов 1988 соналда цIализе лъугьана культпрос-
ветучилищеялде. Гьеб лъугIун хадув хIалтIана Шамил районалъул Культураялъул рокъов. 1996 соналда МухIамад мустахIикълъана «Дагъистаналъул культураялъул
мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIаралъеги. Гьебго соналда хIалтIизе лъугьана Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралде, гьелдаго цадахъ Дагъистаналъул пачалихъияб вокалиябгун кьурдул «Дагъистан» ансамблялде.
МухIамадица гIахьаллъи гьабурал асаразул аслияллъун рикIкIине бегьула Г. ХIасановасул «Хочбар», Н. Дагировасул «Йирчи Гъазахъ», С. Рахманиновасул «Алеко» (гIолохъанав цыган), П. Чайковскиясул «Евгений Онегин» (Ленский), «Медный всадник» (Евгений), М. Кажлаевасул «Валида» (Мурад), Р. Леонковаллол «Паяццы» (Беппол партия) ва цогидалги.
2005 соналда МухIамад ГIабасовасе кьуна «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цIар. 2017 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралъул директорлъун.
Гьеб буго гIадатияв магIаруласул иргадулаб борхалъи. МагIарул музыкалияб маданияталъе хасиятаблъун гьечIеб гьеб театралъе нухмалъи гьаби бигьаяб ишги батиларо. Амма МухIамадида кIвана Дагъистана-лъул халкъазул миллияб хаслъи театралда цIунизе ва дагъистаниязе бокьулеблъун лъугьинабизе.

Умумузул ирс рагIдукь хутIиларо

Нахъеги – магIарул кечI-бакъаналъул хIакъалъулъ.
— БитIун бицани, пикраби кутакалда хIалуцуна, гьабсагIаталда сценаялда бугеб ахIвал-хIал ракIалдещведал. Хьул биццатаб букIунаха чиясул. Дирги божилъи буго умумузул гIадаталги нахъе тараб бечедаб музыкалияб ирсги нас-лабахъе тIадбуссинилан, — ан абуна гьес.
Кин ва кида!? Гьеб жибго гIумруялъ бихьизабила заманалъул кумекалдалъун. Рес гьечIо умумузул ирс рагIдукь хутIизе.
АхIулеб буго кечI магIарул мацIалъ.
— Кин ругел, магIарулал, кир ругел магIарулал?..
КочIохъанасул гьедин ахIулеб гьаракь боржунеб буго мугIрузухъе.
Шамай Хъазанбиева