Унго, магIарулал, нилъер берцинлъи!

МагIарул мацIалъул анлъабилеб фестиваль ва гьелъул хIасилал

 

Киса-кибего – гIагараб калам. Унго, цо гьелъул берцинлъи! Даимлъиялъул гьогьенгун цIумазухъе цIабуцIунеб бугеб магIарул каламалъ куркьбал гъурай дунин абуни гIедегIулей йиго МагIарул театралде, рахьдал мацIалъул фестивалалда гIахьаллъи гьабизе. Дидаго цадахъ исана анлъабилеб нухалда тIобитIулеб бугеб гьеб тадбиралде рачIунел рукIана магIарулалги. 11-ялда гурони фестиваль байбихьизе букIинчIониги, театралъул жанахI радалго кьабун цIун букIана гIадамаз.
Зурма-къолол гьаркьихъе кьурдулел, миллияб ратIлилъ байрамалде рачIарал киналго миллатазул дагъистаниял рихьидал, каранда рекIел кIетIейцин хIалуцана, цо свери бахъичIого чIезеги кIвечIо.
Дагъистаналъул киналго миллатазе гIаммаблъун лъугьараб байрам магIарулазда баркизе рачIун рукIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулелги. Гьез жидерго мацIазда цIалана кучIдулги. Фестиваль магIарулазда баркана Дагъистаналъул миллиял ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалейицаги.

Байрамалъ цолъизаруна дагъистаниял

Фестивалалъул тIоцебесеб къо сайгъат гьабун букIана республикаялъул киналго районазул школазул учительзабазе ва цIалдохъабазе. Гьез бихьизабуна кьурдизе, кучIдул ахIизе ва рикIкIине жидерго бугеб махщел. Церерахъин байбихьана МагIарул театралъул артистазул хоралдасан. Цинги – ГIандадерил ралъдал рагIалда тIобитIун букIараб магIарул мацIалъул фестивалалда тIоцебесеб бакI ккураб Хунзахъ районалъул, кIиабилеб бакI босараб Шамил районалъул, лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъараб хъутабазул школазул учительзабазул церерахъиназ цоги нухалда ракIалдещвезаруна магIарул гIадаталги маданиятги.
Гьел учительзабигун цадахъ байрамалъул гьалбал щвана магIарул берталъеги, йихьана кинай бахIарай магIарухъ цее йикIараяли, васасе цIар кьолеб сухIматалъулъе ккана, бакIиде рахъиналъул ихтилаталдаги гIахьаллъана.
Гьеб тадбир нухда бачана магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIидиновалъ ва Дагъистаналъул мустахIикъай учитель Сарат МухIумаевалъ.
Концерталъул ахиралда грамотаби ва шапакъатал щвана гьенир гIахьаллъаралщинал учительзабазегун цIалдохъабазеги. Гьединго дипломазе ва баркалаялъул кагътазе мустахIикълъана школазда рахьдал мацIазул сагIтал цIунарал директорзабиги «Авар-учитель» сайталде дарсил ва тадбиразул планал ритIарал магIарул мацIалъул учительзабиги.

ЦIуне, магIарулал, миллаталъул мацI

Фестивалалъул кIиабилеб къо байбихьана рес-публикаялъул ва районазул газетазул выставкаялдасан. Театралъул жанахIалъуб гIуцIун букIана щибаб газеталъул майдан ва газетазул тарихалъул хIакъалъулъ бицунел суратал, цогидал материалалги.
Миллияб байрам магIарулазда баркана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас, магIарул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIовас, шагIирзаби Залму Батировалъ ва ТубхIат Зургьаловалъ, магIарул мацIалда къватIире риччалел газетазул вакилзабаз.
Гьез бицана бачIунеб гIелалъе магIарул мацI цIуниялъе гIоло гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.
Амма щивасул кIалъаялъулъ букIана унго-унгоги тIагIинадай мацIилан абураб хIинкъиги. Гьелъие гIиллабиги ругелъулха: хъвалел гьечIо магIарул мацIалда къватIире рачIунел журналал-газетал. Цинги кинха гьел цIалулел, миллиял бахIарзал, маданияталъул ва адабияталъул гвангъарал цIвабилъун кколел магIарулазул цIарал лъималазда лъаялъе гьабулеб гьечIеб хIалтIи, мацI цIунизе кколин ахIдолаго, нилъецаго
гъанкъизехъин бугеб рахьдал мацIги. Гьединал, магIуялъ хуларал дир хиялал цIидасан нахъе хъамуна зурмал-къолохъе кьурдизе рахъараз.
Унго-унгоги, букIинадай гьаб берцинлъи нилъехъа бахъизе кIолеб къуват?! Гьелъие жаваб кьела бачIунеб заманалъ.
Бакъанида театралъул залалда цIидасанги данделъана, цоги нухалда районазул гьунарчагIазул церерахъиналъухъ халгьабизе. Абизе ккола байрамалъул бищунго жигарал гIахьалчагIилъун рукIанин ГIахьвахъ, Шамил ва Лаваша районазул художествияб хIаракатчилъиялъул коллективалилан.
Гьенир рукIараз кIудияб гъираялда къабул гьавуна гIолохъанав, амма магIарулазда гьоркьов машгьурлъарав кочIохъан ХIусен ГIамирхановги.
Фестивалалъул ахиралда гьаруна лъагIалил хIасилалги. Миллаталъул маданияталда адабияталда, жамгIияб хIаракатчилъиялда машгьурлъарал магIарулазе кьуна шапакъаталги. Гьезда гьоркьор рукIана магIарул шагIирзаби МухIамад АхIмадов, ТубхIат Зургьалова, Манарша ГIисаева. Гьединго шапакъатал кьуна магIарул газетазул мухбирзабазеги. МагIарул миллияб автономиялъул «Миллаталъул чIухIи» абураб медалалъе мустахIикълъана Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев, «Миллат» газета гIуцIарав, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиев ва КЭМЗалъул директор Ибрагьим АхIматIов.
Шамай Хъазанбиева