МагIарул Отелло

Басир Инусилов гьавуралдаса — 95 сон

 

Ана гъов гIишкъугун «гъоб» гIумруялде

МагIарул театралияб маданияталъул борхалъи. ГIагараб росдал тIадегIанлъи. Росуцоязул чIухIи. Росдаде тIаде ралагьун ругел чIухIарал мугIрузул тIогь. Гьединал, бищунго тIадегIанал рагIабазе мустахIикъав вуго нижер Басир, Россиялъул мустахIикъав артист.
Росдал хабзал. Гьениб буго Дагъистаналъул халкъияв артистасул хоб. Иргадулаб нухалда росулъе щварай дида ракIалдеккана гьесул хабадеги яхине. Басирил цохIо йигей яс Шумайсатилги дирги лъикIаб гьоркьоблъи буго, чанги ккана бицен Басирил хIакъалъулъги. Ахирисеб нухалда нижер гара-чIвари щаялиго пашманаб букIана. Гьелъ бицунаан жиндир цохIо йигей яс Раисатица гьаб ахираб заманалда абулеб бугила жиндие хоб кIудадада аскIоб ТIанусиб бокьилилан. Долдаса нахъе гIемер заман инчIо. Шумайсатихъа гIасияб гIажалалъ яхъун ана рекIел тIегь. Ва тIубана Раисатил ахирисеб анищ- абадияб макьугун гьей кьижун йиго машгьурав кIудадада аскIой. Гьединал пашманал пикрабазулъ йигей дихъе, кидаго гIадин, рещтIана магIуги. Вуго Шумайсатил цо васги. Басирил вас МухIамадица гIумру гьабулеб буго Саратов шагьаралда. КIиабилеб — вас Шамилги гIолохъанго ватIалъана гIумруялдаса.
Гьенибго ракIалдещвана дида Басирил вац ГIалиасхIабги. Гьев хIалтIулев вукIана росдал парторганизациялъул секретарьлъун. ГIемер ахIулаан гьев школалде цIалдохъабигун дандчIвазе. Амма Басирил хIакъалъулъ гьикъидал, гьесул гьурмадасан чвахун бачIунаан цIамхIалаб магIу. Жакъа бичIчIулеб буго гьеб магIуялъул бакIлъи. Хабзалалъа тIадюссунелъулги, дида рагIулеб бугин кколаан кIудияв шагIирасул рекIел бухIилъун лъугьараб: «Дуца гьабураб щиб, гIагарав Басир?» — абураб гьаракь.
ГIагаравлъун хутIана гьев гьесда цадахъ хIалтIарал МагIарул театралъул хIалтIухъабазеги, росуцоязеги, гьудул-гьалмагълъиялъеги.
РакIалда буго чанго соналъ цебе Буйнакск шагьаралда МагIарул театралъул нухмалъиялъги артистазги Басир ракIалдещвезавиялъул тадбир тIобитIараб къо. Гьеб къоялъги рохалидаса гIемераб магIу букIана гьениб. МахIмуд ГIабдулхаликъовасул магIуги ракIалда буго дида. ХIалхьолеб букIинчIо гьесул, гьалмагъасул хIакъалъулъ бицун.
Гьадин хъвалеб буго Басир Инусиловасул хIакъалъулъ макъалаялда ХIайбула ГIабдулгъапуровас:
— МагIарул театралъул коллективалъ рагIи кьолеб буго гьесул музей гIадаб бокIон гIуцIизе, гьениб гьесул гIумру ва хIалтIи бихьизабулел материалал лъезе. Хунзахъ росулъ балеб бугеб Культураялъул рукъалъе Басир Инусиловасул цIар кьезе. Артист гьавураб рукъалъул къеда — Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ — мемориалияб хъарщи лъезе. Амма жеги гьел къасдал хутIана къасдаллъун», — илан.
Щиб лъалеб, бачIинеб батила Басир Инусиловасул гIагараб росулъ цIияб клубги бан, гьелъиегIаги машгьурав ва халкъалъ къабул гьавураб артистасул цIар кьолеб заман…
Шамай Хъазанбиева

Басирил хIакъалъулъ

МахIмуд ГIабдулхаликъов: «МагIарулазул Отелло», — ян абулаан гьев гьунар тIокIав артистасда. Басир Инусилов вукIана ракI гIатIидав, гьудул-гьалмагълъи хирияв. Махсара-хочI гIемерав, унго-унгоги теат-ралъе вижарав магIарулав.
ГьитIинабго ТIануси росдал мискинабго хъизамалда жанив гIун вачIарав гIолилас жиндирго къисмат бухьинабуна МагIарул театралда. Къолохъанлъиялдасан байбихьана Басирица тIоцебе жиндирго гьунар. Гьев гьунаралде вачана кIвахI гьечIеб захI-маталъ.
Артистас тIоцере сценаялда хIарал ролаздаса цояб ккола ЦIадаса ХIамзатил «Базалаялда» рекъав Дадучил роль. Басирил Дадуч вукIана гIадатияв, хIеренав, махсара-хочIал гьарзаяв, ракIгIатIидав магIарулав. Рагъул заманалъ магIарул халкъалда бихьизабураб гьеб сипаталъухъ артист мустахIикълъана ДАССРалъул Президиумалъул ХIурматалъул грамотаялъе.
КватIичIого Басир ана жиндиего бокьун ВатIанияб рагъде. ТIадаб налъиги ракIбацIцIадго тIубан, цIидасан тIаделъана жиндиего бокьулеб хIалтIуде. Театралда хIалтIулагоги араб 25 соналда жаниб Басирил цевевахъин магIарулазе хутIана бечедаб, гьунаразул хазиналъун. Шекспирил «Отелло» Басир Инусиловас хIалеб мехалъ, халгьабулезда ракIалде кколаан унго-унгояв мавр вугин сценаялда вихьулеван. ЛахIчIегIераб гьумер-кIалалъулъ кенчIолел гIатIидал беразги, гIазугIан хъахIаб ца-кIалалъги, неграсул кьер бугеб гъеж-квералъги бицунеб букIана артистасул цохIо хIаялъе гуребги, грим гьабизеги бугеб махщалил.
Басирил кIудияб гьунар букIана классикиял ролал хIазе. Артистас махщалида хIана Гоголил «Ригьиналда» Подкалесин, Гольдонил «Мекъал гIадамазда» гогьав Лунардо, Гильорме Фигейредол «Эзоаалда» Эзоп (лагъ), Моляровскиясул «ГIажаибаб хазинаялда» хъантIарав Гальссан.
Р. ХIамзатовасул «МагIарулай» пьесаялда хIараб ГIалил сипат ккана артистасул бищунго тIадегIанаб даражаялде гьес тIамураб галилъун. Жеги ДАССРалъул халкъияв артистасул цIаралъе мустахIикълъун гьоркьоб лъабго моцI иналдего, ГIалил роль бергьенлъиялда хIаралъухъ Басир мустахIикълъана «РСФСРалъул мустахIикъав артист» абураб цIаралъеги.
ХI. Заловасул «ХIасратай кочIохъаналда» Басир цеве вахъуна гурхIел-цIоб гьечIев наиб АхIмадил сипаталда. ЦIакъго лъикI ккараздасан цояблъун рикIкIине бегьула Басир Инусиловас хIараб наиб АхIмадил сипат. Артистасухъа бажарана кIиго революциялда гьоркьоб заманалъ рукIарал пачаясул чиновниказул хIинкъиги хIинкъиялъ бижизабураб хъачIлъиги наибасул сипаталда балагьарал божулехъин бихьизабизе.
Жиндирго гьунар камиллъулеб ригьалда нахъасан тохлъукьего речIчIулеб гьве гIадаб гIажалалъул квачIикье ккана гьев.
ГIумруялъухъ бищун гIашикъаб мехалда къотIана артистасул гьайбатаб гьаракь. Амма нахъе хутIана гьесул гьунарги, цIарги, гьайбатал сипаталги».
ХIусен Казиев: «Дун хIалтIана Басир Инусиловасул гьалмагъзабазда цадахъ. Гьезда цIакъ лъикI лъалаан Басирил гьунар-махщел, гIамал-тIабигIат. Артистаз къанагIат гурого реццуларо жидерго гьалмагъзаби, амма гIумруялдаги сценаялдаги цадахъ рукIарал гьалмагъзабаз лъикIаб ва берцинаб гуреб рагIи бицунароан, Басир Инусиловасул хIакъалъулъ хабар ккедал. Гьединлъидал дица гIемерал суалал кьолаан доб мехалъ Басиргун хIалтIулел рукIарал артистазе: М. ГIабдулхаликъовасе, П. Хизроевалъе, ГI. Къурбановалъе, С. Мажидовалъе ва цогидазе. ГIажаибго берцинго бицунаан гьев гьунар тIокIав артистасул хIакъалъулъ.
Театралда хIалтIулел гIадамал Басирица рикIкIунаан жиндирго вацаллъунги яцаллъунги. МагIарул театр букIана Хунзахъ. 15 сон барав ТIанусиса гIолилав Басир Инусилов вачIана театралде. Махщел букIана къали кьабизе. Театр росулъе бачIин лъазабизе зурма-къолол гьаракь бахъине гьабулаан доб заманалъ. ГьитIинал цо акталъул спектаклязда гьитIинал ролал хIалаан, хадур гьарулел концертазда къали чIвазе кколаан. Кьураб роль щибго инкар гьабичIого хIалаан. Жиндида дандекколеб букIа, кколареб букIа, гьитIинав чиясул, херасул, махсарадул, гIамал мекъав хIалихьатил батIалъи гьечIого хIалаан. Бихьулеб букIана гIолиласе театр бокьулеб букIин ва гьесул гьунар бугев артист вахъине рес букIин. Басир санагIалъи кканщинахъе сценаялде вахъунаан. Артистасул махщалихъ рокьи ккарав гIолиласул рохалие гIорхъи букIунароан кодобе роль щвараб мехалъ. ТIоцересел гьесул ролал руго «Любовь Яровая» спектаклялда – письмоносец, ЦI. ХIамзатил «Базалай» спектаклялда – Дадуч.
1943 соналда жиндиего бокьун гIарзаги хъван, Басир уна фронталде. Намус бацIцIадго тIадаб налъиги тIубан, 1949 соналда Басир Дагъистаналде тIадвуссуна ва цIидасан жиндие бокьулеб хIалтIуде тIаделъула. «Гьесул гIамал-хасият, гIумру – кинабго хурхараб букIана театралда. Гьесие бокьулаан театр ва гьеб букIана гьесие аслияб иш, хъулухъ гьабулаан театралъе ва кинабго къуватги театралъе кьолаан». Гьедин хъван буго гIемераб заманалъ магIарулазул театралъе нухмалъи гьабурав режиссер Павел Васильевич Джапаридзеца.
ГIолохъанав артистас махщалида ва гIищкъуялда хIарал чIахIиял, жавабиял, захIматал ролаз бихьизабула тIабигIаталъ гьесие кьураб гьунар ва хIалтIуде гьесул бугеб кIудияб гъира.
Гьедин букIана, А. Островскиясул «ГIайиб гьечIониги гIайибиял» абураб спектаклялда Дудукинил роль кьураб мехалъ. Байбихьуда гIемерго захIмат букIуна Басирие, амма тIадчIараб хIалтIиялъ букIине кколеб даражаялда хIала Дудукинил сипат.
Басирица хIарал тIоцересел ролазда гъорлъ буго ЦI. ХIамзатил «Базалай» спектаклялдаса Дадучил роль. Гьев ракI-
гIатIидав, махсара гIемерав, гIадатияв магIаруласул роль хIаралъухъ Басир мустахIикълъула ДАССРалъул президиумалъул ХIурматалъул грамотаялъе.
А. Корнейчукил «ХIикматаб рохь» абураб пьесаялда Инусиловасухъе кьола аслияб роль – гIолохъанав, сахаватав, рокьул къимат гьабизе лъалев Ветровоясул сипат.
Б. Инусилов вукIана гъваридаб магIнаялъул, кIудиял къасдазул, жинцаго тIасабищараб пишаялъухъ рокьи ккарав инсан.
Гьесул сценаялъулаб гьунар ролалдаса ролалде цебетIолеб ва борхалъуде бахунеб букIана. Дунялалъул бищунго кIудиял драматургиялъулал асаразда щолеб букIана артистасе жиндирго гьунаралъул борхалъуде вахине нух. Ф. Шиллерил «Рокьи ва къисас» абураб спектаклялда Басирихъе кьола Миллерил – Луизал инсул роль. Жиндирго гIолохъанлъиялъухъ балагьичIого, божуледухъ, магIнаялда, гIумруялда гIадин хIараб гьеб роль балагьарал гIадамазеги гьединго данде хIалел актеразеги кутакалда бокьана. Театралъул хабар бицунелъул, Басир мукIурлъулаан театр тун батIияб бакIалда жиндида жиндир гIумру цебечIезабизе кIоларилан. Доб заманалъ Басирида цадахъ театралда хIалтIулей йикIарай Россиялъул халкъияй артистка Сидрат Мажидовалъ бицана: «Дун театралде ячIана школалдаса цIалун яхъиналдего. Басирица дир жиндирго яцалъул гIадин тIалаб гьабуна, сундуего кумекги гьабуна. Дидаго нахъасан вахъине чи щварай дунги гьелдаса йохун, рекIелъе чIухIи бачIун, бигьаго гъорлъ йосана коллективалда. Басир гIадин жиндаго тIад хIалтIулев артист вукIинчIилан абизе бегьула. Гьесул тIокIаб батIиял пикраби рукIунароан. Спектакль байбихьилалде цебе дове кулисазде нахъеги ун, жиндирго рагIаби цIалулев, гьениб репетиция гьабулев вукIунаан. Цо нухалъ, дун театралъул гIумрудул щибго жо бичIчIуларей гIадан, дир гIакълу гьечIолъи букIун батиларищха, гурони дица гьединаб жо гьабилароан, аскIоеги ун, кIалъан, гьесие махсара гьабуна. Гьес абуна: «Дацил яс, дацие квалквал гьабуге, мун цодагьаб мехалъ доегIан а, хадув дунго кIалъала дуда», — ян. Гьедин спектакль байбихьилалде хIадурлъун гурони, цеве вахъунароан, жиндаго тIад хIалтIулаан», — илан.
1952 соналда Н. В. Гоголь хваралдаса 100 сон тIубаялде МагIарул театралъ босула «Ригьин» абулеб пьеса. Басир Инусиловасухъе кьола Яичницал роль. ЦIакъ хIаракаталда, гъира — шавкъалда унел рукIана гьесул репетициял. Циндаго, премьера хIазе заман щвараб гIужалда, спектаклялъул
багьадур Подколесин хIалев артист теат-ралдаса нахъе уна. Режиссер П. В. Джапаридзеца гьеб роль кьола Басирихъе. Сордо — къоялда жаниб 3-4 сагIаталъ гурони кьижичIого, Басирица гьеб ролалъул рагIаби лъазарула, жиндирго багьадурулги гьесда сверухъ ругезулги гIамал-хасият лъазабула ва цIараб заманалъ премьера хIазе цеве вахъуна. Гьединав артист — хIалтIухъан вукIана Басир Инусилов.
Басир Инусиловасда цадахъ хIалтIарав РСФСРалъул халкъияв артист МахIмуд ГIабдулхаликъовас ракIалдещвеязулъ хъвалеб буго: «Басир Инусилов вукIана унго-унголъунги артистлъиялъе вижарав чи. Театр жиндиего бокьун гурони, живго театралъе вокьиялъе гIоло гьес киданиги хIаракат бахъулароан. Репетициялъе заманалда гьелда хурхинчIеб хабар цо лъицаниги гьоркьоб речIчIизабуни, Инусиловасе гьеб букIана цо кинабалиго вахIшилъи ва хIакъирлъи. Инусиловасул гьунаралъе бищунго хасиятаб жо букIана хIалбихьи ва кIвахI гьечIеб захIмат. Гьев хIалтIулаан цохIо сценаялда гуревги, репетицияздаги, гьоболлъухъги, гьудулзабазухъги. Цониги сагIат гьес гIадада биччалароан, жиндирго багьадурасул сипаталъул пикраби гьаричIого. Басирица гIумруялда жиндирго бихьанщинаб, рагIарабщинаб, лъарабщинаб – кинабго данде гьабун, пикрабазул хIасил сценаялде босулаан. Гьеле гьелъулъ букIана гьунар тIокIав артист Инусилов Басирил махщалил бечелъи».
ГIамал-тIабигIат гьайбатав чи живго вукIиналъ гьесие бигьаго букIунаан сахаватал гIадамазул ролал хIазе, кигIан жиндир гIамалалде дандекколарел рукIаниги, хIалихьатал гIадамазул ролалги Басирица инкар гьабичIого хIана. «ГIажаибаб хазина» абураб маргьа-спектаклялда Басирица хIана аслияблъун кколеб Галсанил роль. Гьес хIараб гьеб роль буго маргьадалъ букIунеб сатира. Гьев вукIана батIи-батIияв: гIамал кIудиявги, хIелхIедулевги, ццидалавги, къарумлъиялда гъорлъ вуцун гьавуравги. Балагьаразда цебе артистас чIезавулаан гьерсилал, ракI хъубал ва хIалихьатал гIадамазул вакил. Басирица гIадамазул гIунгутIаби рагьун, балагьаразда цере тIиритIулаан, гьезда тIад гурхIел тун велъулаан ва релъизе тIамулаан. Гьединаб букIана К. Гольдонил «Гьагал гIадамал» абураб спектаклялда къарумав ва хъачIав Лунардол сипатги. КIудияб ва бергьараб хIалтIи гьабуна Басирица А. С. Пушкинил «Циганал» абураб спектаклялда херав циган хIалелъул. Гьединавлъун цевечIезавулаан гьесда цадахъ хIалтIарай РСФСРалъул халкъияй артистка ПатIимат Хизроевалъ Басирица хIараб гьев херав циганасул сипат. «Хварай ясалъул – Земфирал жаназаялда цеве чIун вугев циганасул пашманал беразулъ бихьулеб букIана бицун хIалкIолареб инсанасул пашманлъи, гъваридго рекIелъ лъураб ругъун, гьесие бугеб къварилъи. РагIиго гьечIеб, вуцIцIунчIеялъулъ бихьулеб букIана инсуда чIун бугеб къо».
Бищун кIудияб бергьенлъилъун букIана У. Шекспирил «Отелло» спектаклялда Отеллол роль. Басирица репетициял гьарилалдего байбихьула ролалда тIад ургъизе ва хIалтIизе. Дов кIудияб къаркъалаялъул Отелло хIалеб букIана гьитIинаб черхалъул, гьединав багьадурасда кIудияб релълъенго гьечIев Басирица. Гьединал гIунгутIаби Басирица жиндирго актерасулаб гьунаралъ кIочон тезе гьаруна балагьаразда. Гьеб ролалдаса хадуб Басирида абула магIарулазул Отелло вугин гьевилан. «Отелло» спектаклялда гIахьаллъулел рукIана театралъул бищунго лъикIал артистал: М. ГIабдулхаликъов — Яго, П. Хизроева – Дездемона,
З. Набиева – Эмиля, ГI. Къурбанова – Бианки ва цогидал гьанжего гьанже ГИТИС лъугIун рачIарал гIолохъанал артисталги. Гьеб спектаклялда бищунго аслияблъун кколеб квербацIцIалъулгун сцена Басирица кутакалда берцинго хIала. Дездемонахъго валагьичIого, гьес квер ккола гьелда цебе квербацIцI жиндихъе кьеян абураб магIнаялда. КвербацIцI кодобе щун вохиялъ, квербацIцI ккураб квер данде къала. Цо параялдасан, жиндир кверзукь батIияб квербацIцI букIин лъайгун, гьесул би гьалаглъула. РагIи абичIого, бераз чи чIвалеб хIалалъ суал кьола Дездемонае. Лъавудаса арав чи гIадин сородизе лъугьуна. Хадусеб параялъ заралгун тIаде вортула гьелде. РекIел кIудияб къварилъиги къине гьабун, лъукъараб жанаваралъ гIадин, хъирараб гьаракьалъ хIалица абула: «ТIагIа дир берзукьа!» — ян ва хехго нахъе уна цо кIудияб балагь жиндицаго
гьабилалде.
Цадахъ хIалтIараз жакъаги бицуна, бихьулеб къоялде вачIинчIого, Басир хIалев вукIараб куцалъул хIакъалъулъ. Болъодаса эхеде, эхеве гиргидун, Басирил черх спектаклялдаса хадуб хъахIиллъун букIунеб букIараб куц, гIумруялда гIадин, Отеллол къварилъи жиндирго чорхолъе биччалеб букIараб куц.
Балагьаразда бихьана Б. Инусиловасул гьунаралъул борхалъи. Премьера хIана 1955 соналъул 17 декабралда. Москваялдаса бачIун букIана театроведазул кIудияб къокъа «Отелло» спектакль къабул гьабизе. МагIарул театралда гьеб спектакль бихьараз абулеб букIана гьадинаб щвалде щвараб хIалтIи театралда жеги букIинчIилан. Гьай-
гьай, гьениб цIикIкIарасеб бутIа лъун бу-кIана Басир Инусиловас. Хадусел хIалтIаби Басирил рукIана З. ГIалихановасул «МугIрузул ГIалиялда» – ГIумар, В. Розовасул «СагIат лъикIаб батагиялда» – Алексей, ХI. Заловасул «ХIасратай кочIохъаналда» – Наиб АхIмад.
1960 соналда Москваялда тIобитIараб Дагъистаналъул литератураялъулгун искусствоялъул декадаялда МагIарул театралъ бихьизабураб «МагIарулай» спектаклялда Б. Инусилов москваялъулазда цеве вахъана Асиятил эмен ГIалил ролалда. ГIемерал берцинал рагIаби хъвана критиказ газетазда ва журналазда Басирица хIараб ГIалил сипаталъул хIакъалъулъ. Гьеб роль хIаралъухъ, РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалда рекъон, Басир Инусиловасе кьуна «РСФСРалъул мустахIикъав артист» абураб тIадегIанаб цIар.
ТIадегIанаб даражаялъул артист жиндир гьунар цIураб гIужалда, 39 сонилаб гIумруялда, Аллагьасул къадаралде щола. Хвана нагагьаб балагьалдалъун. Расул ХIамзатовас Инусилов Басир хведал хъвана:

Дуца гьабураб щиб, гIагарав Басир,
Гьедин гIасияб роль щай дуца хIараб?
Вахъа мун къаникьа – къаси театр
Духъ балагьун бугин, — те гьеб махсара!…

Грим бахинчIого, жиндирго ратIлилъ
ВатIалъана Басир, суфлер гьечIого.
Къана гIумруялъул чIегIераб пардав
Гьалдолел соназул магIаруласде…