Конкурс-фестиваль

Дагъистаниязул иргадулаб бергьенлъи

«Авадан» кьурдул ансамблялъе щвана тIоцебесеб бакI

5-10 январалда Сочиялда тIоби­тIараб миллияб маданияталъул ва искусствоялъул конкурс-фестивалал­да гIахьаллъана батIи-батIиял улкабаздаса 500-ялдаса цIикIкIун коллектив. ГIахьаллъана гьенир Дагъистаналдаса гьунарчагIиги махщелчагIиги.
Конкурс гIуцIиялъул проекта­лъул координатор Жанна Барсеговалъ бицана конкурсалде рачIарал коллективазул тIадегIанаб даражаялъул хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.
— Миллияб байрамалде рачIарал коллективаз цого майданалда бихьизабуна жидерго миллияб маданияталъул борхалъиги тIадегIанлъиги. Щи­вав гIахьалчиясулъ бихьулеб бу­кIана миллияб хаслъи, — ян абуна гьелъ.
Радалалдаса къасилъизегIан, къо­йил цебе бахъунаан 80 коллектив. Жю­риялъул членал мукIурлъана жи­дее цIакъ захIмат букIанила гIа­хьалчагIазул цоялдаса цоял лъикIал церерахъиназе къимат кьезе. Рехселин гьезул цо-цоязул цIаралги: фес­тиваль гIуцIаразул цояв Виктор Шерф, режиссер-хореограф Эльвира Та­ха, музыкалияб искусствоялъул про­фессор Лариса Семина ва цогидалги.
Фестивалалда гIахьаллъараб Лаваша районалъул «Авадан» кьурдул ансамблялъе щвана тIоцебесеб бакI ва аслияб приз — Гран-при. Коллектив ине буго СагIудиязул ГIарабиялде. Гьелде тIадеги, Виктор Шерфица кьуна хасаб приз. Кьурдухъаби ритIулел руго Германиялде.
Гьединго фестивалалъул шапакъа­тал щвана гьоцIдерил ва ансадерил махщелчагIазеги. Гьез тIоритIарал мастер-классаз пана гьаруна Итали­ялдаса, Германиялдаса, Малайзиял­даса ва цогидалги улкабаздаса ра­чIа­рал гьалбал.
КIудияб баркала загьир гьабу­на фестиваль гIуцIаразе Лаваша районалъул культураялъул управ­ле­ниялъул начальник Халид Му­тIа­ли­мо­вас.
ПатIимат Расулова