Театралъул яс

Даим гIолохъанго хутIарай Сидрат

 

ХIайбула ГIабдулгъапуров:
— Театралда гурей, цоги батIияб хIалтIуда Сидрат цеечIезайизе кIоларо. Аваристаналдаго лъалеб лъарал чилчили гIадаб гьелъул релъиги, лъеберго чиясул дандбараб гIадаб гIатIидаб ракIги ва цин рагIун хадуб нилъер рекIелъа унареб гIадаб цIурмилаб гьаракьги цоги кибха хIажалъилеб, халкъул-гIаламалъего махщелчилъи бихьизабулеб сценаялда гуреб. Гьениб, театралдалъидал ракьалда лъикIлъи ва ритIухълъи букIиналъе гIоло артистаз, хIаракат бахъун, щибаб церерахъиналда къеркьей гьабулеб. «Ле, нуж гIадамал, гIадамаллъун рукIа». Гьеб рекIел ахIигун букIуна гьезул щибаб калам. ЛъикIабги квешабги гIамал данде­чIван, битIарабги тIекъабги, хIалихьалъиги хIалимлъиги цоцалъ багъун, хIалихьалъиги хIалимлъиги цоцалъ къеркьон гIуцIараб букIуна театралда щибаб спектакль. Багъилаб тIасабищизе къасд жиндирго рекIелъ гьечIев чи, кинаб ретIел ретIун чияр чилъун цеве вакканиги, ралагьаразда лъала яман вукIин.
ТIолабго гIумру Сидрат Мажидовалъ гьеле гьеб къеркьейгун тIамуна. ТIубараб кIикъоялда анцIила ункъо соналъ яхъана гьей сценаялде. Дун гьейгун цадахъ хIалтIана кIикъоялда ункъо соналъ. ТIоцебе, 1967 соналда дица лъураб Роман Фатуевасул «МагIарулал» спектаклялда гьитIинав вас Юсупил роль хIаралдаса нахъе нижер гьудуллъи биххичIо. Соналдаса соналде щулалъанинги ккола. Гьелъие гIиллалъун букIана Сидрат рекIелъ чIегIерлъи гьечIей, гьурмадаса гьими камуларей, сверухъ ругел гIадамазе гIатIилъи балагьулей йикIин. Гьелде тIадеги, кIудияб гьунар букIингиха. Жеги аслияб рахъ — кIвахI гьечIолъи, хIалтIизе гъирагун кидаго йикIингиха.
Цо-цо артист вукIуна, ясикIо гIадин, режиссерас абураб, бихьизабураб гурони сипаталде тIаде жубаларев, я гьунар яги жигарчилъи гьечIев. Цогидав абуни, жакъа жинда малъараб метер кIочон тун, театралде вачIуневгицин вукIуна. Сидрат йикIана щибаб ролалъул автор. Щибаб репетициялде гьей ячIунаан, цо-цо цIияб жоги ургъун. Цинги хIалтIулелъулги чIечIого щиб-щибниги ургъулей йикIунаан. РакIчIун абизе кIола, нусгоялде бахун гьелъ хIараб ролалъул цониги хашаб букIинчIилан. Гьагъаб жиндирго къокъаб черхгун, гьитIинаб гьумергун сценаялдасан гIадамазда цееяхъин­дал, тIасалъугьа загIипаб дандекквеялдаса, сода бараб гурга-чед кинигин кIодолъун ячIунаан. РагIул магIнаги магIна-гIин бугеб хьвада-чIвадиги бихьун, гIадамалги цIакъ рази хутIулаан.
Умумузул бакъаналда Сидратица гьаракь биччан тараб мехалъ, дида кколаан дун восун гьелъ КьилимегIералда тIад лъунилан. Къасдазул бечелъи, гIищкъудул гуч, пикрабазул гьалдей – гьеле Сидратие БетIергьанас барахщичIого кьун букIараб рухIияб бечелъи.
Цоги дица абила, Сидратида кIолаан театралда бокьараб роль хIазе. Лъидаго кIоларедухъ гIолохъанаб заманалда гьелъ хIана гьитIинал васазул ролал. Жеги Дагъистаналда гьеб рахъалъ гьелде дандекквезецин чи лъаларо, гIицIго ЛъарагI театралда П. Аселдерова гурони. Аселдеровалъул васазул ролал дида рихьулаан цодагьалго гIантлъиялъул рахъалъ тасамахIаллъун. Сидратица гьел хIалаан жигарал игиталлъун ва цIодораллъун. Хадур Сидратица хIана гIолохъанал багьадуразул ролал. ХIана ралагьарал хIайранлъиледухъ. Цинги заман щвана улбузул сипатал хIазе. Гьеб ра­хъалъ жиндир черх дандекколареб бугиланги чIун йикIана. Хадуб гIолохъанал, росасе арал, гьод къулун херлъарал, къокъго абуни, цереккарал хIалаан. ХIалаан тIад абизе бакI гьечIеб хIалалъ, махщалида. Рехсезин гьелъул сипатал (гьал руго гьабсагIат дида ракIалдещварал): ГIабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цIаралдасан» спектаклялда – Зугьра, МухIамад Сулимановасул «Дурцалда» — Нану, Машидат Гъайирбеговалъул «Вехьасул намусалда» — Сидрат, Сулейман Рабадановасул «Батирай» — ПатIина, А. Макаенкол «МацIалда гъоркь даруялда» — Неведомая, Расул ХIамзатовасул «Эбелалъе кечIалда» — пионерка, ГIабасил МухIамадил «ХъахIабросулъа МахIмудалда» — Меседо, Сергей Михалковасул «Гьурмалъ хъаталда» — Машенька, А. ГIалиевасул «РукIкIенги хечги» — Ольга, Владимир Большаковасул «Ракьалда жужахI» — Стайин Рислакин, «ГIамал къосарай Эльза» — Эльза, А. Шефовасул «МагIарулал Ленинихъ» — магIарулай, Зарипат Атаевалъул «Роза тIегь» — гIанкI, Раисат Хубецовалъул «Эбелалъе рецц» — Ира ва анцI-анцI цогидалги ролал.
Абадиялъ холареб цIар гьабуна жиндирго ва жийго йижараб Хунзахъ тIалъиялдасагун гIагараб Шотода росулъа байбихьун Москва-Кремлялде щвезегIан кIудияб адабалъ ва унго-унгояб хIурматалъ рехсолеб.
Сидрат Мажидовалъ, Россиялъул халкъияй артисткаялъ, гьаб ракьалда тана хасаб лъалкI.

ХIусен Казиев:
— Сидрат йикIана МагIарул театр гIуцIараздаги театралда рукIарал гIолилаздаги гьоркьоб бугеб рухьен гIадай гIадан. Гьей йикIана театралда рукIарал ва ругел гIисинал-чIахIиял тунка-гIусиязулги бергьенлъабазулги нугI. Гьелъие бокьулароан гIумруялда жанир дандчIварал захIмалъабазул, къварилъабазул хIакъалъулъ бицине. Гьелъул гьумер къалъун бачIунаан театралъул хIакъалъулъ бицунаго.
Творчествоялъул байбихьуда Сидратица хIана жиндирго гIелбащадазул ролал: васазул, ясазул, маргьабалъа бахIарзазул. Артистаз абулаан кидаго гIисинлъималазул ролалги хIан, ригьалде яхиндал, Сидратица лъил ролал хIазе ругелин. Гьей кIудияйго гIеларин, гьелъул ургъалида рукIунаан цо-цоял.
Сидратица хIана дир чIужуялъул, дун вокьулев, дие йокьуларей мадугьалалъул, къоролалъул, берцинай гIаданалъул, херай кIодол, хъартил ва чанго батIи-батIияб тайпаялъул руччабазул ролал. «Хиянатлъи» спектаклялда Сидратица хIана Юлдузилан цIар бугей гIаданалъул роль. Гьеб спектаклялда хIалаан киналго гIолохъанал артистал. Гьел рукIана 1970-абилел сонал. Гьеб роль хIан хадуб Сидрат яхана унго-унгояб гьунаралъул борхалъуде. Гьеб спектаклялда гьелъ артистал ва балагьарал гIажаиблъизаруна. Гьениб рагьана Сидратица чIужугIаданалъул чорхолъ рукIине кколелщинал хасиятал. Сидрат-Юлдуз йикIана чIухIарайги, чаракъосараб бакIалда гIодун, чияда хIал лъазе течIого, рекIедаса ун елъун, жиндирго мекъи ккараб рокьи чиядаса бахчун, гьеб хIехьезе лъалейги. Чорхол батIи-батIияб гIамал-хасият хисун хIазе кIвей – актерасе чара гьечIого къваригIунеб жо буго, гIумруялъ хIалтIаниги, гьелде гIемерисел артистал рахунаро. Жиндирго махщалидалъун гьелъ бихьизабуна, дол гьитIинал васазулги ясазулги ролал хIалей йикIарай Сидратида божилъи гьабун, гьелъухъе щвалде щварал руччабазул ролалги кьезе бегьулеб букIин. Гьелдаса хадуб Сидратихъ батIиял бераздалъун ралагьизе лъугьана режиссералги артисталги.
Максим Горькиясул «Херав» спектаклялда гьелъ хIараб Девица-Маринал ролалъ гьалгъазаруна балагьарал. Гьелъул Марина йикIана согIайги жиндирго хважаинасе хIеренайги. Гьелъ тIамулеб гали букIана солдатасул гIадаб. Ккараб бакIалда гьардезеги лъалаан. БакI-бакIалда жанаваралъул гIадаб хасиятги букIунаан гьелъул. БитIараб бицани, гьеб гьунар жиндирго чорхолъ букIинцин лъалароан Сидратида. ГIумруялда гьей тIубан батIияй йикIаралъулха. Сценаялдасан бицунеб магIна гьечIеб рагIи букIунароан Сидратил. МагIнаялъул тIиндеги яккун, кколеб къиматги кьун, кьолаан гьелъ жаваб данде хIалев артистасе. Гьеб букIана БетIергьанас гьелъие кьун букIараб гьунар. Гьединал пьесабазда рекъон ролал хIазе ккани, къваригIуна лъайги, махщелги, нахъаса къотIи гьечIеб щибабкъойилаб хIалтIиги.
«Кьурдабазул мугIалим» абураб испаниязул драматург Лопе де Вегаца хъвараб пьесаялда Сидратица хIалаан гIолохъанай графиня Флорелал роль. Жибго пьеса букIана кочIодалъун хъвараб. РукIана гIемерал кучIдул ва кьурдаби. Спектаклялда рихьизаризе кколаан доб заманалъул испаниязул рукIа-рахъин, гIадатал, гьезул кучIдул, кьурдаби. БатIияб халкъалъул кьурди лъазаби бигьаяб иш гуро. Сидрат, радалги бакъанидаги кьурдабазул репетициялде хьвадана ва хIалтIул хIасилги ккана. Гьелъухъа бажарана аваданай, гIедерай, гIолохъанай Флорелал роль хIан.
Лъида бихьичIеб «Берцинал ясал хъамулел куц» комедия. Гьениб Сидратица хIалаан дир чIужу Сапил роль. МагIарухъ гьединал руччаби гIемер руго. Лъималазул рукъги цIурал, кинабго магIишатги жидецаго бачунел, тIадежоялъе, гьекъолдулев росги вугел. Спектакль байбихьаралдаса гьеб лъугIизегIан, Сидратица гьарзаго бихьизабуна жиндирго махщел. ЛъикIал артистазул букIуна жидерго хатI. Гьезул рагъа-рачари, гьаракь батIияб букIуна. Гьел цогидал артистазда релълъарал рукIунаро ва лъицаниги хисуларо. Гьединай йикIана магIарулазе хирияй Сидрат Мажидова.
Буго ракIалдаса унареб цоги комедия – «КъваригIун йиго къоролай» абураб. Театралда гьей къоролалъул роль хIалей цоги артистка дида лъаларо. КочIое махщелги бугей, махсара-хочIги гьарзаяй, рокьи-кьа­лалъеги бергьарай къоролай Супа. ГIемерисел къоролзабазул къисмат битIккечIеб букIунелъул, Супаеги битIкколаро. Гьелъул мадугьаласе Супалгун рокьи гьабизе бокьула, ячиналъул цIар бахъиндал, тIурун чIола. Багьанаби, гIиллаби гIемерал ратула. Кутакалда мухIканго бачуна гьелъ мадугьа­ласулгун хабар. Гьениб буго хIасрат, рокьи, кьал, кечI. Сидратида кIолаан жиндилъ магI­на гьечIилан ккараб рагIудалъунги сценаялда «цIа гъезе».
«Я къвал бала, я къоно чIвала». Гьеб мелодрамаялда Сидрат йихьулаан херав, лъималаз рехун тарав Таймазил мадугьалалъул ролалда. Гьей херай гIаданалъул ролалда Сидратица кутакалда хIаракат бахъана артистка хIисабалда херасул къисматалде гъорлъе яккизе. Гьеб комедиялъухъ балагьарал релъизе тIами гуро мурад букIараб, мурад букIана балагьарал сценаялда лъугьунеб бугеб ишалда тIад ургъизе тIами. Теат­ралъул коллективалъеги гьелдаго цадахъ Сидратиеги, балагьараз аза-азар баркала кьуна гьеб спектаклялдаса хадуб.
Комедия цохIо релъиялъе гIоло хIазе бегьуларо, релъиялда гъорлъги балагьизе ккола магIна, тIамизе ккола балагьарал пикру гьабизе.
Чанги батIи-батIиял къисматазул руччабазул ролал хIана Сидратица сценаялда. «Маххул чIужугIадан» — гьениб Сидратица хIана гьекъолдухъан-тракторист Кучкарил чIужу Кумрил роль. Росасего инчIого херлъарай яс гIадан ГьотIочил роль хIана «ХIамузда рекIарал бахIарал» абурал спектаклялда. КIочон гьечIо «Ханлъи бокьарай якьад». Ниж кире щваниги, нижеда хадуб ахIулаан «хадусев» — абун. Гьединал ва цогидалги спектакляздаса рагIаби балагьа­разда кIочон толаро, «автограф» гIадин рекIелъ цIунун рукIуна. АбичIого гIоларо «Нусал рихаразул росу» спектаклялда хIараб, жийго херлъизе йикIинги кIочон тун, херай якьад кьурса гъоркье рехизе хIаракат бахъулей йикIарай Сургуханумил ролалъул хIакъалъулъги. «Булбулалъул кечI» спектаклялда гьелъухъ букIана больницаялъул уборщицаялъул роль. Гьеб цIакъ релълъараб буго жакъа къоялъги больницабазда рукIунел цо-цо уборщицабазда.
Киб театр цебебахъунеб бугониги, Ма­хIач­хъалаялда яги росулъ, Мажидова цадахъ йигеб спектакль кIудияб гъираялда къа­бул гьабулаан, баркала кьезе аскIоре рачIу­наан.

Мунагьал чураяв МахIмуд ГIабдулхаликъовас гьадин бицун букIана Сидратил хIакъалъулъ:
— Сидратил цIар лъала магIарулазда. Лъидаха рагIичIеб радиоялдасан кечI ахIулеб гьелъул роцIараб гьаракь:
Месед бецIаясул цIахIил буртина
Духъ ецIцIулей диде цо квенчIел баче.
Маргъал гъинаясул гъалул сагула,
Духъ гъаргъар барай дун гъорлъе йиччан те!

ГьитIинго бижана Сидратилъ театралде рокьи. Кида театр магIарухъе щваниги, хунздерил тIалъи артистаз сверун бахъинегIан Сидрат, хадуб хьихьараб бурутI гIадин, артистазул хьолбохъа йичIулароан. Хъалаялда лъималазул рокъоб гIумру гьабулеб мехалъго, гьитIинай Сидратил анищ букIана арстисткалъун яхъине. Гьалеха тIубана гьелъул мурад.
40 соналъ сверана Сидрат мугIрузул нухаздасан, магIарулазе рохелги аваданлъиги бикьизе гIоло. Сидратил щибаб цееяхъин рохеллъун букIуна магIарулазе. Театралда лъугьун гIемер мехго иналдего, Сидратие рес щвана Москваялда театралияб институталъул магIарул группаялде гьоркьое жуязе, гьезул дипломалъулал спектаклязда гIахьаллъизе.
Гьениб Сидратица хIалаан Мольерил «Скапенил пишабазда» — Зербинета, К. Гоццил «Нухъаялда» — Смерольдина. Спектаклял къабул гьарураб комиссиялъ Сидратил хIаялъе кьуна тIадегIанаб къимат. Москваялда бараб цо сон лъугьана Сидратие махщел цIубаялъе ва гьеб камиллъиялъе кIудияб квербакъи гьабураблъун.
ЦохIо магIарулалъул сурат цебечIезабулел сипатал гIуцIиялде гIей гьабун чIечIого, Сидратица кIудияб махщалида хIана сценаялда западалъул классиказул асаралги. Гьелъул цееяхъин бечед гьабуна Шиллерил, Бомаршел, Шекспирил, Гольдонил, Мольерил, Горькил асараздасан хIарал сипатаз.
Гьелъул щибалда Сидратихъа бажарана щибаб сипаталъе рекъонкколеб гIамал-хасият кьезе. Гьеб ккола артисткаялъул творчествоялъул бергьенлъи.
Бищунго лъикI ккарал сипатаздасан цоял ккола Гольдонил «КIиго хважаинасул цо хъулухъчиялда» — Смерольдина. СихIирай, оборай, ургъараб жо рагIалде бахъинабулей гIолилай.
З. ГIалихановасул «МугIрузул ГIалиялда» Задал сипаталда Сидрат йикIана росасе мутIигIай, гIамал берцинай, рекIелъ хъублъи гьечIей, рос ГIалил къайи-свериялда бараб сверунжо гIадай гIадатияй магIарулай. Спектаклялда жаниб Задал сипат букIана бищунго лъикI ккаразул цоябги.
Артистка Сидратил кIудияб гьунар буго лъималазе театралъ хас гьабун гIуцIараб репертуаралда цееяхъине. ГIемерисел Сидратица гIуцIарал сипатал рукIана васазул. Лъималазе артисткаялъ хIана: Таймаз Аслановасул «Заграницаялдаса гьалбал» абураб спектаклялда — хIинкъи гьечIев, тирияв, цIодорав Чуанил сипат; М. ГIабдулхаликъовасул «ГIурччинал тIанхазда» — чанкIкIарав бахьикъос Гьимат; Р. Фатуевасул «МагIарулазда» — гьитIинав бахIарчи Юсуп. Артисткаялда батулаан щибаб роль гIуцIулеб, гьитIичазда рекъонкколеб гIамал-хасият.
Сидрат Мажидова гIемер цееяхъана сце­на­ялдасан жинцаго ахIулел кучIдузул прог­раммабигун. Гьей магIарулазда лъала цо­хIо лъикIай драмаялъулай артистка гурейги, махщел бугей кочIохъан хIисабалдаги. РСФСРалъул мустахIикъай артистка Сидрат Мажидова йиго жийго заргIанасей, гьунар зобгIанасей. ШототIа росулъ гIурай, ГIараниб хъалаялда цIаларай, МагIарул теат­ралда тарбия щварай, барахщи чорхолъ гьечIей, гьудул-гьалмагъ хирияй халкъалъул копол устар.

Шамай Хъазанбиева:
Советияб гIелалъул лъималазе бищунго гIагарай адалъун лъугьун йикIана Сидрат Мажидова. Ясли-ахаздаги школаздаги гьез ахIулаан: «Дир гIадинаб бурутI лъилго бугебдай» абураб кечIги. Гьединазда гьоркьой йикIана дунгоги. Дицаги ахIулаан гьеб, Сидратица радиоялдасан ахIулелъул, хIухьелккун гIенеккулаан гьеб кочIохъ. Нижер, гIисинлъималазулцин, гъира букIунаан, Сидрат гьоркьой йигеб МагIарул театр росулъе бачIиндал, гьелъухъ ралагьизе ине.
Цинги — лъималазе рихьизарулел пьесабазда гьелъ хIарал ролал гьанжеги ракIалда руго.
ГIуна дун кIудияй. КIудияй гIунагIан, гIагарлъулей йикIана дие гьей хIикматай чIужугIадан. Кинха гьелда хIикматайилан абилареб — лъимерлъи лъималазул рокъоб арай, бесдаллъиялъ къвал барай, къварилъиялъ еэдарай гьей даим рази йикIунаан ТIадегIанас жиндиего кьураб гIумруялдаса. Киназухъаго гуро бажарулеб къисматалъул карачелазде данде лъедон. Бажарана гьеб Сидратихъа. Гьелда жиндирго талихIги къисматги батана рукълъунги, гIумрулъунги, лъимерлъунги хутIараб театралда.
Дидаги лъалаан Сидрат. Нижер лъай-хъвай­ги ккана, Сидратги кIодолъарай, дир ботIрол расазда гIумруялъ савуги бекIкIулеб мехалъ. Бугониги, гьеб дагьабго замангицин гIуна дие гьей рекIелъ цIунун хутIизе. Гьелъул кIаркIариялъ киналго захIмалъаби кIочене гьарулаан.
МагIарул театралда букIараб миллияб маданияталъул ва адабияталъул цо дандеруссиналда Сидратица абуна:
— Я Аллагь! МагIарулаз хIатIал чIаралъур, тIугьудул рижаги, — йилан.
Дица гьеб гьари-рахьи гьанжеги гIемер ракIалдещвезабула.
МагIарулазе Сидрат хутIана даим бечIазе гьечIеб, махI берцинаб тIегьлъун.
ХIурматиял магIарулал! Нилъер Сидрат гьаюралдаса 13 декабралда тIубалаан 80 сон. Баркула даим гIолохъанго хутIарай театралъул ясалъул юбилей киналго магIарулазда.