Театралъул хIаракат

МахIмудги Муиги – ансадерил сценаялда

Шамилхъалаялда актераз бихьизабуна лирикияб драма

Спектакль бихьизабуна ХъахIаб-росулъа МахIмуд гьавуралдаса 145 сон тIубаялъул хIурматалда. Гьелъухъ балагьизе рачIарал магIарулазда иргадулаб нухалда рагIана ракьцоясул гIищкъул къисаги цоцазухъ рокьи ккарал, амма къадар хъвачIел гIащикъазул къваридаб къисматги. Гъансинир рокьул кучIдул гурони гьечIев «тIурччибухIил» васасул рекIел асаралъул сан гьабичIо пачаясул аскаралда офицерлъун вукIарав Бекьилъа ХIасанил тухумалъ. Ва чвахана мугIрузухъа мугIрузухъе гьалагаб рокьул къиса рагьулел, гIенеккарал паналъизарулел, магIнаялъул гъварилъуде раккизе бажари бугезул ракIал гIодизарурал МахIмудил кучIдул. РекIелъе рортуледухъ ахIана гьел магIарул кочIохъабаз. Халкъалъул хулжазухъги цIунун, щвана гьел къалмикье росизеги жакъасеб гIелалъухъе цIализеги.
Рокьуца рахIат течIеб МахIмудил гIумру букIана бечедаб. Гьалагаб асаралдаса эркенлъизе гьев щвана батIи-батIиял бакIазда хIалтIизе, ана рагъдецин. Амма гьенибги хIалхьи течIо ракIалъе даим хиралъарай гьудулалъул сипаталъ.
МахIмудилги Муилги гIумру-ялъул къиса сценаялдаса рагьарал артистазе баркалаялъул хъватчIвана Унсоколо районалъул жамагIаталъ.
МагIарул театралъул
пресс-хъулухъ