Искусство

«Хасалихълъиялъул» выставка

Дагъистаналъул Художниказул союзалъул лъикIаб гIадатлъун лъугьун буго щибаб хасалихъе выставкаби тIоритIи

Гьедин, масала, дагьаб цебегIан, 30 ноябралда Дагъистаналъул Художниказул союзалъул выставкабазул залалда рагьана «Хасалихълъиялъул вернисаж» абураб цIаралда гъоркь выставка.
Выставка рагьулаго кIалъазе рахъараз бицана меседилаб вернисажалъул гIахьалчагIазул, лъикIал хIалтIабазул ва гьезул хаслъабазул хIакъалъулъ.