ГIолохъанал цIваби

Улбузе рокьулел тIугьдузул махIал…

КочIохъанас бицунеб буго жиндирго клипалъул хIакъалъулъ

Дагьаб цебе дица цIалана «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул мухбир Регина Къурбановалъ магIарул кочIохъан Руслан ХIасановасулгун гьабураб гара-чIвари. Гьелъ кIудияб, пашманлъиги рохелги жубараб асар гьабуна дие. Рохел — эбелалъул хIакъалъулъ бицунеб букIун. Пашманлъи — эбелалъул ахираб кочIол сарин цIидасанги рагIун.

Ноябралда кIодо гьабула Халкъазда гьоркьосел байрамазул бищунго хIеренабги берцинабги байрам — Эбелалъул къо. Улбузул къоял нилъер гIумруялъул щибаб лахIзаталъулъ рукIуна, амма эбелалъул къоялъ гьезул сипат цебесаго унаро.
Руслан ХIасановасул буго эбелалъе сайгъат гьабураб цIияб кечI. КечI ахIулеб буго гIурус мацIалда. Клип байбихьулеб буго ХIамзатил Расулил рагIабаздалъун.

ГIадатиял гурел къисматал

Гьеб клип бахъизе дие некIого бокьун букIана. Дир лъикIав гьудул ва видеограф Марат Гъапуровас абуна гьеб кочIол рагIаби жиндие рекIее гIунилан ва гьелъул социалияб клип бахъизе бегьулилан. Цо мехелалда жаниб бахъун бажарана клип.
Эбелалъул хIакъалъулъ букIиндал батила! Нилъер щивасул гIумруялъулъ аслияй гIаданлъун ккола гьей. Гьелъ цIунула нилъ квешлъиялдаса, гьелда кIола нилъер мунагьаздаса тIасалъугьинеги, нилъ рокъоре щвезегIан, рагьдухъ лъурал гьелъул бералги свакаларо. Эбелалде хъвана ва ахIана гIемерал кучIдул. Клипалда гьечIо актеразул хасаб хIай. Гьениб буго гIумру — лъимал рехун тарал улбулги улбуз рехун тарал лъималги. Жакъасеб гIумруялъул къваридаб сарин. Клип бахъизе ниж щвана «ТIалаб» лъималазул ва «Ветеран» харабазул интернатаздеги. Камераялда цере ругьунлъичIел лъималгун хIалтIизе бигьаго букIинчIо. Цоцазда ричIчIизе гIоло, гьезулгун лъай-хъвай гьабуна, цадахъ суратал рахъана. Гьел рази ругоан жидее гьабулеб хъулухъалдасаги. Амма къисматалъул хIакъалъулъ бицине бокьулеб букIинчIо. Дун цевеги чанги щолаан гьезухъе. Цо-цоязда лъана дун, микрофон киб бугебилан цIехолдилел рукIана.
Херазул рокъобги цин гьезулгун лъай-хъвай гьабуна. Дица кечIги ахIана гьезие. Клипалъул аслияй багьадурлъун йикIине йигей Нинель Александровнаялъ нижее бицана жиндирго къисматалъул хIакъалъулъ. Дун кутакалда вохана гIадамаз дир клип къабул гьабиялдаса. Гьеб буго кIудияб рокьигун гьабураб хIалтIи. ЧIахIиязулги, гIисиназулги, гIолилазулги, херазулги гIадатал гурел къисматаз асар гьабуна гIадамазе.

Расул ХIамзатов

Дие цIакъ бокьула Расул ХIамзатовасул гьунар. Школалда цIалулеб заманалдаго, кIудияб гъира-шавкъалда, чанго нухалда тIад-тIадвуссун, цIалун букIана гьесул «Дир Дагъистан» абураб тIехьги. Дирго «Инстаграмалдаги» зама-заманалдасан цIалула гьесул кучIдул. Дир пикруялда, социалиял гьиназда аслияб къагIидаялда рукIине ккола гьединал машгьурал гIадамазул гьунаралъулги гIумруялъулги хIакъалъулъ бицунел флешмобал. Масала, шагIирасул кучIдузул. Дицаги хIаракат бахъула гьесул махщелчилъиялъул хIакъалъулъ дирго кучIдузда бицине. Гьесул рагIабазе гIемерал бакънал хъвана ТIагьир Къурачевасги. «Йо-йо» ва «Эбел» абурал кучIдул ахIизеги ихтияр дица гьесухъа босана.
Дир хадусел планазул хIакъа-лъулъ бицани, къватIире риччазе хIадурулел руго лъабабилеб альбомги чанго дуэтги.

ГIумруялъул дарсал

Зама-заманалдасан гIумруялъги кьола нилъее дарсал. Жакъа якъинго бичIчIана саназда цадахъ бачIунин гIакъиллъийилан абураб умумузул абиялъул магIнаги. Дагьабги лъикI бичIчIана улбул рокьизе нилъ кватIизе бегьуларин абураб жоги. Гьезул адаб гьабизе ккола. Гьезда гьелъул тIагIам лъалеб мехалда, ай гьел чIаго рукIаго.
Ахирисеб нухалда кида абураб нужеца эбелалда йокьулилан? Кьунищ гьелъие тIугьдул? Рестораналде кида ячарай гьей? РакIчIола — некIого. Нужеда лъазегIаги лъалищ кинал тIугьдул гьелъие рокьулелали?

РакIалдещвана цоги
социалияб ролик

Цо инсул вукIуна щуго вас. Гьезул заман букIунаро инсухъе щвезе. Цо къоялъ гьезул щивасухъе щола эмен хванин абураб кагъат. ХIалтIиги тун, гьел киналго уна росулъе, эмен вукъизе. МагIуги пашманлъиги… Рес букIанагури гьезул, хIалтIиги тун, инсухъе щвезе ине. Васал тIаде щвелалде, эмен ватула гьезда, гьел рачIиналде, дандчIваялде хIадурлъун. Сайгъаталги ратана гьес хIадурун. ТIолабго черхго цIунцIрахана дир, гьеб клипалъухъ валагьидал.
Гьале цоги мисал. Эбел ячIуна васасухъе гьоболлъухъе. Гьев рокъове вачIиналде, гьесие бокьулеб квен хIадуризе лъугьана гьей. ЦIулал хъорщол бакIалда, гьеб щиб жоялиги лъачIого, гьелъ хIалтIизабулеб батун буго хирияб планшет. Рокъове щведал, васас сверухъ батанщинаб жо кIалагъоркье чIвазабуна, эбелалде ахIдана, хьагиниб букIараб квен гIодобе чIвана. Эбелалъул цIакъ ракI къварилъана, ва гьей рокъое тIадюссун ана. Амма гьей рокъое щвечIо. Нухда авариялде ккана…
Цебе телевизоралдасан рихьизарулаан улбузухъе кIалъазе кватIугейилан малъулел рекламаби…
Дида ккола нилъер гIумруялъулъ гIолеб гьечIин ва къанагIалъулеб бугин гурхIел-рахIмуйилан. Ни­лъе­­ца ракьалда бекьизе ккола лъикI­лъи…