ХIамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон

Расулилгун рукIарал дандчIваял

Гьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь

Дида ракIалде кколааан шигIручагIаца хъван, цIалун, бацIцIун, цIидасан хъван, хIадур гьабулеб батилин жидерго калам халкъалъухъе кьелелдеян. Лъаларо, гьедин гьабулелги рукIунел ратила, амма Расулил гьединаб къагIида гьечIолъи, гьесие Аллагьасго кьураб пагьму, гьунар, махщел шигIру-назмуялъе букIиналда дир ракIчIана Расулилгун букIараб тIоцебесеб дандчIваялдаса хадуб.

Гьел рукIана дол рикIкIадал 60-абилел соназ Казбек района-лъул росдал магIишаталъул начальник МухIамадов ГIабдулгIазизил бетIерлъиялда гъоркь, управлениялъул бетIерав зоотехник Мадаев МухIамадрасул, «ЦIияб гIумру» колхозалъул председатель Сурхаев Къебедилав, Чкаловасул цIаралда бугеб колхозалъул председатель дунги ун рукIана Хунзахъе. Нижер сапара-лъул мурадги букIана нижерго районалъул магIишатазда гIиял тайпа лъикI гьабизе гIоло «Дагъистаналъул мугIрузулаб» тайпаялъул хух боси. Гьел соназ гьединаб тайпадулаб гIи гIезабулеб идемстанция букIана Хунзахъ. ХIалтIул къоялъул ахиралдехун Хунзахъе щварал ниж, гостиницая-лъул тIалаб-агъазалда рукIаго, тIаде вачIана гьел соназда Хунзахъ районалъул прокурорлъун вукIарав ХIажиев Загьид. Хъваш-баш гьабун бахъарабго, хъулухъ-къваригIел цIехечIого, Загьидица нижеда абуна: «Метер хунздерица дида щиб абизе бугеб, нуж гостиницаялда сордо бан рукIанин абуни», — ян. Хех машинаялде нижги рахинарун, жинда хадуб бацIеян нижее амруги гьабун, ГIабдулгIазизги жиндирго машинаялде жаниве вахинавун, Загьидица машина цебехун бачана. Нижееги чара щиб, лъабго къо базегIан, гьоболасул амруялъухъ гIенеккизе кколелъул. Загьидил рокъоре щун, квана-гьекъолел рукIаго, Загьидица абуна: «Нуж парахатго рукIа, дун цо гьалбадерида дандчIвай гьабизе ине кколев вуго. ГIахьвахъ районалде ун букIараб обкомалъул делегация нахъбуссунеб буго тIоцевесев секретарь ГIумахановасул бетIерлъиялда гъоркь, гьелгун цадахъ Расул ХIамзатовги вуго», – ян.
Гьел соназда ГIахьвахъ районалъул цо росу бухIун букIана. Гьезде бачIараб къварилъи загьир гьабизе ун букIараб къагIидаха обкомалъул делегация.
ГIемер заманго иналде, вачIана Загьид цадахъ Расулгун. Цогидал руссинчIила, Расулица абунила, Хунзахъеги щун, инсул рукъалъе саламги кьечIого, жив ине бегьуларилан бицана Загьидица нижее. Загьидица нижер щивасул цIаралги хIалтIулеб бакIги рехсон, лъай-хъвай гьабуна Расулилгун. Лъай-хъвай гьабун хадуб, нижер киназулго цIаралдасан, Расулил пагьму-гьунаралъе рецц-бакъ гьабулаго, сахлъиги гIумруги гьарулаго, ГIабдулгIазизица лълъарги борхун, Расулил сахлъиялдасан дагьа-дагьаб жо гьекъана.
Хадусеб иргаялда Загьидица абуна Расулидехун, гьалбадерил хIурмат гьабун, цо-кIиго рагIи абун лъикI гурищилан.
ТIаде вахъунаго, щибиндилаха гьазул хIакъалъулъ абилебанги рехсолаго, Расулица байбихьана:

Казбекалъул цIумал,
ЦIар арал васал,
ЦIар-цIар ккун абилищ
Нужейго тоста.

Босе, ГIабдулгIазиз,
Воре, МухIамад,
Гьекъе, Къебедилав,
КъулчIе вац, Расул, – абун.

Ниж риххун, Расулихъ ралагьун хутIана 10-15 минут гурони инчIел, цо нухалда Загьидица абун гурони нижер цIарал рагIичIев Расулица, щивасул цIарал рехсон, гьел рагIаби абураб мехалда.
Гьеб бакIалда дида ракIалде ккана гьале доб Расулие Аллагьас кьураб пагьмуги, гьунарги, махщелги абун.
КIиабилеб дандчIвай Расулилгун букIана Дилималда. Гьел рукIанин ккола дида 80-абилел сонал. Нижер районалда унеб букIана Расулил хъвадарухъанлъиялъул сордо. Гьениб диеги рес щвана районалъул росдал магIишаталъул хIалтIухъабазул цIаралдасан Расулида баркиялъулал рагIаби абизе.
Расулил гьунаралъе, дихъаго бажарараб даражаялда къиматги кьолаго, бицана доб Хунзахъ букIараб дандчIваялъул хIакъалъулъги, рикIкIана Расулица нижер щивасул адресалда абурал рагIабиги. Гьимун, рази-ракиго Расулги вукIана. Гьелде тIадеги, Анапаялда санаториялда вукIаго, цо гIурус миллаталъул гIаданалъ Расулиеги гьесул гьуна-
ралъеги кьураб къиматалъул хIакъалъулъ бицана дица гьениб.
Анапаялда армиялда хъулухъ гьабулев вукIарав васасухъе щвезе вилълъана дун цо къоялъ. Часта-лъул кIалтIа рукIарал гъутIбукь лъурал хьонбакIабазул цоялда гIодой чIун йигоан цо гIадан. Цевесан унаго, гьелъие саламги кьун, гьей гIодой чIараб хьонбакIида гIодовги чIечIого, цо гьоркьоб тун, лъабабилеб хьонбакIида гIодовчIун заманго иналде, яхъун ячIун, дой гIадан дида аскIой чIана, ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб хабар:
– Мун киса вачIарав кколев?
– РикIкIада мугIрул улкаялдаса, дица бицаниги, дуда гьеб лъаларо.
– Бице, дун щибго лъаларей ва бичIчIуларей гIадан гуро.
– Дагъистан лъалищ дуда?
– Узухъда, лъала! Кин дида Дагъис-тан лъалареб, гьениблъидал дир рокьи бугеб.
– Балъголъи батичIони, щив гьев кколев?
– Гьев вуго Расул ХIамзатов.
Залалъго релъи-хъуялда хъат чIвана. Гьездаса лъикI Расулги велъанхъана. Хадуй гьей гIаданалъ жиндирго удостоверение бихьизабуна. Гьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь.
Гьел киналго лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъги бицун, нахъеги Расулие рецц-бакъги гьабун, дирго кIалъай дица лъугIизабуна: «Расул лъикIав вуго, лъидасаго тIокIавги вуго, амма Расулил «Дингир-Дангарчоялдаса», дие ЦIадаса ХIамзатил «ГIумруялъул дарсал» рокьулаха», — ян.
ГIодов чIараб трибунаялдаса тIадеги вахъун, жиндирго каранзулъ зарги кьабун, Расулица абуна:
– МухIамад, дунги ХIамзатил тIанчIазул чи ккола, — ян.
Залго кодобе босараб релъи-хъуй, хъат кьаби гьабуна гIодор чIаразги. Гьанивги гIажаиблъизавуна дунги гIахьаллъаралги Расулил хехаб, бегIераб, гIужилаб жавабалъ.
МухIамад Мусаев
2006