ШигIрабазул дунял

МагIарул шагIирзабиги кочIолаб хазинаги

 

Миллияб музыкалияб маданияталда Залму Батировалъулги ТубхIат Зургьаловалъулги лъалкIал

МагIарул адабияталда гуребги, маданияталдаги шагIирзабаз тола жидеего хасаб хасияталъги сабруялъги цIар хъварал лъалкIал. ШагIирзаби хIисабалда, цIалдолезе гьел магIарул руччабазул махщалил бицине дун лъугьинаро. Бокьун буго цо-цо рокьулел кучIдузде сверарал гьезул асаразул хIакъалъулъ бицине.
Щибаб кочIолги букIуна жиндирго къисмат. Цояб кIетIола инсанасул рекIеда, цогияб, изнуги цIехечIого, щола гьесухъе, къисматалъул бицунаго, цо-цояз гIодизарула, цогидаз рохизарула. Цоял хIанчIилъун роржуна, цо-цоял хъирщадилелго хутIула.

Халкъияй шагIиралъул сариназухъ

ГIагараб росдал школалда хIалтIулеб мехалда, Бергьенлъиялъул къоялде концертал хIадурулелъул, бищун цебе ракIалдещолаан МухIамадтIамир Синдикъовас ахIулеб «Бице, баба, бице гьав солдатасул, гьасда аскIой йигей гьай эбелалъул» абураб кечI. Гьеб кечIалъ жакъаги кIудияб асар гьабула дир рекIее.
Залму Батировалъул цIар бахъидал, цее ячIуна миллаталъул ургъелаз ракI унтарай шагIир. Ва Дагъистаналъул мустахIикъав артист Абакар ГIумархIажиевас ахIула нилъее гьей магIарулалъул магIарулазде гьабураб магIулъун лъугьараб кечI.
— Цолъизе кIвечIел нилъ хутIун ругел куц! — гьединаб буго жакъаги шагIиралъул рекIел ахIи.
Залмул асаразулъ щияй чIужугIаданалда батула жиндирго къисмат. Къваридаб рокьул кьогIаб лълъарги гьекъола шагIиралъ щияй чIужугIаданалда цадахъ.
Гьеб балъгояб дунялалде шагIиргун цадахъ нилъехъе гьоболлъухъе щвана Дагъистаналъул мустахIикъай артистка Шумайсат ГIабдулаеваги:

Щай цIорозе тарай, цIорозе тарай,
ЦIадул горо гIадай щун йикIанин дуй?
Щай ечIазе тарай, ечIазе тарай,
Хариде щуб гIадай щун йикIанин дуй?

РекIелъ цIар лъезе лъалареб бакIаб пашманлъи рещтIуна, Хадижат Жамалудиновалъухъги АхIмад Закариявасухъги гIенеккидал (цебе Хадижатида цадахъ гьеб кечI ахIулаан ХIамзалав ХIамзаловас):

Божулищ мун рокьуда, кьунищ гьелъ дуе талихI?
Тараб щиб гьелъ дур рекIелъ: рекIкIищ, цIайищ, цIоройищ?
ЦIунанищ мун рокьуца ццидалаб рагIудаса?
Гьукъанищ гьелъ дуе нух хиянатаб рахъалде?

Сардица квер бахъизе танищ
долъ рекIел ругъун?
ЧIалгIеналъ рухI гьекъолел
къоял дуе долъ кьунищ?
Дурго гIайибалдалъун гIищкъу
гIазукье кканищ?
Дуцаго къоги рехун, гьеб къватIазда щущанищ?

Мун кин йигей, кин йигей,
Дуда рокьи батанищ?
Мун рокьуда божулищ,
Дуе гьелъ талихI кьунищ?

Унго-унгоги, гьаб кочIолъ бугеб рацIцIалъиги, хIеренлъиги, ритIухъаб рокьул недегьлъиги.
РачIаха данде кквезе гьал рагIабиги жакъа цо-цо «цIвабзаз» сценаялдаса рагьун бицунеб гьалагаб рокьул кучIдулги.
— ВачIайила, вачIайила, вачIинчIого ресго гьечIила, убачазухъги кIутIбузухъги урхъун йигила. Цогиялъги заниго бегизабула:
Баркала , хирияв, хинал сардазухъ…
БичIчIулебго гьечIо гъоб «баркалаялъул» бетIергьан щивали. Гьединабищха бугеб мугIрузул ясазул яхI-намусалъул тIири — аскIоре къаралгицин чороклъизе бегьулеб гIадаб.
Гьединал кучIдузухъ гIенеккидал, цере рачIуна бацIцIалъиялъ рецIцIулел шагIиралъул саринал. Гьаб макъалаялда Залмул кучIдуз кочIолаб маданияталда тарал рацIцIадал, роцIарал лъалкIазул бицун бахъинаро. Амма шагIиралъул шигIраби ракIалдещола цо-цояз ахIулел чIорогоял, жидер букIинесеб гьечIел кучIдул рагIидал.

ТубхIат Зургьаловалъул шигIриял нухазул цо-цо свераби

АхIмад Закариевас ахIулеб мугIрул гъалбацI ХIажимурадиде гьабураб шагIиралъул цохIо гьеб кечIгицин гIела, ТубхIатица миллияб кочIол дунялалда толеб бугеб лъалкIалъул бицунелъул:

ХIажимурад, мугIрузда мун цIехолев йиго дун,
Аваристаналъул бацI-дудаса чIухIула дун!
ХIажимурад, жахIдаялъ лъукъарав нижер наиб,
Имам чиякъго вугин, мун ахIулев йиго дун….

Гьеб кочIол кьучIалда бахъараб клипалъ бицунеб буго шагIиралъе хирияб магIарул тариха-
лъул гьитIинабго бутIаялъул хIакъалъулъ. Клип бахъун букIана ХIажимурад гьавуралдаса 200 сон тIубаялде МухIамадмурад Мусаевас. Абизе бегьула шагIиралъул цIар миллаталъул тарихалдеги анилан.
Яги:

Дагъистан, Дагъистан, дур тарихалъул
Тахида рукIараз тана дуниял.
Амма кьуричIого буго АхIулгохI,
Аралъул нугIзаллъун- даимал мугIрул…
Чуязда гIадинал рукIинчIо чагIи.
Чиярав гурони, вукIинчIо тушман.
Чуялги чагIиги кIочон течIони,
ЧIаго букIина мун, нижер Дагъистан!

Гьеле гьедин ахIула нилъее Дагъистаналъул мустахIикъав артист АхIмад Закариевас.
Дие цIакъ бокьула ТубхIатил лъел цIураб гIертIил сипат. Гьеб ккола умумуздасанго нилъехъе бачIараб нухбитIиялъул гIаламатлъун. Цо-цо дицагоги хIалтIизабула гьеб гIертIил сипат, макъалаби хъвалелъул.

Чакаргун чед гIадинаб дир умумузул рокьи,
Ракьагун гьан угьдулеб доб заманалъул гIишкъу.
ГIолилас гьекъолелъул, гьоцIо гIадаб иццул лъим…
Гьесул квералъ борхидал, хадуб гIодараб гIеретI…

Гьаб кечIалда гъоркь магIарул кьурдиги гьабула Хасавюрталдаса кьурдухъабаз. Кьурдул авторги ккола тIадехун бицен гьабурав МухIамадмурад Мусаев.
Жиндирго, ТубхIатил, рагьараб гьумералъул, лъималазул гIадаб ракIалъул, яцIцIадай шагIиралъул, нухда бугеб гIертIинибеги чанги тIинкIун батила сверухъ бугеб мекълъиялъ, тIекълъиялъ, хиянатлъиялъ лъукъараб, сахлъуларел ругънал лъураб цIамхIалаб магIу…
КочIохъабаз ахIулел кучIдул гIемерал руго ТубхIатилги.
Щай жакъасеб сценаялдаса рагIулел гьечIел ватIаналъухъги, гIолиласухъги, гIолилалъухъги ккараб рокьуца гIенеккаразда сири базабулел кучIдул? Щай нилъее асар гьабулеб бугеб «гьодорал» кучIдуз?!
Жеги тIагIун гьечIо дир черхалдаса дуца ра-хъарал убачазул расенал… — гьабищха мугIрузул гIадаталги, законалги, мугIарулалъул тIадегIанлъиги…
КигIан бицаниги, хIасил кколареб цого темаги, цого жал ахIулел кочIохъабиги, гьезие хъат чIвалел нилъги…
Шамай Хъазанбиева