Искусствоялъул гIадамал

МагIарул кучIдузул чвахи

Хадижат Жамалудиновалъул хIасратал сариназухъ гIенеккулелъул…

— ГIела хабар бицараб. Гьанже цо дихъги гIенекке. ГьабсагIаталда нужехъе гьоболлъухъ ячIине йиго кочIохъан Манарша Дибирова. ХIадурлъе концерталъухъ гIенеккизе. Белталги учузаб багьаялде ричизе руго дица.
Гьедин байбихьулаан гьитIинай Хадижатица гьоболлъухъ рачIаразеги, гIага-божаразеги, хъизамалъеги кучIдул ахIизе. Кодоб тIилил гьабураб «микрофонги» ккун, жий Манарша йигиланги абун, ахIулаан гьелъ кучIдул. Зама-заманалдаса мадугьалзабиги щолаан гьезухъе, Манаршахъ гIенеккизе рилълъаниланги абун. Гьедин тIамуна Хадижатица магIарул кочIолаб дунялалде тIоцересел галаби. Долдаса нахъе ана гIемерал сонал…

МагIарул кечIги Хадижатги

ЛъугIана гIагараб росдал школа. Хадижат цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, музыкалияб училищеялде. Гьениб байбихьана кочIохъаналъул пагьму тIегьазе. Гьенисан рагIана магIарулазда гIолохъанай кочIохъан Хадижат Жамалудиновалъул гьаракь — магIарул шагIир Залпа МухIамадрасуловалъул рагIабазда гьелъ ахIана «Дица мун дихъего ахIизе гьечIо» абураб кечI.
Жиндир пагьму-гьунар тIатиналъе кумек гьабунин композитор АхIмад ГIамирхановасилан бицана Хадижатица. КечI ахIизе гIолилалъул бугеб гьунаралъул бицунев рагIарав гьев щола училищеялда ва лъай-хъвай гьабула кочIохъаналъулгун. Цинги лъагIалидасан лъай-хъвай ккана Залпалгунги. Училищеялда цIалулеб заманалда, чанги цее яхъана Хадижат жиндирго кечIгун. МагIарул музыкалияб маданияталде жиндирго тарихгун, хаслъигун, цIаргун, цIвагун, магIарул кочIолъ инкъилабги гьабулаго, ячIана Хадижат.

ВатIаналъухъ ккараб гIищкъудал цIадухъ

Инсанасе къисматалъ хIадур гьарун ратула жиндирго хасал сайгъаталги. МутIигIлъана гьелъие Хадижатги. ГIолилалъ къо-мех лъикI гьабуна гIагарал мугIрузулгунги, хIасратаб Дагъистаналъулгунги,
жиндир кочIохъ рокьи ккарал магIарулазулгунги. Иорданиялда бараб микьго соналъ гьелъул рекIелъ гьелегьана ватIаналде бугеб гIищкъул цIа. Гьеб цIаялъ бицунаан гьелъие гIагарал мугIрузул къиса, гьеб цIагун цадахъ ахIана гьелъ нусабго лага сорозабулел магIарул кучIдул. Гьеб цIадул цIураб каранлъ тIегьана ватIаналъул саринал. ВатIаналдаса рикIкIад йикIаниги, гьелъул анищал роржунаан магIарухъе. Пашманлъиялъул пикрабаз угьарал сариназул салам битIулаан гьелъ жиндирго лъимерлъи араб гIагараб росулъеги, МахIачхъалаялъул музыкалияб училищеялдеги, гьудул-гьалмагъзабаздеги, гIага-божараздеги. Доб гIищкъудал цIадул куркьбазда сордойил щолаан гьей гIагараб Дагъистаналде. РикIкIалъанагIан, хиралъулел рукIана магIарулазе Хадижатги гьелъул кечIги…

ХIасратай кочIохъан

Ва цIидасанги Дагъистаналда рагIана Хадижат Жамалудиновалъул гьаракь. Гьеб рокьул дандерижилъун боржана магIаруллъиялда тIад. Гьенир бищунго рорхатал мугIрузул тIогьазда тIавапги гьабулаго, гьелъ рещтIен гьабуна магIарулазул ракIазулъ. КочIохъаналъ гьезие бицана магIарул бахIарчияб тарихалъулги, гьеб тарих бидуца хъварал бахIарчиял васазулги, ясазулги, ахIана гьелъ мугIрул намусалъулги, гьелда тIанкI лъезегIан, хвел тIаса бищарал гIолилазулги. Хадижатица рокьул ахIулелъул, гьеб асаралъул асирлъуда ругезул ракIазулъ биги гьелегьуна, рокьуца ругъун лъуразда цебе цIидасан рещтIуна хIайранаб сипатги, гьелъ талихI сайгъат гьабуразул ракIазулъ цоги нухалда гьулчула гIищкъул карачелги, цо-цояз цIидасанги хIалбихьула цоги нухалда гьелде данде лъедезе. ХIасратай кочIохъаналъ жиндирго цIар хъвала нилъер щивасул къисматалда. Ва нилъ цIидасанги тIадруссуна Хадижат Жамалудиновалъул сариназул гъасде. Гьенирги нилъ дандчIвала нилъерго къисматгун. Цоязе гьеб гьимула, цогиязе угьдула, лъабабилезе белъула, ункъабилел рихьун, гIодула. Миллат бичаразда ццинги гьелъул, гьелъул тIадегIанлъи цIунарал тIадегIанлъиялдеги рачуна гьелъул сариназ. Гьеле гьединаб буго хIасратай кочIохъаналъул пагьму- гьунаралъул балъгояб къуват. Гьелъул «Рокьул хIанчIил» куркьбаздаги рекIун, чанги гIолилас сапар бухьун батила жиндирго рокьул хIикматаб улкаялде. Гьенире, Хадижатил кочIол кьолонирги рекIун, сапар бухьуна ботIрода саву ккарал херазги. Гьел цо лахIзаталъ сихIкъотIун гIенеккун чIола жидерго ракIазул кIутIиялъухъ. РекIел тIиндасан, гьелъул гъварилъудасан угьдилаго-гIодулаго, яги талихIалъул цIадлъун щенолаго, тIадбуссуна рокьи. Рокьуца гуккаралги, гьелъ къисматалда талихI угьаралги, жеги гьелъ асирлъуде росаралги данделъула Хадижатицаги ХIамзаласги Залму Батировалъул рагIабазда ахIулеб «Мун рокьуда ватанищ?» абураб кочIол горсверуда.

Миллияб маданияталъул чIухIи

Хадижатил щибаб концерт байбихьула магIарул халкъиял кучIдуздаса. КIутIулаго жергъенгун, гьей цее ячIиндал, гIажаибаб сихIкъотIи лъугьуна залалда. Гьел лахIзатаз гIенеккаразда цебе рещтIунеб батила магIаруллъиялъул берцинаб сипат-сурат — щибаб росуги, росдал годекIанги, годекIабахъ гIодор чIарал, «институтал цIалун лъугIичIониги, цIвабзазул мацI лъалел» харабиги, гьезул гIумруялъул дарсазухъ гIенеккарал гIолилалги. Имам Шамилги, ХIажимурадги, жакъасеб заманалда миллаталъул чIухIилъун кколел бахIарчиял, мугIрузул тIогьазда цIарал хъварал тIадегIанал васалги — гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицуна нилъее Хадижатил кечIалъ. КочIохъаналъул щибаб концертги лъугIула МухIамад ХIамзаевасул «ЦIуне, Аллагь, Дагъистан» абураб кочIодалъун. ТIадегIанасде хитIабги гьабулаго, гьелъ дагъистаниял ахIулел руго гIагараб ракьалъул рацIцIалъиги, борхалъиги, тIадегIанлъиги цIунизе, гьеб кинабго, нилъехъе умумуз кьурабго гIадин, нилъецаги хадусел наслабазухъе цIунизе кьезе.

Хадижатил кучIдузулъ Расулил асаразул кунчIи

Исана кIудияв шагIир гьавуралдаса 95 сон тIубаялъул юбилеялда цебе, бокьун буго Хадижатил кучIдузе гьесул асараз кьураб цIаялъул хIакъалъулъги цо-кIиго рагIи абизе.
РекIее хIикматаб асар гьабула «ПатIиматил камиллъи, как балей йигеб мехалъ» абураб кечIалъ. Амма гьеб рохел циндаго хисула шагIирас гIумруялъулгун къо-мех лъикI гьабулеб лахIзаталъ. ГIенеккаразул черхалда сири балеб хIасратаб гьаракьалъ халкъияй кочIохъаналъ «Дида тIасалъугьа, тIерхьун унеб бакъ», — илан ахIулелъул, цеве вачIуна херлъарав шагIир. Гьес Аллагьасдаги гIагараб миллаталдаги гьарулеб буго илбис гьоркьобе лъугьун хъварал цо-цо асараздаса тIасалъугьайилан. Хадижатил кучIдузулъ даим чIаго вукIине вуго машгьурав шагIир. Гьесул рукIана хас гьарун Хадижатие хъварал кучIдулги. Гьев живгоги хутIана гьелъул кучIдузул асирлъун. Расул ХIамзатовасул рагIабазда Хадижат Жамалудиновалъ ахIулел кучIдуз хасаб бечелъи кьун буго магIарул адабияталъеги маданияталъеги. Расулил рагIабазда гьелъ кечI ахIулелъул, цогидал миллатазул гIадамазги магIу бацIцIуна. РагIаби ричIчIичIониги, гьезда шагIирасул рекIел хIалалъул бицуна кочIохъаналъ. Гьелъулъ гурищ бугеб кочIол къуватги- инсанасул рекIеда кIутIун бажари.

АхIулеб буго
Хадижат Жамалудиновалъ

Гьале дида цере Дагъистаналъул халкъияй кочIохъан, магIарул кочIол дунялалде жиндирго хаслъигун ячIарай Хадижат Жамалудиновалъул церегосел концертазул кассетаби ва дискал. Дида цее йиго халатаб гъалалъул гIолилай. Гьале магIаруллъи. ТIогьол цIураб расалъиялда, тIолабго магIаруллъи машгъуллъулеб хIалалда гьаракьги биччан, гьанжего гьанже кочIол дунялалде галаби тIамулей магIарулалда лъалеб букIун батиларо магIарул жакъасеб кечI-бакъаналъул къираллъун жий яхъине йикIин. Умумузул аби гьечIищха цо пагьму бугесул пагьму-гьунар сундулъго букIунилан. Гьединай йиго нилъер Хадижатги. МагIарул театралъул сценаялдасанги бихьизабуна гьелъ жиндирго гьунар. Киноялда ролалги хIана гьелъ. Масала, Расул ХIамзатовасул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб «Исповедь» киноялда гьелъ хIана шагIирасул эбел Хъандулалъул роль. ГьабсагIаталда Москваялъул кинокомпаниялъ бахъулеб бугеб «АхIулгохI» киноялда гьелъ хIалеб буго ГIуммаханасул яцалъул роль. Хадижатица лъугIизабуна Москваялда ГИТИСАлъул режиссерасул факультетги.

ТIоцебесеб лъай-хъвай

НекIогоялдаса бокьун букIана кочIохъаналъулгун лъай-хъвай гьабизе. Амма рекIелъе лъугьунеб цIар лъезего лъалареб хIинкъиялъ квалквал гьабулеб букIана — киндай дун, гIадатияй гIадан, халкъияй кочIохъаналъ къабул гьайилейилан абураб пикруялъ рахIат толеб букIинчIо. Дун мекъи кколей ятана. Гьей ятана цIакъго гIадатияй. Каламги гIадатияб букIана гьелъул. Хадижатил пикругицин батичIо жий лъидаса йигониги т1окIай йигин абураб.
— Дун йиго халкъалъул кочIохъан, ва дица хъулухъуги гьабулеб буго гIагараб миллаталъе, — йилан абулеб магIнаги букIана гьелъул гара-чIвариялъул. Халкъияй кочIохъаналъулго букIараб дандчIваялдаса хадуб, дихъе цIидасанги тIадюссана Хадижат. Ва дида цIидасанги рагIулеб буго «АхIулеб буго Хадижат Жамалудиновалъ», — илан абулеб лъазаби.
Шамай Хъазанбиева