Вацлъиялъул кьо

Гьудуллъиялъул куркьбалги хьвагIулаго…

 

«Горцы» абураб халкъазда гьоркьосеб фольклорияб фестиваль тIобитIана МахIачхъалаялда

Дагъистаналъул тахшагьаралда рещтIен гьабуна дунялалъул батIи-батIиял улкабаздаса гIадамал цолъун лъугьараб кIудияб гьудуллъиялъ. Гьелда цадахъ тIугьдузул берцинаб квацIилъун Дагъистаналъул ракьалда щущана талихIги. Гьудуллъиялдаса кIудияб талихIги щибха букIинеб гьаб заманалда. Гьудуллъиялъул куркьбалги хьвагIулаго, нилъехъе рачIун руго Словакиялдаса, Польшаялдаса, Румыниялдаса, Азербайжаналдаса, Пенза, Ленинград, Липецк, Курск областаздаса, Ставрополь краялдаса, Удмуртиялдаса, Татарстаналдаса, Чачаналдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Северияб Осетия-Аланиялдаса, Ингушетиялдаса, Гъарачай-Чергесалдаса гьалбал.

17 июнь
Байбихьана халкъазда гьоркьосеб микьабилеб фольклорияб фестиваль. Гьеб тIобитIула кIиго лъагIалида жаниб цо нухалъ. Фестиваль тIобитIула Россиялъулги Дагъистаналъулги Культураялъул министерствабазул кумекалда-лъун, ЮНЕСКОялъул ахIиялда гъоркь.
Гьебго къоялъ республикаялда тIоцебесеб нухалда рагьана «Устарзабазул Кавказ» абураб халкъиял махщелчагIазул ярмарка-конкурс. МахIачхъалаялда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIулеб ярмаркаялда гIахьаллъана Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса ва Дагъистаналдаса устарзаби. Конкурс тIобитIана чанго батIияб номинациялда: цIулада накъишал гьари, хьухьари, угьари, рессари, ясикIаби, гIарцул ва меседил тIагIелал гьари ва цогидалги.
Расул ХIамзатовасул къотIноб бугеб аллеялда дагъистаниязда ва гьалбадерида жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна республикаялъул фольклориял коллективаз. Миллиял кьурдабиги кечI-бакъанги, гьездаго гъорлъ цолъулеб гьалбадерил гьаракьги — гьеб киналъго байрамалде рачIаразе гIажаибго берцинаб асар гьабулеб букIана. Киназего бокьун букIана кьурдул сверулъе кIанцIизе.
ГIурустеатралда рагьун букIана «Дир Дагъистан — дир Россия» абураб суратазул выставка. Гьез бицунеб букIана Россиялъул тарихалда Дагъис-таналъ кколеб бакIалъул.
Гьенибго фестивалалъул хIурматалда гьалбадерица ва Дагъистаналъул фольклориял коллективаз бихьизабуна концерт. Тадбиралъул байбихьуда дагъистаниязда ва гьалбадерида байрам баркана Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас.
— Жакъа нилъ данде гьарун руго гьудуллъиялъ. РекIелъ кIудияб рохел рещтIун буго гьалбадерил разиял гьурмал рихьидал. Жакъасеб байрамалъ цоги нухалда ракIалдещвезабулеб буго нилъер къуват гьудуллъиялъулъ ва цолъиялъулъ букIин, — ан абуна гьес.

18 июнь
Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда гьеб къоялъ тIобитIана «Халкъазда гьркьосеб цадахъ рекъон хIалтIи–миллиял мацIалги культураги цIуниялъул аслу» абураб темаялда данделъи.
МагIарул театралда цебе гьалбадерица бихьизабуна концертги. Дагъистанияз хъатчIвана поляказеги, румыназеги, азербайжаназеги, гIурусазеги, Словакиялдаса гьунарчагIазеги.
Концерталъул ахиралда хIасилал гьаруна ярмарка-конкурсалъулги.
Щибаб номинациялда бергьаразе ва призеразе кьуна дипломал ва ансадерил устарзабазул цIулал тIагIелал-сувенирал. Конкурсалъул аслияб шапакъат, ай Гран-при щвана Краснодар краялдаса Татьяна Ткаченкое.
— Дие цIакъ бокьана Дагъистан. Пана гьаюна дагъистаниязул гьалбадериде бугеб рокьиялъ. Биччанте миллатал гIемераб Дагъистаналда талихIалъул бакъ даим гвангъухъе букIине, — ян абуна гьелъ. Гьединго Татьянаца баркала кьуна жиндир захIматалъул гьабураб кIудияб адабалъухъги.
Тадбиралде рачIаразда байрам баркана Дагъистаналъул культураялъул министрасул заместитель, республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор Марита Мугадовалъги.

19 июнь
Гьеб къоялъ гьалбадерица сапар бухьана Дербент шагьаралде. Гьениб тIобитIана циркалъул искусствоялъул «Пехлеван» байрам. Нарин-Хъалаялда гьалбадерица бихьизабуна концерт. «Фестивалалъул открыткаби» абураб концерт кьуна МахIачхъалаялда МагIарул театралда цебеги. Дагъис-таниязе рес щун букIана миллатазул кьер-кьерал нураз берцин гьабураб Россиялъул халкъазул культураялъулгун лъай-хъвай гьабизе.

20 июнь
Гьалбадерица сапар бухьана респуб-ликаялъул батIи-батIиял районазде. Масала, Пензаялдаса, Выборгалдаса, Липецкалдаса гьалбал щвана Гъизляр шагьаралде. Гьениб тIобитIана казаказул культураялъул фестиваль. Польшаялъул гьунарчагIи щвана Избербашалде. Гьениб тIобитIана «Дир халкъалъул кучIдул ва кьурдаби» абураб халкъияб гьунаралъул фестиваль. Ансадерихъе гьоболлъухъ щвана Азербайжаналдаса ва Татарстаналдаса гьалбал. Гьениб тIобитIана «Халкъияб устарлъи» абураб байрам. Гьединабго тадбир тIобитIана Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъги. Гьенире рачIун рукIана Румыниялдаса гьалбал. Миллияб парталалъул байрам тIобитIана Лаваша районалъул Мекеги росулъ. Гьенир гIахьаллъана Словакиялдаса гьалбалги. «МугIрузул гьаракь» абураб халкъияб кочIол фес-тивалалда гIахьаллъизе Буйнакск районалъул Гъоркьияб Гъазданущире ун рукIана Курскалдаса, Удмуртиялдаса гьунарчагIи. Гьединго фестивалалъул гIахьалчагIи концерталгун щвана Шамхал-Термен, Тарки, ЦIияб Хушет, Сулахъ поселоказде.
Гьебго къоялъ МагIарул театралда цебеги букIана фестивалалъул байбихьуда букIараб концерталъул хадусеб бутIаги.
Ва ахиралда ГIурус театралда тIобитIана гIурус костюмазул «Халкъияб костюмалъул выставка» абураб байрам.

21 июнь
Аслияб къагIидаялда гьеб къо сай-гъат гьабун букIана Дагъистаналдаса гьунарчагIазе.
ТIоцебесеб иргаялда, ГIурус театралда тIобитIана «Басанде, ракI» абураб миллиял музыкалиял алатазда халкъиял бакънал рачиналъул фестиваль. КIиабизе, гьенибго тIобитIана «Дагъистаналъул иццал» абураб халкъияб кочIол фестиваль-конкурсги. МагIарул театралда махIачхъалаялъулазе ва тахшагьаралъул гьалбадерие концерт кьуна фестивалалъул гIахьалчагIаз.
Ахиралдаги ГIурус театралда тIобитIана «Кавказ- цогояб хъизан» абураб гала-концерт.

22 июнь
Жакъа фестивалалъул гIахьалчагIи цере рахъине руго МахIачхъалаялъул Ленинил цIаралда бугеб аслияб майданалда, дандчIвазе руго республикаялъул культуралъул министр Зарема Бутаевагун. Цоги нухалда дагъистаниязе рес щвезе буго МагIарул театралда цебе тIобитIизе бугеб фестивалалъул гIахьалчагIазул церерахъиназухъ халгьабизе. ГIурус театралда тIобитIизе бугеб «Дир Дагъистан — Дир Россия» абураб концерталдеги ахIулел руго фес-тивалалъул гIахьалчагIаз.

23 июнь
Метер Дагъистаналъулгун къо-мех лъикI гьабулеб буго «Горцы» фестивалалъ. Гьалбал рази хутIана дагъистанияздаса. ЦIиял лъай-хъваял, цIиял гьунарал, цIиял цIарал. Миллияб маданияталъул тарихалда хъварал цIиял тIанчал…
Гьеб киналъулго бицине ва фестивалалъул хIасилал гьаризе кIудияб гьудуллъиялъул кIудияб байрамалъул киналго гIахьалчагIаз ахIулел руго ГIурус театралде «Цадахъ нилъ — Россия» абураб тадбиралде.
Шамай Хъазанбиева