Искусствоялъул гIадамал

АхIмадил бакъназул нур свине гьечIо

 

ЦIурмилов АхIмад. МагIарул музыкалияб маданияталда хасаб хатIги лъалкIги тарав бакъназул устар

АхIмад гьавуна Гъуниб районалъул Шулани росулъ 1908 соналъул 19 июналда. Гьесул эмен ГIабдулхIамидил кIудияб къадру-къимат букIана гьудул-гьалмагълъиялдаги росуцояздаги гьоркьоб. Халатал хасалил сардаз гьел гIемер данделъулаан ЦIурмиловазул рокъор. МагIарул кечI-бакъанги кьурди-хъатги — гьеб кинабго рагIулаан ва бихьулаан гьитIинав АхIмадида. Гьесги хIаракат бахъулаан халкъиял бакънал ракIалда чIезаризе. ГьитIинго ругьунлъана АхIмад чагуралда бакънал рачинеги.

ВукIинесев машгьурав композиторасул букIана цIакъго захIматаб лъимерлъи. Амма гьесул хвасарлъи букIана магIарул бакъаналъулъ. Гьелде бугеб рокьи санал анагIан тIегьалебги букIана.
ТIоцебе АхIмадица 1933 соналда гIуцIана гIагараб районалда хоралъул кружок. Гьесул нухмалъиялда гъоркь чанги церерахъана гъунисел республикаялъул музыкалиял фестивалазда.
Дагъистаналъул искусствоя­лъул мустахIикъав хIаракатчи», «ХIурма­талъул гIаламат» орденалъул кавалер АхIмад ЦIурмиловасул бакъназда куркьбал гъуна магIарул машгьурал кочIохъаби Муи ХIасановалъ, Маржа­нат Мирзаевалъ, Асият Якъу-бовалъ, ПатIимат ХIайбулаевалъ, ГIайшат Ма­за­ловалъ. АхIмадил бакъназухъ гIенеккана Москваялдаги МахIач­хъа­лаялдаги.
Араб анкьица «ХIакъикъат» га­зеталъул редакциялда данде­лъун рукIана композитор ракIал­дещвезавизе ва гьев гьавуралдаса 110 сон тIубаялъул хIурматалда Гъунир тIоритIизе ругел тадбиразул хIакъалъулъ бицине. Данделъиялда гIахьаллъана Гъизляр шагьаралъул стоматологияб поликлиникаялъул бетIерав тохтур АхIмад Саламов; композиторал Абусупян ГIалихъараев, Каримула ГIабдулаев, Варис Нуров; кочIохъан МухIамад-ТIамир Синди-къов; гIалимзаби Зикрула Илясов, АхIмад МуртазагIалиев, Денга Халидов; Гъуниб районалъул культураялъул рукъалъул нухмалъулей ПатIимат Абакарова. Данделъи рагьана ва нухда бачана ГIали Камаловас. Гьезул щивасда батана композиторасул гIумруялъул ва гьунаралъул хIакъалъулъ абизе рагIи.

ГIали Камалов, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор:

— Дида тIоцеве АхIмад ЦIурмилов вихьана 1961 соналда, Гъунив 7 классалда цIалулеб мехалда. Гьесул рукъалда аскIосан унаан школалде-нахъе. Кидаго гьенисан рагIулаан магIарул бакънал. Гьев коляскаялда вачIунаан Гъуниб майданалде. Гьенир гьесда сверухъ ракIарулаан гIадамал (захIматаб унтудаса хадуб, гьесул бохдузе операция гьабун букIана), гьес мандолинаялда рачунел бакъназухъ гIенеккизе. АхIмадица магIарул маданияталъеги адабияталъеги нахъе тана кIудияб ирс. Гьесул бакъназ бечед гьабуна миллияб музыкалияб маданият.

АхIмад ЦIурмиловасул бакъназул букIана гIажаибаб чвахи. Бакъназ гьабулеб асарги гьединабго гIажаибаб букIана. 19 июналда Гъуниб росулъ букIине буго гьес 110 сон тIубай кIодо гьабун данделъи. МагIарулаз цоги нухалда ракIалдещвезавила бакъназул устар. Гьес нахъе тана цIакъ кIудияб рухIияб бечелъи. Гьале дида цебе буго Москваялда вугев тохтур, МухIамад ГIабдулхабировасул кагъат. Гьес кагътида бицунеб буго АхIмадил бакъназда Муи ХIасановалъ ахIулел кучIдуз жиндиего гьабулеб букIараб асара-лъул хIакъалъулъ. Гьедин абизеги буго АхIмадил бакъназ асир гьавурав щивав магIарулас. Щайгурелъул гьел рукIана нилъер, магIарулазул бакънал – миллаталъул тарихги, яхIги, махIги бугел.

Абусупян ГIалихъараев:

— Дида лъикI лъалаан АхIмад. Музыкалияб училищеялда цIалулев дун гIемер щолаан гьесухъе Гъуниве. Дица нотаби хъвалаан гьес мандолинаялда рачунел бакъназе. Гьесул рукIана гIадамазе рокьулел, гьез къабул гьарулел, рекIелъе рортулел бакънал. Хасаб музыкалияб лъай гьечIониги, гьес хъварал бакъназ квербакъана магIарул халкъияб кечI цебетIеялъе. АхIмадил рокъоса киданиги камулароан гIадамал. РачIунаан гьесухъе, сахлъи цIехонги, рачIунаан гьесул бакъназухъ гIенеккизеги. Жиделъ хасаб чIаголъи бугел руго гьесул бакънал жакъа къоялъги. Цого-цо квеш ккараб жо буго гьел бакънал жакъасел кочIохъабазда лъалел гьечIолъи.

ГIадан хIисабалда восани АхIмад, гьесулъ букIана цIакъго гIемераб рухIияб бечелъиги.

АхIмад Саламов:

— Инсул кумекалдалъун ккана дирги АхIмадилги лъай-хъвай. Гьеб букIана 1959 сон. Гьев Гъуниб росдал школалда директорлъун хIалтIулев вукIана. АхIмад хIалтIулев вукIана районоялда бетIерав бухгалтерлъун. Анкьабилеб классалъул цIалдохъан дунги вачун вукIана инсуца цо нухалда АхIмадихъе гьоболлъухъ. Дие цIакъ кIудияб асар гьабуна гьес мандолинаялда рачунел бакъназ. Дидаги лъалаан мандолинаялда бакънал рачине. Ва цо нухалда дицаги рачана гьел бакънал АхIмадида цере. Цинги гьес дида абуна анкьида жаниб лъабго нухалда жиндихъе вачIине кколин дунилан. Профессионалияв музыкант дир вахъинчIо, дица тIасабищана мединститут. Амма ро-къоб къедаса камичIо мандолина. Гьелда берчIвайдал, гьанжеги ракIалдещола АхIмад ЦIурмилов.

Каримулагь ГIабдулаев:

— МагIарул миллат берцин гьабурал гIадамал жаниб гIураб район буго Гъуниб. Гьезул цояв ккола АхIмад ЦIурмиловги. Гьадинал «хасал» гIадамазул бицунел данделъаби гIемер тIоритIани, гIун бачIунеб гIелалда бичIчIизе буго миллияб музыкалияб маданияталъул тIокIлъи. Жакъасел кочIохъабазул гIемерисез кучIдул ахIулел руго къватIисел пачалихъазул бакъназда. Нилъерабго берцин бихьулеб гьечIо. Гьезда лъалелцин ратуларо АхIмад гIадал композиторазул бакънал. Нилъерго машгьурал умумузул хIакъалъулъ гIолилазе бицине тIадаб буго нилъеда — чIахIияб гIелалда. КIудияб баркала буго ПатIимат Абакаровалъе пайда цIикIкIараб тадбир тIобитIизе ракIалде ккаралъухъ. Дида АхIмад лъалароан, гьесул заманалда дун гьитIинав чи вукIана. Амма гьесул бакъназ дир гьунар цебетIеялъулъ лъуна хасаб бутIа.

Зикрула Илясов:

— Жакъа къобахъанагIан республикаялда хIалуцунеб буго рахьдал мацIал малъиялъул ва цIуниялъул суал. МагIарул мацI нилъеда цIунизе кIвечIони, кинаб мацIалда, масала, нилъеца ирсилазе бицинеб АхIмадил бакъназул хIакъалъулъ.

Школалда цIалулеб мехалдасаго бокьулаан дие магIарул халкъалъул кечI-бакъан. Гьеб дие бокьиялъулъги кIудияб бутIа лъуна АхIмадил бакъназ. Хасго асар гьабула пашманаб бакъаналда, гьединалго пашманал рагIабазда ахIулеб гьесул кечIалъ:

— РакI буго дир къваридго,

Къорид ккураб бацIилгIан.

Берал руго чвахулел,

Чвахун балеб цIад гIадин.

ЦохIо гьеб кечI хъван букIара-банигицин, АхIмадил цIар хутIизе букIана наслабазе.

Варис Нуров:

— ГIадамал рачIуна-уна. Амма ракьалда хутIула гьезул лъикIал ишал. Дида АхIмад лъалароан. Амма дир рекIелъ хасаб бакI ккуна гьесул бакъназ. Гьезулъ бугеб берцинлъиги, гъварилъиги, нурги. Гьеб нур киданиги свинаро.

Лъиениги балъголъи гуро гьаб ахираб заманалда магIарул кочIолаб маданияталда бугеб ахIвал-хIал. Бачунеб бакъаналъулги ахIулел рагIабазулги гьечIо кинаб бугониги магIна. Масала, магIарулин цIар бугеб концерталде ани, ахиралде щвезегIан гIенеккизе сабру гIоларо. Цере хасаб комиссиялъ къабул гьаричIел бакъналгун церера-
хъунароан кочIохъаби. Гьанже гьелъул ургъел гьабулев чи гьечIо. РагIулел гьечIо АхIмадил бакънал. Гьел лъалелго ратиларо гьанже ругел кочIохъабазда. Гьадинал тадбирал тIоритIани, лъазе руго гьезда ва магIарулазул гIолеб гIелалда АхIмадги гьесул заманалъул кочIохъабиги.

МухIамад-ТIамир Синдикъов:

— Дидаги лъалароан АхIмад. Амма гьесул бакъназ кIудияб бакI ккола дир кочIолаб дунялалда. ЦIакъ рокьула гьесул бакънал. Баркала буго гьаб тадбир гьабизе ракIалдещваразе. Гьадинал тадбираз куцала нилъер гIолилазулъ миллияб маданияталдеги адабияталдеги рокьи. Гьез ругьун гьаризе руго нилъералъулго адаб гьабизе. Жакъа кочIохъабиги кечI-бакъанги цодагьал батIиял руго. Нилъеца хIаракат ба-хъизе ккола халкъалъул кочIохъаби халкъалъухъего тIадруссиналъе хIал-тIи гьабизе.

ПатIимат Абакарова:

— Школалъул программаялда букIа, культурияб гIумруялда букIа, нилъеда нилъераздасаго чиярал лъикI лъала. Гьединабго ахIвал-хIал буго жакъасеб магIарул кочIолаб дунялалдаги. Гьединал концертаздаса дун тIадюссуна рекIелъ чIобогояб асаргун. Цониги кочIохъанас ахIулел гьечIо кучIдул АхIмадил бакъназда. Гьезулъ гурищ бугеб магIаруллъиялъул берцинлъи. Хьул буго жакъасебги ва 19 июналда, АхIмад гьавураб къоялъ, Гъуниб тIобитIизе бугеб тадбиралдасаги хадуб, кочIохъабаз АхIмадил бакъназде кIвар кьелилан.

Денга Халидов:

— Дун вохарав вуго гьаб тадбиралда гIахьаллъизе рес щвеялдаса. Гьаниб жакъаги бицен гьабуна рахьдал мацIазда сверухъ бугеб ахIвал-хIала-лъул хIакъалъулъ. АхIмад ЦIурмилов гIадал миллаталъул чIухIилъун кколел гIадамазул хIакъалъулъ лъазе ккола гIун бачIунеб гIелалда. Гьаб тадбирги ккола магIарул мацIги, адабиятги, маданиятги цIунизе гьабулеб бугеб иш. Биччанте магIарулазда, хасго гIолилазда, цоги нухалда рагIизе АхIмадил бакънал. Гъуниб тIобитIизе бугеб тадбиралда гьединго гIахьаллъизе ккола магIарул цогидал районазул вакилзабиги.

АхIмад МуртазагIалиев:

— МагIарул кочIол буго кIудияб тарих. Гьелъ асир гьарурал гIемерал рукIана ва руго. Масала, Кавказалъул рагъдаса хадуб Гъуниб комендантлъун вукIарав Кармалинил лъади Любовь Кармалиница 1860-абилел соназдаго хъван руго магIарул бакънал. Махсуд ГIалихановасул харбаздаса гIуцIараб «Дагъистаналъул сухъмахъаздасан» абураб тIехьалдаги бицен гьабулеб буго магIарул бакъназул хIакъалъулъ. Амма жакъасеб гIелалда гьел лъалел гьечIо, лъалел гьечIо АхIмадил бакъналги. Гьесулги дир эмен МуртазагIалиев МухIамадилги (ДГУялъул преподаватель) букIана лъикIаб гьудуллъи. Гьел гIемер щолаан цоцахъе тIаде-гъоркье. АхIмадида гъваридго лъалаан магIарул мацIги. Гьелъие хIужалъун ккола цо гьадинаб лъугьа-бахъинги:

Инсуца лекция цIалулелъул, магIарул мацIалъул цо рагIиялда тIасан бахIс ккун буго. Цинги гьес АхIмадида цIехон буго гьеб рагIул магIна. Дос жаваб хъван бачIараб кагъат жеги цIунун буго нижер рокъоб. АхIмадил бакъназ бечед гьабуна магIарул бакъназул дунял. Биччанте 19 июналда Гъуниб тIобитIизе бугеб АхIмадил бакъназул къо лъугьине магIарул кочIол байрамлъун.

Шамай Хъазанбиева