Халкъияв зурмихъан

 

Гьаб заманалда доб цебе гIадинаб кIвар гьабулеб гьечIониги, зурмихъан вукIана росулъ гьечIого гIоларев, гIадамазе аваданлъиги рохелги босун вачIунев хIурматияв чи. Гьев кивго къабул гьавулаан адабхIурматалда. Масала, гьидерил харабаз жакъаги хIурматалда ракIалде щвезарула машгьурал зурмихъаби: ТIидиса Дубухазул МухIамад, МачIадаса КIумело, ГьентIаса Мухуласул МухIамад (Мухуло). Республикаялъул гьунарчагIазул къокъагун цадахъ, 1939 соналда Мухулас зурма бачана Кремлялда, Москвалда тIобитIараб Дагъистаналъул ада- бияталъул ва искусствоялъул къоязул байрамалда.

Ахирал соназда кьучIдасанго хисана нилъер гIумру, ракIгъеялъе ратулел руго батIи-батIиял ресал ва алатал. Жакъасел гIолилазе зурмил бакъназул кеп щоларо, гьел гIащикъго кьурдуларо гьелъул накуялда гъоркь. Амма нилъ магIарулал рукIиналъе нугIлъи гьабулел аслиял гIаламатазул цоял ккола: рахьдал мацI, миллияб ретIел, зурма, къали ва пандур. Коммунистаз нилъ тIамулел рукIана миллияб ратIлидаса инкар гьабизе, нилъерго тIалаб гьечIолъиялъ мацI тIагIунеб буго, зурма-къолое ва пандуралъе музеялда цебего бакI хIадурун буго. Гьеб хIал квеш бихьулел магIарулалги камун гьечIо. Масала, Шамил районалъул МачIада росулъа Ачилаев МухIамад. Гьев ккола гIемерал музыкалиял алатазда бакънал рачине махщел-гьунар бугев чи. Гьес «гIодизабулареб» алатго батиларин абуни, мекъиги букIинаро.

М. Ачилаев хIалтIана Чирюрт ГЭСалда мотористлъун, МахIачхъалаялъул чадил заводалда цIулал устарлъун, энергетиказул клубалда бакъанчилъун, культураялъул, спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялда бакънал рачунев чилъун. Кив хIалтIаниги, щиб ишалда вугониги, зурма рехун течIо МухIамадица. МагIарулазул кечIбакъаналъул культураялъул бицунаго, МухIамадица абуна:

— Нуж гIедегIуге зурма музеялда лъезе. Эстрада бугониги, зурма, къали, пандур, чагъана гIадал умумузул алатал рокьулел гIадамал жеги гIезегIан руго. Масала, машгьурал кочIохъабаз ахIулел кучIдузда цадахъ рачунел бакъназда гьоркьоб бугеб дир зурмил гьаркьица магIарул кечI-бакъан лъалаго берцин ва бечед гьабула. Цебе магIарухъ тIоритIулел рукIарал бертабалъ кьурдул наку аслияб къагIидаялда букIуна зурмакъолол. ХIатта жакъаги шагьаразда тIоритIулел гIемерисел бертабазда зурма-къолол накуялдалъун гьабула бахIаразда дандчIвай. Гьидерил кашалъул, къелдерил ва гьаадерил кьурдабазул накабазда кьурдулел чагIи рихьидал, гIажаиблъун хутIула батIияб миллаталъул чагIи.

— Жакъа районалда, мун гурев, цоги зурмихъан вугищ, гIолилазул гьечIищ зурма бачине ругьунлъизе бокьарав чи? — абураб суалалъе Ачилаевас гьадинаб жаваб кьуна:

 — Гьеб буго бищунго ракI унтараб суал. Дун гьитIинаб мехалда щибаб росулъ чара гьечIого вукIунаан кIиго-лъабго зурмихъан. ЦIакъ къокъаб буго жакъа районалда хутIарал зурмихъабазул сияхI: Къелев — ИсмагIилил МухIамад ва ХIажиев МухIамадтIагьир, Дагъбашалда — АсхIаб, Гьоорив — Хира- сулав, Хучада — Пазлудин, ГьентIа — ХIусенил МухIамад, МачIада — дун. Гьезул гIемерисез гIатIиракьалда гIумру гьабулеб буго. Дица цебе- гоялдаса нахъе абулебги ахIулебги буго, районазда ругел искусствоялъул школазда лъималазда миллиял бакъназул алатал хъвазе малъи- зе кколин. Пайда щиб, гьелде кIвар кьолев чи гьечIо.

ЦIакъ бокьун букIана, дун цевеса иналде, гIагараб росдал лъималазда зурма бачине малъизе, пайда щиб, цониги чи гьечIо гьелде ракI унев. Цо мисал, зурма бачине дица ругьун гьавун вукIана школалъул цо цIалдохъан, умумуз биччачIеб къагIида, гьесги рехун тана гьеб.

МухIамадица гьадин ракIалде щвезабуна кечI-бакъаналде жиндир рокьи бижизабурав ва зурма бачине малъарав КIумело: «Лъимерлъудаса нахъего дида цIакъ берцин бихьулаан зурмил гьаракь-бакъан. МачIадаса машгьурав зурмихъан МахIмутIил МухIамадил (КIумело) зурмил гьаракь рагIидал, чорхолъ би гьелегьунаан, черхалда рас эхетулаан, хIатIал жалго кьурдизе лъугьунаан. КIумелас бижизабуна зурмиде дир рокьи. Бертабалъ, вечеразда, гваязда зурма бачине дица байбихьана 1964 соналда. Сахго вугебгIан мехалъ рехун тезеги гьечIо. Музыкалиял алатазда бакънал рачине МухIамадил бугеб махщел бихьун, гьев ахIана Авар театралда хIалтIизе. Байбихьана хъумуз хъваялдаса, зурма бачунаан «Рокьул сухъмахъ» ва «Аманат» абулел спек- таклязда. «Хваразул цIаралдасан» абулеб спектаклялда Ачилаевас хIана асирлъиялде ккарав рагъухъ- анасул роль, гIахьаллъулаан театралиял массовкабазда…

Росулъе вуссараб мехалда МухIамад хIалтIана ясли-ахалъул бакъанчилъун. Школалде кечIбакъаналъул дарсазде ун, лъималазда малъулаан музыкалиял алатазда бакънал рачине. КъогогIан соналъ Ачилаев хIалтIана ва жакъаги хIалтIулев вуго районалъул культураялъул кIалгIаялда, кучIдузда ва кьурдабазда цадахъ бокьараб алаталда рачуна бакънал. Районалъул музыкалиябгун кьурдабазул коллективгун цадахъ Ачилаев гIахьаллъулаан республикаялда ва районазда тIоритIарал батIи-батIиял къецазда, байрамазда, гIемер щолаан гъутабазде. КечI-бакъаналъул коллективалгун цадахъ МухIамад цевевахъана ва зурмида, пандуралда, хъумузалда, кеманчаялда магIарул бакънал рачана Бельгиялда, Майкопалда, Чебоксаралда, Питералда, Москваялда, Уфаялда…

Ачилаевас абула бокьараб, ай киданиги бихьичIеб, рагIичIеб бакъназул алат жинца кIиго-лъабго къоялда жаниб тIубан мукIур гьабулилан. Гьес абуна: «МачIадаса вукIана республикаялдаго цIар рагIарав хъумузчи МухIамад ГIабдулаев (Уди МухIамад). Гьес «гIодизабулеб» хъумуз бихьидал, дида дунял кIочана ва дун гьедана гьесдаса жеги берцинго хъумузалда бакънал рачине ругьунлъичIого чIеларин абун.

Мутай Хадулаевасулъе вахарав чагъаначи Дагъистаналда вахъинчIо, гьес бижизабуна чагъанаялде дир рокьи. Гьесулгун лъай-хъвай гьабун гьоркьоб заман иналдего, дица чагъана хъвалеб бихьидал, Мутайица дие жиндирго чагъана сайгъат гьабуна», — ян.

МухIамад ккола бакъназул алатал гьаризе махщел камилав устарги. Гьес гьаруна гIемерал зурмабиги пандралги, амма гьес гьел ричуларо, гьудул-гьалмагълъиялъе сайгъаталъе кьола.

ГIумруялъго бакъназул искусствоялда хIалтIарав ва анцI-анцI соназ районалда байрамал ва цоги рохалил тадбирал нухда рачарав Ачилаев мустахIикълъана ДРялъул «Культураялъул министерствоялъул хIурматияв бакъанчи» абулеб грамотаялъе. Анлъго сон унеб буго Ачилаевасе «ДРялъул мустахIикъав бакъанчи» абураб цIар кьеялъе кагътал данде гьаруралдаса. Хьул буго исанагIаги гьел кколеб идараялде щвелин ва МухIамадие гьеб цIарги кьелин абураб.

15 июналда Ачилаевас бана 70 сон. РакI-ракIалъ гьесда юбилейги баркун, «ХIакъикъаталъул» коллективалъ МухIамадие гьарула жеги гIемерал соназ гIадамазул ракIал авадан гьаризе чорхое жанги, халатаб гIумруги, сахлъигун рохелги.

 Нури Нуриев