Музыкалияб конкурсалда — дагъистанияй

Финалалде йорчIарай Элвираца кечI ахIана Валерияда цадахъ

 

 

НТВ каналалъ тIобитIулеб «Ты супер» абураб музыкалияб конкурсалда гIахьаллъулей йикIана МахIачхъалаялдаса 13 сон барай Элвира ЯхIяеваги. 82 гIахьалчиясда гьоркьоса Элвираеги рес щвана конкурсалъул финалалда гIахьаллъизе. Гьелъие щвана ункъабилеб бакI.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьелъ гIумру гьабулеб буго ункъгIалалда цадахъ. Гьелда бихьана Элвирал бугеб пагьму ва гьелъ яс цIализе кьуна музыкалияб школалде. Элвира гIемер гIахьалъулаан батIи-батIиял музыкалиял конкурсазда. Гьелъул анищ букIана рехсараб конкурсалда гIахьаллъизеги. Щуго моцIалъ халккун букIана россиялъулаз Элвирал ва цогидалги гIахьалчагIазул церерахъиназда хадуб.

Конкурасалъул финал тIобитIана 26 маялда. Элвираца кечI ахIана Россиялъул халкъияй артистка Валерияцагун цадахъ. Балугълъиялде рахинегIан конкурсалъул финалистазе ва бащдаб финалалде рорчIаразе «Ты супер» фондалъ кьезе буго стипендияги. Августалда гьел гIахьаллъизе руго «Артекалда» букIине бугеб концерталдаги.

МахIачхъала шагьаралъул

администрациялъул

пресс-хъулухъалъул управление