Зурмихъан

Зурма музеялда лъезе гIедегIизе бегьиларо

 

нилъер умумузе, заманаялъниги жидерго язихълъи кIоченабизе кумек гьабулаан батIи-батIиял сухIматазда зурма-къолоцаги, пандрида ахIулел кучIдузги, чагъанаялда рачунел бакъназги. Зурмайин абуни букIана аслияб алатлъун. Зурми-хъанги вукIана щибаб росулъ гьечIого гIоларев гьунарчи. Гьидерица жакъаги хIурматалда ракIалдещвезарула зурмихъаби: ТIидиса Дубухазул МухIамад, МачIадаса КIумело, ГьентIаса Мухуласул МухIамад (Мухуло). Масала, Мухуло вукIана ЦIоралдаги цIар рагIарав зурмихъан. Абулаан Дагъистаналда гьесулъе вахарав зурмихъан гьечIинги. 1939 соналда, республикаялъул гьунарчагIазул къокъаялда цадахъ, Мухулоца гIахьаллъи гьабуна Москваялда тIобитIараб Дагъистаналъул литератураялъул ва искусствоялъул къоязул байрамалдаги.

Ахирал соназда кьучIдасанго хисана нилъер гIумру, ракIгъеялъе инсанас батIи-батIиял ресал ва алатал ургъун руго. ГIолилаз жакъа зурма рикIкIунаро, гьелъул панаял бакъназ гьезие асарги гьабуларо. Гьеб иш гIезегIан квеш бугин рикIкIунелги гIемер руго, масала, МачIадаса Ачилаев МухIамад. Гьев вуго БетIергьанас гьунар кьурав чи. Гьес «гIодизабулареб» бакъназул алат гьечIин абизе бегьула.

МухIамад Ачилаев хIалтIана Чирюрталъул
ГЭСалда мотористлъун, МахIачхъалаялъул чед бежулеб заводалда цIулал устарлъун, энергетиказул клубалда, культураялъул, спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялда. Кив хIалтIаниги, щиб ишалда вугониги, МухIамадица зурма бачин рехун течIо, рохалилал тадбирал тIоритIизе гIадамазе кумек гьабуна, гьабулебги буго. Жакъаги МухIамадица жиндего тIаде босула районалда тIоритIулел гьединал тадбиразда зурма пуялъул иш. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехунги.

— МухIамад, цо-цояз абула жакъа зурмаялъе мустахIикъаб бакI музей бугилан. ХIажат бугищ жакъа нилъее зурма?

— Зурма музеялда лъезе гIедегIуге. Эстрада бугониги, зурма, къали, пандур, чагъана гIадал алатал рокьулел гIадамалги гIезегIан хутIун руго. Машгьурал кочIохъабаз ахIулел кучIдузул бакъназда гьоркьоб бугеб дир зурмил гьаркьица гугьар базабула бакъаналда.

— Жакъа Гьидалъ мун гурев цоги зурмихъан хутIун вугищ, гIолилазул гьечIищ зурма бачине ругьунлъулев чиго?

— Гьеб буго бищунго дир ракIунтараб суал. Дун гьитIинаб мехалъ щибаб росулъ вукIунаан лъабго-ункъониги зурмихъан. Жакъа гьидерил росабалъ щиб гурин, районалдаго хутIун вуго лъабго зурмихъан: Къелев — ИсмагIилил МухIамад ва ХIажиев МухIамадтIагьир, Дагъбашалда — АсхIаб, Гьоорив — Хирасула, Хучада — Пазлудин, ГьентIа — ХIусенил МухIамад, МачIада — дунги. Гьезул гIемериселги гIатIиракьалда руго. Дица цебегоялдаса абулеб буго районалда ругел искусствоялъул школазда лъималазда миллиял музыкалиял алатал рачине малъизе кколилан. Пайда щиб, гьелде кIвар кьолев чи гьечIо.

Школалда цIалулев цо вас зурма бачине ругьун гьавун вукIана. Эбел-инсуца биччачIеб къагIида, гьесги гьеб рехун тана.

— Зурмаялде рокьи дурго кин бижараб, гьелъие «гIайибияв» щив?

— Лъимерлъудаса нахъего дида цIакъ берцин бихьулаан зурмил гьаракь. МачIадаса машгьурав зурми-
хъан МахIмутIил МухIамадил (КIумело) зурмил гьаракь рагIидал дир чорхолъ би гьелегьулаан, черхалда рас эхетулаан, хIатIал жалго кьурдизе лъугьунаан. КIумело ккола зурмихъ дир рокьи ккеялъе «гIайибияв» чиги.

Бертабалъ, гваязда зурма бачине байбихьана 1964 соналдаса нахъе.

— МагIарул театралда щиб хъулу-хъалда мун хIалтIарав?

— Байбихьана хъумуз бачиналдаса, «Рокьул сухъмахъ» ва «Аманат» абулел спектаклязда зурмаги бачунаан, «Хваразул цIаралдасан» абулеб спектаклялда хIана асир гьавурав рагъухъанасул роль, гIахьаллъана театралиял массовкабазда…

— Жакъа щиб хIалтIудаха вугев?

— Дун ккола гIагараб росдал ясли-ахалъул музыкант. Школалда кечI ахIиялъул дарсазде ун, лъималазда цо-цо алатазда бакънал рачинеги малъула. Районалъул художествияб коллективгун цадахъ гIахьаллъула батIи-батIиял конкурсазда, байрамазда, щола гIухьбузухъе хъутабазде.

— Зурма гуреб цоги кинаб алат бачине дур махщел бугеб?

— Дагъистаналда гьечIо дица квегъичIеб цониги миллияб алат. Машгьурал кочIохъабазе дица бакънал рачана мандолинаялда, тIамуралда, чагъанаялда, хъумузалда, балалайкаялда, киманчаялда… Бокьараб бакъназул алат дица кIиго-лъабго къоялда жаниб мукIур гьабула. Нижер росулъа вукIана республикаялдаго цIар рагIарав филармониялъул ва МагIарул театралъул бакъанчи МухIамад ГIабдулаев (Уди МухIамад). Гьес «гIодизабулеб» хъумуз бихьидал, дида дунял кIочана ва дун гьедана гьелда жеги берцинго бакънал рачине ругьунлъизе.

Мутай Хадулаевасде щварав чагъаначи Дагъистаналда гьечIо, гьес бижизабуна дилъ чагъанаялде рокьи. Заман иналдего, дица гьеб бачунеб бихьидал, Мутайица дие жиндирго чагъанаги сайгъат гьабуна.

— МухIамад, гьел алатал гьаризего хIалбихьанищ дуца?

— Дир квераз гьаруна гIемерал зурмабиги пандуралги, дица гьел ричуларо, гьудул-гьалмагълъиялъе сайгъаталъе кьола.

— ГIумруялъго гьеб ишалда вугев мун, хIукуматалъ гIемерал шапакъатал кьун, кIодо гьавунги ватила…

— Дагьаб цебегIан дие щвана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул хIурматияв музыкант абун тIад хъвараб грамота. Республикаялъул хIукуматалда регун руго «ДРялъул мустахIикъав музыкант» абулеб цIар дие кьеялъе хIажатал кагътал. КватIичIого гьеб цIар щвеялдеги хьул бугоха.

15 июналда Ачилаев МухIамадица бала 67 сон. Гьавураб къоги баркун, «ХIакъикъаталъул» коллективалъ гьесие жеги гIемерал соназ гIадамал рази гьаризе халатаб гIумруги сахлъиги гьарула.

Нури Нуриев