ХIуриял кучIдузул квацIи

10 маялда 90 сон тIубана машгьурай кочIохъан гьаюралдаса

 

Араб гIасруялъул кIиабилеб бащалъи. МагIарул кочIол маданияталде, ракIчIараб галиги тIамун, ячIана ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъа ХIурия Кантулова.

Дир гIелалъул ва дагьалги цIикIкIарал магIарулазда лъикI лъала ХIуриял кечI. Гьелъул кучIдузул борхалъиялда жеги-жеги тIавап гьабулел руго мугIрул чIужугIаданалъул намус-яхIги тIадегIанлъиги.

Сон 90 сон тIубана халкъалъе йокьулей кочIохъаналъ. Ва газеталъул редакциялъул хIалтIухъабазда ракIалде ккана гьелда юбилей баркизе.

Дун гьелъул рокъое лъугьунаго, дица гьелъие махсара гьабуна:

— АхIея, ХIурия, цо халкъияб кечI, — илан.

БитIун бицани, ракIал-децин ккечIо гьелъ ахIилилан. Сабураб гьаркьидалъун гьей кечI ахIизе лъугьиндал, дун дагьайго йихха-хочун лъугьана.

— Дирго вокьулесе кьурайани дун,

ГIурда кьегIер гIадин, ясандилаан,

— илан ГьаракIуниса ГIайшатил бакъаналда халкъияб кечI ахIулеб букIана гьелъ.

Гьале доб магIаруллъиги гьелъул берцинлъиги. Гьеб боржунеб букIана хъачIал кьурабазухъеги, кьурабиги рикьизарун лъугьарал къваридал сухъмахъазухъеги, сухъмахъаздасан хьвадарал захIмалъи-гIакъуба бихьарал магIарулазухъеги.

ТIоцебесеб кечI ХIурияца ахIана гIагараб районалъул Кьорош росдал школалда щуабилеб классалда цIалулеб мехалда. Гьеб букIана ЦIадаса ХIамзатил рагIабазда партия беццун ахIулеб кечI. ЦIалдохъабазда гьоркьор тIоритIарал къецазда гьелъ босана тIоцебесеб бакI. Гьеб къоялдаса нахъе боржана мугIрузда тIасан ХIуриял кечI.

ХIурия хIалтIана районалъул газеталъул редакциялда – гьелъ хIарпал рищизе кколаан.

Гьей ккола рагъул соназул яс. КIудияб хъизам (лъабго васги лъабго ясги), ватIан цIунизе арав эмен. 13-14 сон барай ХIурия хIалтIана колхозалда бригадирлъун, фермаялъул заведующаялъун. Амма киса-кибего гьейгун букIана кечI. Гьеб кочIое эркенлъи щвечIого букIинеги бегьулаан, ХIуриял гIумруялъул гьудул Кантулов МухIамадица кочIое роржен кьечIебани. Киназего гуро дандекколей лъади-кочIохъан.

Къойидаса къойиде машгьурлъулеб букIана магIарул бакъназда ахIулеб ХIуриял кечI. 50-абилел соназда гьей ахIана МахIачхъалаялде, радиокомитеталда хIалтIизе. КъобахъанагIан цIубалеб, тIегьалеб букIана кочIохъаналъул пагьму-гьунарги.

Гьей гIахьаллъана Москваялда тIобитIараб фольклоралъулаб фестивалалдаги. Дагъистаналдаса гIолилалъул кочIоеги гьаркьиеги хъатчIвана СССРалъул батIи-батIиял шагьаразда.

Лъабго соналъ радиокомитеталдаги хIалтIун, гIагараб районалде тIадюссана ХIурия. МухIамадги хIалтIизе лъугьана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун, ХIурия – гьебго отделалъул хIалтIухъанлъун. Гьел щвечIел магIарул районалги росабиги рукIун ратиларо доб заманалда.

1985 сон. ГIумруялдаса ватIалъана МухIамад Кантулов. КочIолгун къо-мехлъикI гьабизехъин букIана ХIурияца. Амма гьелда ракIалде рачIана МухIамадица абулел рукIарал рагIаби:

«ХIурия, кечI буго дур рухI. Дуца гьеб рухIалъе чIаголъи кье. Гьеб чIаго букIине буго, дуца кечI ахIулебгIан заманалъ. Щиб къварилъи-захIмалъи духъе бачIаниги, кечI рехун тоге». Гьединаб букIана МухIамадил васигат.

ЦохIо кечI ахIизе гуребги букIана ХIуриял махщел – гьелда лъалаан юкъаризеги, хьухьаризеги, ессаризеги, шалал-квербацIцIалги рукъулаан, гьезда расеналги угьулаан гьелъ. Гьединал руччабазда магIарухъ абула чIужуберцинилан. Гьединай йикIана ва жакъаги йиго Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан ХIурия Кантулова.

Жакъасеб магIарул кочIол дунялалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьикъидал, гьелъ абуна жиндие бокьулила ГIайшат Насрулаевалъ ва Хадижат Жамалудиновалъ умумузул бакъназда ахIулел кучIдузухъ гIенеккизе.

— КочIолъ батана дида талихI ва цIидасанги гIумру байбихьизе рес букIарабани, кочIодаса инкарги гьабилароан, — илан абуна ХIурияца.

Гьанжеги дида рагIулеб бугин ккола магIарул радиоялъул диктор ПатIимат Рамазановалъул гьаракь. Гьелъ лъазабулеб буго:

— АхIулеб буго ХIурия Кантуловалъ, — илан. Ва нахъеги чвахулеб буго магIарул кечI. Гьелъ нухарегIана дунги ХIуриял минаялъуса.

Биччанте ХIурия Кантуловалъул кочIолаб дунялалда тIегьарал тIугьдузул махIалъ сверухълъиго цIезе.