«Халкъияб» абун цIар цIунараб тадбир

 

   Дагъистаналъул лъикIаздаса лъикIал халкъиял театразул форум-фестиваль тIобитIана ГIурус театралъул минаялъуб. «Халкъияб маска» абун цIар кьураб, Россиялда лъазабураб маданиябгун рухIияб ирс цIуниялъул соналда ва машгьурав шагIир Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялда хурхинабураб гьеб тадбир тIобитIана республикаялъул Культураялъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хIаракаталдалъун. Дагъистаналъул гьайбатлъи, гьунаразул ва гIадат-гIамалалъул рахъалъ бечелъи, хаслъи бихьизабуна Ахти, ЦIияб Лак, Хунзахъ, Гумбет, Лак, Курах, МухIарамкент, ЧIарада, Кули, Унсоколо, Хив районазул халкъиял гьунарчагIаз.

   ХIакъикъаталдаги районазда ругел халкъиял гьунарчагIазул коллективал жакъа руго щибаб халкъалъул хаслъи цIуниялъе сабаблъун. Гьел цадахъал тадбираз, гьудуллъиги щулалъун, жеги гъункизарула нилъер миллатал.

  Наврузалъул байрам, бахIарай иццухъе ячин, васасде цIар ахIи, тIоцебе лъимер киниялда бущи, ригьнахъ ин гIадал, анкьумумузулго батараб гIадат-гIамал бихьизабулеб фестиваль релълъун букIана тIогьол квацIиялда. Церерахъиназе къимат кьолеб жюриги гIуцIун букIана республикаялъул театралияб дунялалда машгьурал гIадамаздаса. Соналдаса соналде театралияб искусство цIубалеб бугин абуна гьез «Халкъияб» абураб цIаралъе мустахIикъал рукIинги тасдикъ гьабулаго. Махщалил рахъ гуребги, жюриялъ лъикIаблъун рикIкIана, гIелаз гIелазухъе кьун, халкъияб театралъул гьунарчагIазда гьоркьор гIолилал ва лъимал гIахьаллъи.